Мажлис

Лъайги тарбияги щолеб къебелъи

13 октябралда Шамил районалъул Гьандихъ росулъ рагьана мадраса

«ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIуна» абураб умумузул аби цоги нухалда ритIухъ гьабуна гьанхъадерил жамагIаталъ. Гьез къокъабго болжалалда росурагIалда, ай «ГIарукь» абураб бакIалда бана, Дагъистаналда цоги кибго гьечIеб гIадаб, цIакъ берцинаб кIудияб мадраса. Цо-цо чагIазул кумек щваниги, аслияб куцалда мадраса бана жамагIаталъ. Гьеб баялъе кIудияб хIалтIиги гьабуна росдал бегавул МутагIилов ГIабдурахIманхIажияс. Гьевин абуни ккола, хIукуматалъ кьолеб мухьги босичIого хIалтIулев вугев бегавул. Жиндиего щолеб харж гьес кьола росдал хасаб фондалде ва, гьесдаса мисалги босун, жамагIаталъги байбихьана гьединго фондалде, ресалда рекъон, гIарац кьезе. Гьедин данделъараб гIарцухъ гьаруна мадраса баялъе гIемерисел хIалтIабиги.

Мадраса рагьулеб къоялъ тIобитIараб мажлисалда гIахьаллъизе гIемерав чи вачIун вукIана Гьандихъе. Гьезда гьоркьор рукIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-апандиги, гIалим ХасмухIамад-хIажиги, муфтията-лъул мугIрузулаб округалда вугев вакил Магьди-хIажи ГIабидовги, СагIид-апандиясул цIаралда бугеб исламияб университеталъул ректор ГIабдула Ацаевги, муфтиясул заместитель Магьди-хIажи МутагIиловги ва районазул, росабазул имамзабигун диниял хIаракатчагIиги. Гьенир кIалъазе рахъараз бицана гIолеб гIелалъе лъайгун тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул, гьудуллъи-вацлъи цIунизе ккеялъул, щивав чияс тIабигIат берцин гьабиялде кIвар кьезе кколеблъиялъул хIакъалъулъ. Накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул шайих ХIумайд-апандиясул цIар кьураб мадраса рагьулелъул, устарасул гIумруялъул, гьес ракьалда тараб гъваридаб лъалкIалъул хIакъалъулъ бицана МутагIилов Магьди-хIажица.
Инкъилаб ккелалдеги гьелдаса хадуб дагьабго заманалъги гIезегIан машгьураб мадраса букIана Гьандихъ. ХIатта Дагъистаналдаго цIар рагIарав гIалим Кьохъа СултIанмухIамад-хIажица бицунаан гьанхъадерил мадрасаялда цIаларав чи вугин живилан.
Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIараб мажлисалда кIудияб кIалъай гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-апандицаги. Гьес гIолеб гIел ахIана исламиябги дунявиябги лъай тIалаб гьабизе ккеялде, бицана жагьиллъи лъугIизабиялъе сабаб лъай щвеялъулъ букIиналъул хIакъалъулъ. Умумузде хитIаб гьабулагоги абуна лъималазе тарбиягун лъай кьезе сундаго барахщизе бегьуларин ва жакъа нилъее нигIматлъун ругел телефоналги, компьютералги, интернетги гIакълуялда рекъон пайдаялъе хIалтIизаризе кколин.
«Дун вуго гIемерав чиясул бакIалде щолев чи. Амма, киве щваниги, дида лъилниги столалда тIад лъун бихьичIо я месед, я бриллиантал, хIатта гIараццин. Гьеб кинабго жаниб лъолеб гъутухъцин бихьичIо. Дида лъала гьеб бечелъи щивас, гIадан-чиясул бер речIчIулареб бакIалда бахчун букIунеблъи. Гьеб киналдасагоги нилъее хирияб жо буго нилъерго рижи, лъимер, вукIа гьев вас яги яс. Амма нилъеца гьел цIунулел гьечIо, гьелъул гIаксалда, хасго ясал, кодоре хириялдаса хириял телефоналги кьун, битIахъе витринаялда лъун рукIуна. Гьедин бегьуларо. Гьезда малъизе ккола адаб, гьел ругьун гьаризе ккола захIматалде, гьел рукIине ккола тарбияги лъайги бугеллъун. Гьеле гьеб мехалда нилъер жамгIиятги букIине буго цебетIурабги гъункарабги. Ясаз, руччабаз гьарула аварагзабиги, гIалимзабиги, гIакъилзабиги, бахIарзалги. Гьединлъидал нилъеца нилъерго наслу, хасго ясал цIунизе ккола щибаб къойил тIаде гьулчун бачIунеб бугеб гьаб чороклъиялдаса», — ян кIалъана Дагъистаналъул муфти.
Гьединабго магIнаялъул ва кIваралъул кIалъаял гьаруна цогидазги, ахIана мавлидал, гьабуна дугIа-алхIам ва, тIаде вачIанщинав чиясе рекъараб гьоболлъиги гьабун, гьалбалги нухарегIана гьанхъадерил жамагIаталъ.
МухIамад ХIабибов