Нухлулазе гIанса

ТалихIалъул кIул

Гьаб дунялалде вачIанщинав инсанас чIамизе буго хвалил кьогIлъи

Хвел

ТIадегIанав Аллагьасул Каламалда буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе ккезе букIиналъул хIакъалъулъ хъван (7:34). Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахIмат. Щайгурелъул рукIунелъулха гIадамал, гIемер хIинкъиялъ хIакъикъаталдаги хвезегIан чIечIого, нусцIул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тIаде щвечIого хвезе гьечIеблъиги, болжал щведал, кигIан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.
Аллагьги кIочон тун, гIумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечIеблъиги хIакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магIишаталъ инсан талихIавлъунги гьавуларо. Гьеб буго, цIараб болжал лъугIидал, расги лъачIого тIаса унеб, тIагIун унеб жо. РакIбацIцIадал, лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ тIахьал цIалидал, якъинго бичIчIула гьадинаб кIиго хIужа:
1. Аллагьасде руссиналъул бакIалда бечелъи-ялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукIарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гIиллалъунги чIола гьединазул талихIкъиналъе.
2. Аллагь ккурал, Аллагьасе мукIурал, Аллагьасул рахIмат-цIоб щвеялъул мурадалда гIумру тIамулел Аллагьасги ккола ва кIодоги гьарула. Гьединал кIиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихIаллъунги рукIуна.
ПиргIан вукIана кверщел кодосев, гIемераб бечелъиялъул бетIергьан. Салманул Фарисийин абуни вукIана мискинчи. Амма гьел кIияздаго гьоркьоб хIакъикъаталдаги бугеб кIудияб батIалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам БетIергьанас цIакъго гIодобегIан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тIадегIан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго ХIалкIолев, ГIакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.

Сабру гьабурасе — рохел

Салат-салам лъеяв аварагасда гьикъидал, балагьал тIаде риччан, Аллагьас хIалбихьулел щал кколелин абун, гьес жаваб гьабуна: «Аварагзаби, Аллагьасул вализаби, Аллагьасде цIикIкIун гIагарал», — ан. Нилъеда лъазе ккола, аварагзаби, вализаби мунагьал гьечIел, ай рацIцIадал ругониги, гьезде рачIунел балагьал-унтаби гьезул даража цIикIкIиналъе рукIин. ТалихIавги гIакъилавги чиги ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва, кинаб букIаниги балагь-къварилъи тIаде бачIиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хIели балев. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хIалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцIи нахъе босиялдалъун, нужеде тIаде батIи-батIиял унтаби, хвелал ри-ччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магIишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кIудияб рохел буго Аллагьасда аскIоб», — ан. Ибну ГIаббасица бицана, гьаб рехсараб аят рещтIараб мехалъ, салат-салам лъеяв аварагас абунин: «Дир напс жинда кодоб бугев Аллагьасул цIаралдалъун дун гьедула, цо бакI хъарсарабгIан ялъуни хIетIе хъущтIарабгIан, къаркъала сорорабгIан къадаралдацин балагь-къварилъи бусурманчиясде тIаде бачIунаро, гьесул мунагь чуризелъун гурони», — ян.
Цоялъухъ кIиго

МухIамад бин Муслим абурав асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Цо пуланав чи, аварагасухъеги вачIун зигардана, жиндир боцIиги лъугIанин, лага-черхги унтанин абун. Цинги хирияв аварагас гьесда абуна: «Къаркъалаги унтуларев, боцIиги дагьлъуларев лагъасулъ лъикIлъи гьечIо. ТIадегIанав Аллагьасе лагъ вокьараб мехалъ, Гьес балагь-къварилъиялде ккезавун гьесул хIалбихьула ва сабру гьабизе тIамула», — ян. Ибну Мубаракица бицана: «Аллагьас тIаде биччараб балагь цо букIуна, гьелда сабруги гьабичIого, лагъ зигардани, гьелъул кIиго балагь лъугьуна: тIоцебесеб — тIаде биччараб балагь, кIиабилеб – гьеб балагьалъухъ кьезе хъвараб кири Аллагьас нахъе боси», — ян.
Аллагь разилъаяв Абу Дардаица бицана: «ГIадамазе мискинлъи бокьуларо, дие гьеб бокьула, гьезие хвел бокьуларо, дун кидаго хвалиде гIишкъуялда вукIуна, гьел унтиялдаса хIинкъун рукIуна, дица, унтараб мехалъ, Аллагьасе шукру гьабула. Дие мискинлъи бокьула, гьелдалъун, Аллагьасе тIагIат гьабун, хIелизе бигьаяб букIиналъ, дие унти бокьула гьеб дир мунагьал чуриялъе сабаблъун букIиналъ, дие хвел бокьула дир Аллагьасухъе ине бугеб гIишкъуялъ», — абун.

ЗахIмалъиги бигьалъиги

Салат-салам лъеяв аварагас абун буго: «Мискинлъи — дунялалда захIмалъи буго, ахираталда — бигьалъи буго. Бечелъи — дунялалда бигьалъи буго, ахираталда — захIмалъи буго», — ян. Къадисиялъул гъазаваталдаса хадуб, бусурбабазе щвараб гъанимаялде тIадеги къулун, ГIумар-асхIаб гIодулев вихьидал, ГIавфил вас ГIабдурахIманица абула: «Я, муъминзабазул бетIер! Гьаб буго бусурбабазе давла щвараб рохалилаб къо, мун щай гIодулев вугев?» — ан. ГIумар-асхIабас абула: «Дуца бицунеб битIараб буго, кинниги гьаб бечелъи гIадамазухъе щвечIо, гьелъ гьезда гьоркьоб тушманлъиги цоцазул ракIал хвейги загьир гьабун гурони», — ян. Гьединлъидал бищун лъикIаб бечелъи ккола бугелда гIей гьабун, гIадамазда гьариялдаса рикIкIалъун чIей. БетIергьанас щивав лагъасе хъван буго ризкъи, гьеб щвечIого цониги инсан гьаб дунялалдасаги унаро. ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго: «Ракьалда тIад цониги инсан яги рухIчIаголъи гьечIо, Аллагьас гьезие ризкъи кьезе Жиндего тIаде босун гурони», — ян.