Сордо халалъунин дунял рогьинчIого чIоларо

ЛъикIаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгIияталъеги пайда гьабула

 

ЛъикIаб иш гьабидал, разилъизеги бачIуна, ракIги бохула. Гьабураб лъикIлъи гIададаги холаро. Аллагьасдаги кIочон толаро лъикIлъи гьабулел. Ракьалда лъикIлъи бекьулев чи хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Жакъа дунялалда щвечIониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьаб дунялалда лъикIлъи гьабурасе данде бецIизе буго гьединабго лъикIлъиялдалъун», — абун.

ЛъикIлъиялъухъ — лъикIлъи

Нилъеда гьоркьорги гIезегIан руго ракьалда лъикIлъи бекьулел гIадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цIар рагIизелъун яги жидеего цо щиб бугониги гьаб дунялалда щвезелъун, гьединаз хIалтIиги гьабуларо. Гьез лъикIлъи бекьула Аллагьасе гIоло, гьединазул лъалкIги ракьалдаса киданиги тIагIунаро. Цо гIакъилав чияс хъвалеб буго дуде тIаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хIалбихьийин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тIагIам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекIее лъугьунеб бигьалъи. ХIакъикъат гьединаб буго, пикру гьабуразда гурони гьелъул тIагIамги лъаларо. Мунагьазул бакIаб гьиргун ахираталде арай пуланай гIадан алжаналде арайила къечалъ холеб букIараб гьведуе лъим кьуралъухъ. Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьабурав Аллагьасдаги кIочон толаро. Къуръаналда бугелъулха, БетIергьанасе лъикIлъи гьабулел рокьулин. ХIакъаб жо, захI­малъи-къварилъиялда хадуб гIа­тIилъи-бигьалъиги бачIуна. Ки­гIанго цIакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчIого чIоларо. Рухьен къарабгIан, гьеб тIечIого хутIуларо. МагIу хисула гьимиялъ, пашманлъи – рохалица. Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукIалиде ккечIого хутIуларо, къваригIунеб жо буго, Аллагьасде мугъчIвайги гьабун, гIицIго сабуралда рукIин. Сабуралъул тIиналдайин батулеб тIогьол майдан.

ЗахIмат бихьичIого рахIат щоларо

ГIакълу бугев чиясухъа бажарула жиндиего ккараб зарал хайиралде буссинабунги. Маккаялдаса нахъе къотIидал, Мадинаялде гочарав МухIамад аварагасухъа бажарана гучаб пачалихъ гIуцIун. Аллагьасул хIукмуялдалъун гьесухъа бажарана квешлъи лъикIлъиялде буссинабун. ГIакъуба-гIазаб чIамизе ккаразул гIемерисел жидерго ишаздалъунги цIигьарияздалъунги машгьурлъана. Къварилъабазул цIураб лълъар гьекъарал шагIирзабазги хъвадарухъабазги хъвана гIаламалъего асар гьабурал асарал. Лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тIаде лъим тIуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъирабалеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хIаракат бахъе, гIакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чIун, тавакалалъул чодаги рекIун, квешлъи лъикIлъиялде буссинабизе. Роза тIегьалъул хIобода рукIуна зазал. Амма гьелъул тIарада батула ракI тIаде цIалеб берцинаб тIегь. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магIна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракIкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикIаб», — абун (2:216). Аварагасул хIадисалдаги буго: «Ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халал­ъи­зе бокьарав чияс жиндие квешлъи гьабуразеги лъикIлъи гьабе», — ян (Бухари).
ГIурусазул хъвадарухъан Антон Чеховасул цо хъвай-хъвагIаялда руго гьадинал мухъал: «Жиндирго рухI хвасарлъиялъул мурадалда, бусурбанчияс нахъе тола жинцаго бухъа­раб гъуй, бахъараб ицц. ЛъикIаб букIинаан щивав чиясги гьединабго ицц, школа ва цогидабги, ай халкъалъ абадиялъ пайда босулеб жо нахъе танани. Гьелъ бихьизеги гьабилаан гьаб ракьалда дуца гIадада гIумру тIамичIолъи», — ян.
Чеховасул хIакъалъулъ бицен ккун букIаго абила, гьаб ракьалда 44 сонги бан ана гьев ахираталде. 20-гIан соналъ унтун вукIана туберкулезалъ. Къокъабго гIумруялда жаниб, тIадежоялъе, туберкулезалъ унтарав чияс ракьалда тана цIакъго гъваридаб лъалкI. Дунялалда гIумру гьабун ругел гIемерисел халкъазул мацIазде руссинарурал тIахьал хъвай гуребги, гьес гIемераб хIалтIи гьабуна жамгIиял ишазулъги. Масала, ункъо росулъ рана школал, жиндирго гIагараб Таганрог шагьаралъул рагIалда бана Петр ТIоцевесесе памятник, гьенибго гIуцIана жамгIияб библиотека ва 14 соналъ гьеб хьезабуна тIахьаздалъун. Мелиховалда гIумру гьабун вугеб мехалда, тохтур хIисабалда, гьес сахгьавуна аза-азар векьарухъан, вабаъ багъарараб заманалда хъулухъ гьабуна 25 росдае. Живго лъикIав лъугьун ана Сахалиналде, хъвай-хъвагIай гьабуна гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул ва «Сахалин чIинкIиллъи» абураб тIехьги къватIибе биччана. Добго Мелиховалда чIана азаргоялдасаги цIикIкIун жагадул гъветI, гIицIаб авлахъалда батIи-батIиял гъутIби чIун гIезабуна рохь, гьединабго хIалтIи гьабуна, гIемерал гъутIби чIана Крымалда. Гьадинал мисалал гIемерал рехсезе бегьула. Гьеб тайпаялъул чагIи нилъеда гьоркьорги ругелъулха. Гьелги ккола, хIакъикъаталдаги, жидеда талихI батарал, талихIалъул къимат гьабизе лъарал гIадамал.

Бугелда разилъи —
хIакъикъияб талихI

Амма цо-цо рукIуна, талихI бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадулелги. Гьоркьов щивго тун вукIунаро, гIумруялдехун гьабулеб бербалагьи букIуна щивасул батIи-батIияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гIайиб. Гьелъие гIайибияллъун цогидал гIадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букIине кколедухъ гIумрудул къимат гьабунгутIи ва гьабизе лъангутIи. Гьединал чагIаз гIемер абула цо пуланаб жо щвани, дидаса талихIав чи вукIинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хIалтIиги щвани, машгьурлъиги бачIани, рикIкIине бегьилаха талихIавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукIуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечIого, къечонги хола. Гьединал чагIазда бичIчIуларо инсанасул анищазе гIурхъиго букIунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикIкIуна талихIалъ рехун таравлъун. Гьедин букIуна хвезегIан. Гьединал чагIазул талихIкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутIиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукIуна жидерго гьечIеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо БетIергьанас жидее кьуралдаса разиго рукIине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гIакълу бугев чияс киданиги абизе гьечIо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукIине вугин дун талихIавлъунин. Бугелда разилъи, БетIергьанасе рецц гьаби — гьеле талихIав чиясул хасият. Шукру гьабуни, жеги цIикIкIинабулинги абун бугелъул, БетIергьанас цIикIкIинабула ва гьединав чи жеги талихIавлъунги лъугьуна. ТалихI буго щивав чиясул рекIелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.
МухIамадхIабиб МахIатIов