ЛъикIаб тадбир

Какги ахIана, рузманги бана

Шамил-имам Калуга шагьаралдаса нахъе аралдаса исана тIубала 150 сон

Имамас гьеб шагьаралда гIумру гьабуна 9 соналъ (1859-1868). Дагьаб цебегIанин абуни имамас гIумру гьабун букIараб рокъоб какги ахIана, рузманалъул какги бана. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член ГIалиасхIаб Хархачаевас:
— Цо заман букIана имамас Калугаялда гIумру гьабулеб букIараблъи бакIалъулал гIадамазда нилъедасаги цIикIкIун лъалеб. 1985 соналда Калугаялде щвараб мехалда, жамгIияб транспорталдаги рекIун унаго, дица гIадамазда цIехолеб бу­кIана Шамил-имамас гIумру гьа­булеб букIараб минаялде кин ине кко­левилан. ЦIех-рех гьабуразул 10-ясда гьоркьоса 8-яс бицана мухI­канаб адрес. Гьелдалъун бихьулеб букIана Калуга шагьара­лъул гIадамазда имамасул хIакъалъулъ лъалеб букIараблъи. Имамас гIумру гьабулеб букIараб минаялъуве лъугьиндал, дида дандчIвай гьабурай цо гIаданалъ абуна гьаниб Шамил-имамасул хIурматалда гIуцIараб бокIонги бугилан. Доб заманалда гьединаб бакI батилин лъидаха ракIалде кколебго букIараб. БитIараб бицани, дун хIикмалъун хутIана гьединаб бакI батидал, гьениб хъвараб баян битIараб букIинчIониги. Доб заманалда имам рикIкIунев вукIаралъулха Англиялъул жасуслъун, турказ витIарав чилъун. Кин батаниги, калугаялъулаз цIунун батана имамас жаниб гIумру гьабураб рукъ. 1997 соналда МахIачхъалаялда къабул гьабураб документалда ре­къон, МахIачхъалаги Калугаги лъазаруна вацлъиялъулал шагьараллъун, ва дунги тана Калугаялда вугев МахIачхъалаялъул вакиллъун. Доб мехалда Калугаялда гIумру гьабун вукIана шагьаралъул ЖамгIияб палатаялъул член Шагьбазов СултIан. Гьесул кумекалдалъун бажарана Шамил-имамас чIей гьабун букIараб рокъоб музей рагьизеги.
2013 соналъул 28 апрелалда, имам Шамил-имамасул цIаралда бугеб музей рагьулеб тадбиралда гIахьаллъизе рачIун рукIана муфтияталъул вакилзабиги. Баркала буго нилъер муфти, шайих АхIмад-апандие, гьесул кIудияб кумек щвана гьеб рагьиялъе гьабулеб хIалтIуеги. Доб мехалда мавлидал цIалана, дугIа гьабуна музеялда цебе бугеб къотIноб. Исанасеб тадбир тIобитIулелъулги гIемераб хабар бицине ккана шагьаралъул нухмалъулезда, гьезда бичIчIизабуна тIобитIулеб бугеб мажлисалъул пайда. Хадуб диналъул вац НурмухIамадида тIадкъана как базе 15 чи данде гьавейилан. Жеги цIикIкIун чиясе бакI гьениб гIезе букIинчIо. ЦIараб болжалалде гьел гьенире данделъана ва Дахадаев районалдаса Калугаялда гIумру гьабун вугев Мурад МухIамадовас какги ахIана, НурмухIамадица имамлъиги гьабун, рузманги бана. Гьебги ккана ахираб 150 соналда жаниб гьениб тIоцебесеб нухалда ахIараб ва бараб как.
МухIамадрасул МухIамадов