БежтIа – Аварагасул асарал

 

   28-31 маялда свалат-салам лъеяв Аварагасул асарал рачIун рукIана БежтIа росулъе. Кинабниги букIана 26 асар. МухIаммад аварагасул яс ПатIиматил кверзул гьобоги, Халид-асхIабасул къолденги, БилаласхIабасул парччиги, аварагасулги Шамил имамасул заманалъулги хвалчаби ва цогидалги алатал. Гьездаго гьоркьоб букIана МухIаммад аварагасул ботIрол расги.

 

  Республикаялъул нухмалъиялъулги хIакимзабазулги хIетIе къанагIатги чIолареб бежтIадерил ракьалда рещтIана Аварагасул асарал – гьелдаса кIудияб даражаги рохелги букIунебго батиларо… Гьединаб пикругун къабул гьабуна БежтIа участокалъул росабазул жамагIатаз гьеб тадбир. Аварагасул асарал церелъезе хIадурана дагьалъ цебе бараб Спорталъул кIалгIа. КIигониги анкьалъ цебе байбихьана хириял асаралгун дандчIваялде хIадурлъизе. Сверухълъиялда рацIцIалъи гьаби гуребги, чIагоял тIугьдулги сокIкIун хIадурана хириял калимаби хъварал игIланал. Спорталъул кIалгIаялда хьолбохъ бана тIадхъел бугеб халатаб жанахI — тIаде рачIарал гьалбадерие санагIатаб бокIон. Росулъе вачIарав щивав чи кваназавизе къачIана богорукъ. ННТялъул мухбирас бицухъе, бежтIадерица кваназавуна 15 азарго гьобол.

   Аварагасул асарал рихьизе рачIунел гIадамал гIемерлъун, росдал дибирас бежтIадерида гьарана цин гьалбадерие рес кьейилан абун. ЦIунтIасагун ЛъаратIаса, ЦIумадасагун Унсоколоса, Хьаргабисагун Хунзахъа, Шамил, ГIахьвахъ, Болъихъ районаздаса, ай киналниги районаздаса гьалбал къабул гьаруна бежтIадерица. Асаразухъ балагьизе рачIаразе рес щвана гьенир гIуцIарал цогидал тадбираздаги гIахьаллъизе. «Щивав бусурбанчиясе хириял гьал асаразухъе зиярат гьабулел гIадамал пикрабаз рачуна нилъер аварагасги асхIабзабазги гIумру гьабулеб букIараб заманалде. Жакъасеб халкъалъул гIумру дозул гIумругун дандекквезе тIамула, гьезда релълъине таваккал тIамизабула, ракI гьесизабула баракатаб гIумру гьабизе. Гьадинал тадбираз гъункизарула республикаялъул батIи-батIиял бакIазда гIумру гьабулел бусурбаби. Аслияб мурад – нилъ киналго цолъи ва ракьалда парахатаб ракълилаб гIумру букIин», — ан бицана МугIрузулаб территориалияб округалда вугев муфтияталъул вакил Казим Темирбулатовас.

БежтIа участокалъул бетIер ХIусен ХIайбулаевас баркала кьуна муфтияталъеги шайих АхIмад-апандиеги гьединаб лъикIаб ва пайдаяб тадбир гIуцIизе рес батаралъухъ.

   «Шукру Аллагьасе, АлхIамдулиллагь, жакъа бихьулеб буго моцI гIанасеб заманалъ гьабураб хIадурлъиялъул хIасил. Дида ккола, дун макьилъ вугилан – киналго макьилъ ратила. Амма гьеб макьидаса рорчIизего бокьилароан нижее. Гьадинаб мажлис киданиги букIинчIо росулъ. Аллагьас киназего сахлъи кьеги, иманалъ ракIал къалъизареги, ахираталда батулеб гIамалалъе тавпикъ кьеги», — ян гьарана росдал кIудияб мажгиталъул имам Мурад ХIажимурадовас.

28 маялдаса нахъе, телефоналдаса цоцазухъе ритIун, росулъе рачIине рес ккечIел бежтIадериеги гIахьал гьабуна гьеб багьа къиматаб байрам. Рехселин аварагасул асаразухъе зиярат гьабизе рес щварал талихIал бусурбабазул цо-цо пикраби.

    «Кутакалда рази йиго хириял асарал рихьизе рес щвеялдаса. Гьезухъ балагьизе сонги жакъаги ячIана дун, метерги ячIина – Аварагасде гIащикълъун йиго! Киназего сахлъи кьеги, ракIалда ругел мурадал тIураги», — ян рохел загьир гьабуна ХашархотIаса ГIисакъова ПатIиматица.

«Дун ккола БежтIаса, гIумру гьабун вуго МахIачхъалаялда. Аварагасул асарал эхеде щвезарулеб къокъаялда гъорлъ вукIана дунги. Нухда нижеда дандчIвазе рахъана магIарул киналго районазул жамагIатал. Шагьранухда тIамун халичабигун, Аварагасде свалат битIулаго, машинабазда тIаде тIугьдул ралаго, нухарегIана гьез нижер къокъа. Гьеб буго нилъер аварагасул адаб гьабиги бусурбабазул цолъиги. Гьелъ дир ракIалъе гьабураб асар загьир гьабизе рагIабицин ратуларо.

Нижер росдал тарихалда меседил хатIалъ хъван хутIулеб ва жамагIаталъе кIудияб кIвар гьабураб, гьеб гъункизабураб, гIадамазул ракIал гвангъизарураб тадбир буго гьаб. КIудияб баркала буго ДРялъул муфтияталъе, Аварагасул асаралгун нижехъе рачIаразе, гьезул адаб загьир гьабун, БежтIе щварал цогидал районазулгун росабазул жамагIатазе. Аллагьас нуж кIодо гьареги!» — ян бицана Пахрудинов Рамазаница.

«Гьайбатаб лъугьа-бахъин, ма ша Аллагь! Нижее гьадинаб кIочонареб асар сайгъат гьабуралъухъ киназего баркала! Аллагьас рази гьареги, хъизан-рукъалдаса рохун таги!» — ян гьара-рахьи гьабуна ХIабсат Ражабовалъ.

«Рецц буго Аллагьасе, баркала гьаб тадбир гIуцIаразе! Жакъа хваниги ургъел гьечIо. БежтIадерие гьаб рохел бачIарал киналго Аллагьасги рохизареги. Нижеда киданиги ракIалда букIинчIо гьадигIан кIудияб талихI бихьилин абун», — ин бицана ПатIимат ГIарадаховалъ.

БежтIа ункъо къо бана хириял асараз.

Кавсарат Сулейманова