Исрапчилъи

ГIорцIарасда вакъарав кIочене бегьуларо

Бечелъани – бубудун, мискинлъани – мимидун

СМИязул баяназда рекъон, жакъа дунялалда щибаб къоялъ гIор­цIи­зегIан квен щолеб гьечIо миллиард чиясе. Россиялдайин абуни, пакъирлъиялда ругезул къадар 30-40 проценталде бахун буго. Гьеб буго нилъер хIукуматалъ мискинзабазде мугъ рехун букIиналъул хIасил.
Цебего ният букIана дир батIи-батIиял тадбирал тIоритIулаго дагъи­с­танияз кванил, хасго чадил къимат гьабунгутIиялъул бицине. Исрап гьабичIого мадугьалзабазе, къварилъиялда ругезе ва бесдалазе щай кьезе бегьуларел гьел нигIматалин абун ахIи базе. Гьеб нияталде тIадвуссине дун тIамуна 2019 соналъул 17 маялда «Новое дело» газета­лъул № 18 номералда бахъараб ХIажимурад Дамадаевасул «Культура расточительства» абураб макъала цIалидал. ХIажимурадица хъвалеб буго: «Дунги гьудулги цо нухалъ гIарабазул рестораналда гIодорчIун рукIана. АскIоб бугеб столалда нахъа кваналел рукIана лъикIго ретIа-къарал рос-лъади. Кванан рахъунелъул, гьез официантасда лъазабуна гъоркь хутIараб квен жидеца цадахъ босизе бугилан. Хасаб контейнеразда жанибги лъун, хутIараб квен гьез цадахъ босунги ана», — ян.

Бертабалъ, рестораназда, столоваязда нилъер чагIаз квен исрап гьабулеб бихьун, 42 пачалихъалде щварав «Азия» турфирмаялъул учредитель ХIусен ГьитIиномухIамадовас бицана: «ГIантаб чIухIиялъул чагIи руго нилъ. КъватIисел пачалихъазда ресалда ругел чагIазцин гъоркь хутIараб квен, контейнералда жанибги лъун, цадахъ босула, нилъеразин абуни, кванил, ай Аллагьас нилъее кьураб тIагIамалъул гьединаб къимат гьаби ничаб ишлъун рикIкIуна», — ян.
Кваналел бакIазде арав щивав чияс, гIага-шагарго кванил 30 процент, кваначIого гъоркь толеб буго. Гьеб, гIемерисеб, кьишни балелъубе рехула. ГIадада гьелъухъ кьураб гIарцул бицинаро, ракI гъанцIулеб сурат букIуна чIахIиял тадбирал тIоритIулаго столазда тIад хутIулеб, ай гIодобе балеб кванил.
Квен исрап гьабиялъул рахъалъ «тIоцебесеб бакI» ккола нилъер бертабаз, хасго шагьаразда тIоритIулез. Бихьа-рагIиялъе, цогидаздаса бечедаб букIанилан цIар инабиялъул мурадалда, рес бугезги гьечIезги, цоцалъ къецбан тIоритIула бечедал бертаби. Столазда тIад лъезе бакI гIоларого, лъабго-ункъо тIала гьабун гIуцIун букIуна батIи-батIияб квен. Гьедин нигIмат, хасго чед, инжит гьабулеб бихьун, иман бугев чиясул ракI къварилъичIого хутIуларо. Исламалъ малъухъе Къуръаналда тIад щибго жо лъезе бегьуларо. Гьебго заманалда гьукъараб буго чадида тIад Къуръан лъезеги. Хирияб ТIехьалда тIад чед лъезе бегьула, щайгурелъул Къуръаналдасаги чед кIодо гьабун букIун.
БихьичIого божизе захIматаб ва дун цIакъ хIикмалъизавураб цо гьадинаб лъугьа-бахъиналъул мисалги бачина. ХIукуматалъул бикъа­раб гIарцуца мехтарав пуланав хIакимасул авариялда хварав васасул зигараялъ ине ккана ниж. Гьениса рахъунаго хварасул инсуца нижеда абуна, садакъа-тIагIам кваначIого ани, жинда квеш бихьизе бугилан. Турциялъул султIан Сулейманилги жахIда ккелеб гIадаб кIалгIаялъуб, футболалъул майдан гIадаб гIатIилъиялъул азбаралда тIибитIун бугоан нусго чи цадахъ кваназе рес бугеб бечедаб тепси, щибаб столалалда аскIов хъулухъалъе эхетизавун вугоан цо-цо гIолохъанчи. Столазда тIад рукIарал батIи-батIиял нигIматазул къадар рикIкIун хIалкIоларо, цохIо цIурахинкIал рукIана щуго батIиял.
КIудияб балагь тIаде бачIарав чиясул рокъоб гьадигIан бечедаб тепси гIуцIиялъул магIна щибин абун, гIажаиблъун рукIана киналго. Рецц-бакъалъе, гIетI тIечIого данде гьабураб бечелъи, халкъалда бихьизабичIого тезе кIоларо яхI-намусалде мугъ рехарал ва моралияб рахъалъ сакъатал гьединал чагIазда.
Жакъа дунялалда вуго 504 миллион ресукъав бусурбанчи. Гьеб лъалел нилъецайин абуни исрап гьабулеб буго мискинчиясул кIалдибе ине бегьулеб чед, ай квен.
Хирияб кIалккул моцIалъ мажгитахъги чIезабун букIуна кIалбиччазе бокьаразе квен. Гъоркь хутIараб гIе­мерисеб квен кибеха унеб?! БитIараб буго, кьишни балел къалазухъе. БачIунеб буго суал, гьединаб ифтаралъул кирийищ цIикIкIун букIинеб, хIакъищин абураб? ЦIикIкIун кири букIинародай гьелде унел харжазул цо бутIа ресукъал мадугьалзабазе, бесдалазе, мискинзабазе, ай гьелде хIажатал чагIазе кьуни?
Дида лъикI лъалев АхIмад абурав чияс бицана: «Исламияб дин дагь-дагьккун гIадатазде сверизабулеб бугин ккола. ХIисаб гьабе, жакъа хвел-хобалъул тадбир тIобитIулеб бугеб къагIидаялъул. Кинабго жо гьабулеб буго цIаруе, рес бугеблъи бихьизабизе. Гьелъ батила халкъалъ гьелда «хвалил бертин» абун цIар лъунги бугеб. Дие бокьиларо дир хвел гьедин тIобитIизе. Гьединлъидал дица васияталда хъван буго, хабалъ вукъараб лъабабилеб къоялъ жамагIаталъе баркала кьеян, хабада гIадатияб тIалу яги гьитIинабго хъирул ганчIил зани чIваян. Рузмана­лъул сардаз рокъоб къулгьу-алхIам гьабейин ва ресукъал чагIазе садакъа кьейин.
Жакъа хвел-хобалъул тадбирал тIоритIиялда тIад унеб буго гIага-шагарго 350-500 азарго гъуруш. Нижер росулъ гьечIо цониги садакъаялде ккарав чи. Гьединал чагIазе кьураб садакъаялъул щиб кири букIинеб? Гьединлъидал, дир хвел-хобалъул иш тIубайдал, нахъе хутIула гIага-шагарго 250-300 азарго гъуруш. Дидасан ниятги гьабун, гьеб садакъа­де кьезе ккола къварилъи ккарал хъизамазе, ресукъал чагIазе, бесдал лъималазе… Дида бичIчIулеб къагIидаялъ, гьеб букIина Аллагь разияб ва ахираталда дие кири щолеб къагIида», — ян.
Чехьалъул роцен цIехечIого хIажа­лъу­лелдаса гIемер хIадур гьаби, квана­лелдаса цIикIкIун суркIинибе тIей… — гьеле нилъер жакъасеб «исра­палъулаб культура». Гьеб ккола «дихъа гьадин бажарула» абун, чIу­хIи-пахрулъи къватIибе рехун, цIа­руе гьабулеб ишилан хъвалеб бу­го ХIажимурадицаги.
Гьеб рахъалъ церетIурал улкабазул чагIазул буго батIияб, ай «къваригIун гьечIищ, харж гьабуге» абураб культура. Гьез сундулъго гьабула цIуна-къай. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Германиялда гIумру гьабун вугев Владимирица бицана радал цаби чурулаго немцасул цояб квер краналда тIад лъун букIунилан. Щетка биччизегIанасеб лъимги биччан, гьес гьеб лахIзаталда жаниб кран къалила. Гьедин къимат гьабулила немцаз кванилги, хасго чадил. ТIагIамалъул, хасго чадил гьедин къимат гьабулеб буго бечедаб Германиялда, ГIисал диналъул чагIаз, «гIурул рагIалда ругониги, лъим исрап гьабугейин» абун аварагас сундулго къимат гьабизе кколилан малъулеб мехалъ, бусурбабаз кванил нигIматал кьишни балеб къолонире рехулел руго.
Дида лъалей цо гIаданалъ вас хведал, изну кьечIо гIадамаз садакъаде кьураб гIарцудаса гьеб тадбиралда тIад цо копекги хвезабизе. Хвел-хобалъул тадбирал тIурайдал, гIадамаз кьураб кинабго гIарацги кванил нигIматалги гьелъ бесдал лъималазул рукъзабахъе щвезаруна.
Ракъул ва рагъул соназ чIахI кванан, гIатIада гьоркьоб цIоросаролъул хIокI ххенон ракъуца хвеялдаса хвасарлъарал бахIарчиял умумузул наслабазда рекъон букIинаро бечелъани — бубуди, мискинлъани — мимиди. «Мискин-пакъир рази гьаве, язихъасда гурхIел гьабе», — ян гурищ малъулеб бугеб шагIир ЦIадаса ХIамзатица. СалихI ал-Фаузаница хъвалеб буго: «Кьишни балелъубе ва чорокал бакIазде квен, хасго чед рехи ккола исрапчилъи, ай Аллагьасда бищун рихараб гIамал», — ан.
Нури Нуриев