Баркалаялъул кагъат

ХIеж тIубан тIадруссана

 

ХIажизабазе хъулухъ гьабуна «щуйил» къиматалда

Цебе нилъер гIадамал жалго ине кколаан, кинаб бугониги туристазулаб фирмаги балагьун, гьелъул кумекалдалъун хIежалде. Сапаралъ рахъиндал, кинаб бугониги къварилъиялде ккани, кумек щвечIого хутIиялъул хIужабиги гIемер ру­кIана. Гьединго хIужаби кколаан визабиги рачIинчIого, гIарацги нахъе щвечIого хутIиялъулги.
Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, исана Ленинаул, Калининаул, Алмахъ росабазул имамзабазул хIукму ккана рехсарал росабалъа хIежалде унезул къокъаялъе нухмалъи гьабизе Калининаул росдал имам ГIабдулвагьабов МухIамадрасул-хIажиги, гьесул кумекчагIилъун Ленинаул росдал имам Абубакаров ГIамиргIали-хIажиги, ГIумаров ХIабиб-хIажиги тун, лъабабго росдал гIадамаздасан цо самолета­лъул рейсалъе гIураб къокъа гIуцIизе. Кинабго хIалтIиги тIубана гьев лъабавго чияс, хIежалде унев 129 чиясул цонигияв къватIиве вахъинеги ккечIого. Кин батаниги, рейсалъе гIурал лъабабго росдал гIадамалги данделъичIого, «Марва» турфирмаялъ нижер къокъаялде тIаде жубана Дилим росулъа МухIамадгъазиев МухIамадрасул-хIажицаги ГIумаров Юсуп-хIажицаги нухмалъи гьабулеб 86 чи вугеб кIиго къокъаги.
ХIежалде унезе нухмалъи гьаби кIвар цIикIкIараб суал букIин хIисабалдеги босун, хIежалъул суал тIубазабулел нухмалъулезул цеве­хъан Темирбулатов Казим-хIажица, «Марва» турфирмаялъул бетIерав директор Къурбанов Булатида цадахъ, июнь-июль моцIазул щибаб гьатIан къоялъ дандеги ракIарун, хасал дарсал кьуна ва экзамен кьезе кIвечIезе хIажизаби рачун ине ихтиярги кьечIо. Гьез гьабураб хIалтIиги кьочIое босун, нижер къокъая­лъул нухмалъулез байбихьана щибаб шамат, итни къояз хIеж тIубаялъул дарсал кьезе. Гьелъул хIасилалда, хирияб ракьалде щвелалде, щивав чияс лъазарун рукIана хIежалъул рукнаби, ХIарамалъул ракьалда гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалазул баянал. Гьединаб хIадурлъигун 8 августалда 129 чияс сапар бухьана хирияб ракьалде.
Нижеда цадахъ рукIана руччабиги. Гьезие малъа-хъвай гьабизе тIадкъан букIана Ленинаул росдал имам Абубакаров ГIамиргIали-хIажил лъади Абубакарова ГIайишат-хIажида. Гьелъги тIадкъараб хIалтIи ракIбацIцIадго тIубана. Ниж, хасго тIоцере хIеж борхулел, хIинкъун рукIана гьенир кIудиял захIмалъаби рукIинин абун, амма, тIоцебе Аллагьасулги хадуб нухмалъи гьабизе таразулги кумекалдалъун, берцинго хIежги борхана, гIемерал зияратаздеги щвана.
Гостиницаялдаса ХIарамалде ине кколаан кIиго автобусги хисун. МашаАллагь, «Марва» турфирмаялъул нухмалъиялъ хIалтIи гIуцIун бугоан тIадегIанаб даражаялда. Дагъистаниязе кумек гьабизе тIамун ратана Мисриханов Шамил, Халилулаев МуртазгIали ва МухIамадов Сулай­ман. Гьез гIадин ракIбацIцIадго хIал­тIи гьабулел чагIиги дида рихьичIо. Гьезул хIаракаталдалъун цо диналъул яцалъул билараб телефонцин кодобе щвана.
25 сордо-къо ХIарамалъул ракьалдаги бан, хIеж тIубаялъул киналго шартIалги тIуран, 2 сентябралъул радал ниж МахIачхъалаялъул аэропорталда самолеталдаса рещтIи­налде, МухIамадрасул-хIажицаги, ГIамиргIали-хIажицаги, ХIабиб-хIа­жи­цаги хIадурун ратана росулъе рекIине «Икарус» автобусал. Нижеда дандчIвазе рачIарал росабазул жамагIат бихьидал, рохалие гIор­хъиги букIинчIо. Гьениб мажлисги гьабун, руччаби-хIажизабазе махI берцинал тIугьдузул квацIабиги кьолаго, руччабаз руччабазда, бихьиназ бихьиназда хIеж тIубай баркана ва хIажизаби жиде-жидер рокъоре нухда тIоритIана.
Ахиралдаги, дие бокьун буго хIа­жи­забазул рахъалдасан тIадехун цIа­рал рехсарал ва рехсечIого хутIарал диналъул вацазеги яцазеги ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе.
СагIит Алтумирзаев