ХIеж — 2019

8600 чиясе бакI

 

ХIежалде ине хIадурлъиялъе гьаризе ругел хIалтIаби байбихьиялъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас тIобитIараб данделъиялда. Исана Дагъистаналдаса хIежалде ине вуго 8600 чи. Нухазда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалда бан, аслияб къагIидаялда, гьенире ине руго самолетазда.
КъватIибе бачIун буго «ХIе­жал­де хIадурлъи — 2019» абураб ДРялъул бетIерав санитарияв тохтурасул хIукмуги.
Данделъиялда гIахьаллъана ДР­ялда бугеб Роспотребнадзора­лъул управлениялъул рахунел ун­табазда хадуб халкквеялъул отде­лалъул начальник Ирина Алжанбековаги.
СагIудиязул ГIарабиялъул къираллъиялъул тIалабаздалъун киназулго рукIине ккола вакцинациял гьарурал сертификаталги.
ХIежалде щвараб мехалда, гриппалде дандеги гьабизе кколеб буго вакцинация.
Рахунел унтабазде данде вакцинаби гьаризе ине ккола С. М. ШихсагIидовасул цIаралда бугеб рахунел унтабазул республикаялъулаб централде.
Централъул адрес: МахIачхъа­ла шагьар, ШихсагIидовасул къватI, 43.