Барка Шагьру Рамазан

ХIурматиял бусурбаби. «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб хирияб рамазан моцI.

Хирияв аварагасул хIадисалда буго рамазан моцIалъ алжаналъул нуцIби рагьун рукIунин абун. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккела алжаналде рачунел гIамалал гьаризе, гIибадат цIикIкIинабизе. Гьаб хирияб моцIалъ нилъеда тIадаб буго цохIо кIал кквезе гуребги, гьелдаго цадахъ хIажат гьечIебщиналдаса, чияе зарал-зиян гьабиялдаса рикIкIад чIезеги.
Жакъа нилъеда аскIор гIемер руго нилъер кумекалде ккарал. Гьединазе кумек гьабиги буго БетIергьанасда цебе нилъеда тIадаб налъи. Хасго гьаб хирияб моцIалъ гьединазе садакъа гьабизе БетIергьанас нилъее къуватги, сахлъиги, таваккалги кьеги.
Аллагьас квербакъаги лъикIабщинаб гьабизе, хирияб моцIалъул хIурматги гьабун гьелдаса пайда босизе, БетIергьанасе гьабулеб гIибадат цIикIкIинабизе, Къуръан цIализе ва гIагарал-божарал рази гьаризе. Амин.