Ракьалда лъалкIал

ЛъикIал тIабигIатазул ахикь

Муридзабазул ракIазулъ нурлъунги рещтIарав, чирахълъунги гвангъарав

«Дица нуж киналго ахIула тавбуялде, вацлъи цIуниялде, цоцазде адабалдалъун ралагьизе, цоцазда тIасалъугьине. Гьеб кинабго гьабизе нилъее квалквал гьабула напсалъ. Амма нилъер бахIарчилъиги, къуватги, иманалъул къвакIиги гIезе ккола гьеб къезабизе. РачIа, цадахъ рекъон хIалтIизе, гIумру гьабизе, цо хъизамалъул чагIи гIадин рукIине. Нилъеца нилъерго мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи».
Дагъистаналъул муфти АхIмад-апанди

Сардил гIуж. Киса-кибего сихIкъотIи. Зодихъан гордухъе баккун бугеб шагьримоцIалъ реэдулел руго дир пикраби. МоцIрое хIалае лъугьун, хьолбохъ кенчIолел цIвабзазги кумек гьабун, битIахъего лъедолей йиго дун хIикматаб тIохьол гIишкъул карачелабазулъ.
ЛъикIал тIабигIатазул ах — гьадинаб хIикматаб цIар кьураб тIехь хъвана Дагъистаналъул муфтияс. ТIатIала юссун, чанго нухалда цIаланиги, цIидасанги ракI гьеб ахикье цIала. Лъималазеги, гIолилазеги, гьоркьохъеб ригьалъул гIадамазеги, гIумруялъул бакъ щинкIун унезеги — киназего гьеб тIехь ккола рекIеда кьаву чIвазе толареб рухIияб ирслъун. ТIоцебе гьеб цIалидал, дир рекIелъ рещтIараб асаралъул хIакъалъулъ бицине рагIабицин гIолел гьечIо. ГIумруялдехун букIараб бербалагьиги хисана, пикрабазул чвахиги хисана. ХIалбихьана дирго цо-цо гIамалал хисизаризеги. БитIарабги буго — лъикIлъи бекьани, гьелъ кьолеб бачIинги цIакъго бечедаб букIуна. Гьелъул хIасилалда гьулчун рачIуна лъикIлъиялъул карачелал. Гьез нилъер ракIазулъаги ракьалдасаги — киса-кибего хъамула квешлъи. Ва лъикIал тIабигIатазул ахикь бижараб пихъил букIуна гIажаибго берцинаб тIагIам. Санал аниги, инсанасул гIумру лъугIаниги, ракьалда хутIула лъикIал гIамалаздаса гьес гIезабураб ах. Гьенир хIухьбахъизе рещтIараз ракIалдещвезавизе ву­го щибаб лахIзаталъ гьеб ахил бетIергьан.
Ракьалда лъикIлъиялъул лъалкIал тей — гьеле щивасул парзги суннатги. Дуцаго гьабураб лъикIлъиялъ цогидал талихIаллъун гьарулел ругони, гьелдаса кIудияб рохел щибха букIинеб!? Гьеб рохел букIине буго дур гIумруялъул сангарлъунги. Гьеб рохелалъ роцIинабураб гIумруги дуегоги лъугьине буго лъикIал тIабигIатазул ахлъун.
Гьеле гьединаб, цо-цоккун чIарал гъутIбузул лъугьараб гIажаибго хIикматаб ахикь гIумру гьабулеб буго рикIкIен гIемерал муридзабаз рухIияв эменлъун рикIкIунев Дагъис­таналъул муфти, шайих АхIмад-апандица.
Исана августалда 25 сон тIубана гьев муфтилъун таралдаса. Къоло щуябго соналъ гIезабулеб буго гьес жиндирго лъикIлъабазул ах. Къойи­даса къойиде, соналдаса соналде тIегьалеб буго гьеб. Ва гьениб гьоболлъи балеб буго дицаги.
Гьаб гьитIинабго макъалаял­да бицун бахъинаро АхIмад-апан­­диясул лъикIлъабазулги тIа­­дегIанлъиялъулги хIакъалъулъ. РакIал­де­щве­за­­ризе рокьун руго гIа­дамазе пайда кIу­­диял цо-цо ишал.

Социалиял проектал

1) «Инсан» — гурхIел-рахIмуялъул фонд.
Фондалъ хIалтIи байбихьана Ма­хIач­хъалаялъул аслияб мажгиталда. Гьелъул хIакъалъулъ дица цебеги хъван букIана газеталда. ГIумруялдехун билараб божилъи гIадамазухъе тIадбусси­наби — гьеле фондалъул аслияб хIалтIи: гурхIел-рахIмуялъул акциял, мискинзабазе кьолеб садакъа, бесдаллъималазул къисматалъе гьимараб бакъ, бакъулаб хинлъигун чиякъазухъе, чадикъазухъе, унтаразухъе рещтIараб нур. Фондалъ кумек гьабула цохIо дагъистаниязе гуребги. Масала, гъоркьиса 11,5 млн. гъуршиде росарал кванил нигIматаздалъун кумек гьабуна Сириялъе.
2) 2003 соналда МахIачхъалаялда кьучIдасанго бухIана сакъатал лъималазул школа. Гьелъул хIасилалда хвана 31 лъимер. ГIемер заман ана школа букIараб бакIалда хутIараб чIобогояб ракьул дагIба-рагIиялда. Гьеб суал роцIинабуна муфтиясул квербакъиялдалъун. Гьесул жигаралдалъун гьениб бана лъимал ракIалдещвеялъул парк.
3) Балеб буго унго-унголъун­ги халкъияблъун лъугьараб ГIи­са аварагасул цIаралда бугеб ру­­хIияб центр. Гьелъулги мурад — гIе­мермиллатазулаб Дагъистаналъу­л ру­хIиял, культуриял ва цогидалги миллиял бечелъабазул цолъи. Центр лъугьине буго дагъистаниязул ру­хIияб гъанситолъун.
4) «Маидат» рестораналда рагьун буго сордо-къоялъул бокьараб заманалда ресукъал кваназе рес бугеб столовая. Гьелъие къваригIунаро я талон яги гIарза.

Лъайкьеялъул проектал

1) Муфтиясул квербакъиялдалъу­н республикаялъул тахшагьаралда рагьана А. Юсуповасул цIаралда бугеб школа ва «Алжаналъул хIанчIи» абураб ясли-ах.
2) 2006 соналда рагьараб гуманитарияб колледжалда лъай босула нус-нус гIолилаз.
3) 2004 соналда рагьараб гуманитарияб институталда кьола дуня­вияб­ги диниябги лъай.
КIудияб кIвар кьолеб буго АхIмад-апандияс теологал, лингвистал, экономистал, журналистал хIадур гьариялде.

СахлъицIуниялъул проектал

1) АхIмад-апандиясул жигаралда­лъун 2011 соналда МахIачхъалаялда рагьана С. Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъул колледж.
2) Исана МахIачхъалаялда рагьана 120 унтарасе бакI бугеб шагьаралъу­л №3 больница. Гьелъиеги квербакъана АхIмад-апандияс. Гьенир хIалтIулел руго лъикIазда лъикIал тохтурзаби. Медицинаялъул алаталги руго бищунго лъикIазул цоял. Гьенибго буго поликлини­каги.

Ва цогидалги ишал…

1) 2001 соналда хIалтIизе лъугьана исламалъулаб дунялалъул бицунеб инфомациялъулаб «Ислам. Ру.» портал.
2) 2002 соналда къватIибе бачIана «Ислам» журнал.
3) 1994 соналда къватIибе бачIараб «Ас-салам» газеталъул тираж бахана 160 азаргоялде. Гьеб биччала Россиялъул халкъазул ичIго батIияб мацIалда. Редакциялъул советалде гьоркьове уна Дагъистаналъул муфти АхIмад-апандиги.
Бокьун гьечIо гьаб хIикматаб ахикьа нахъе ине.
Гьаниб бижараб щибаб гъотIол буго жиндирго къиса. Гьел къисабаз къалъизабулеб буго гIадамазул гIумру…
РухIдаллъизе бачIуна гьесул гIум­руялда, нус-нус муридас жидерго рухIияв эменлъун рикIкIунев инсанасда. Унго-унголъунгиха гьес бахъулеб хIаракат батIиял диназул гIадамазул ишалги ракIалги цолъизаризе. Киса-кивего- маслихIатазда, насихIатазда, гара-чIвариязда…
Ракьалде витIулелъул, ТIаде­гIанас гьесда тIадкъан букIун бугеб цIакъго кIудияб жавабчилъиялъул иш. Гьелъие ритIухъавлъун хутIарав, Дагъистаналъул рухIияб гъанситохъ гвангъун рекIараб цIалъун наслабазе хутIизе вугев гIажаибго хIайранаб къисмата­лъул инсан, Дагъистаналъу­л муф­ти, шайих АхIмад-апандиясе гьа­­ризе бокьун буго гIадамазе пайда­гун тIамулеб бугеб гIумруялъулъ гIицI­го тIогьолаб шагьра…
Шамай Хъазанбиева