Къурбан-къоялде хIадурлъи

Ветеринарияб справка гьечIого байрамалде бичизе боцIи биччаларо

ТIоцебесеб августалда, «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместитель МухIамад Шапиевас ва ДРялъул муфтияталъул вакил, МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталъул имамазул заместитель МухIамад Къурбандибировас бицана кватIичIого тIаде щолеб Къурбан-къо байрамалде хIадурлъи гьабиялъул хIакъалъулъ.
Данделъи байбихьулаго Энрик Муслимовас баркана тIаде щолеб бугеб Къурбан-байрам, ва бицана республикаялда гьеб тIобитIиялъе план гIуцIун бугин.
«МахIачхъалаялда байрам тIобитIиялъе хIадур гьабун буго кIиго бакI: Ипподромалъул ва Киргуялъул районазда. Гьенир гIахьаллъулел киналниги ведомствабазда лъала байрам тIобитIиялъул план. Къурбан хъвеялъе хIадур гьарурал бакIазда букIине буго хехаб кумекалъул хъулухъги, МЧСалъул хъулухъги, как базе бакI. Тахшагьаралъул администрациялъги гьенибе лъим бачиялъул ва гIадамазе гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул хIалтIаби гьарулел руго. Цересел соназда гIадамазе хIажалъараб боцIул къадаралъул хIисабги гьабун, кидаго гIадин 15000-ялдаса цIикIкIун хIайван букIине буго бичулеб. Ветеринарияб хъулухъалъулаз хал гьабизе буго бичулеб боцIи унтичIеб, сахаб, лъикIаб даражаялъул бугищали. Исламалда рекъон, хъвезе дандекколеб бугищали киналъулго хал гьабизе буго», — ян лъазабуна Энрик Муслимовас.
Исана Къурбан-къо 12 августалде кколеб бугин, амма СагIудиязул гIарабиялда щиб къоялда тIобитIаниги гьезда дандеккезабизе кколин бицана муфтияталъул вакилас. Гьединлъидал, 12 август итни къо – гIодобкъолъун лъазабизеги бегьулин тIаде жубана ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министерствоялъул вакилас.
«Нижеца кидаго гIадин гIуцIун буго, ресукъал хъизамазе, мутагIилзабазе бикьизе гьан къабул гьабулеб бакIги. Гьелъие гIоло нижеца ижараялъе росула холодильникалги. Нижеца цебеккунго боцIул бетIергьабазулгун гара-чIвари гьабула багьаби рахизаругеян гьарун. Къурбан хъолел бакIазда къасимехалъ канлъи чIезабула, гьениб кумек гьабулел волонтеразе ва гьалбадерие квенги чIезабула», — ян бицана МухIамад Къурбандибировас.
ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместителас лъазабуна, ветеринарияб справка гьечIого Къурбан хъвезе рихьизарурал бакIазде боцIи биччазе гьечIин, гьенире рачIунезул хал гьабизе хасаб ветеринарияб хъулухъалъул хIалтIухъабиги рукIине ругин. Къурбан къо тIаде бачIиналде жидерго бичизе бугеб боцIул хал гьабизе бакIалъулал ветеринаразухъе ине кколин боцIи бичулелин абуна гьес.
ПатIимат СултIанмухIамадова