1009 соналда хъварабги Къуръан цIунун буго  

 

Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда ва жалго бетIергьанал чагIазухъ цIунун буго гIараб мацIалъ квералъ хъварал ва басмаханаялда кьабурал тIахьазул нахърател (фонд). ГIараб мацIалъ квералъ хъварал тIахьазул цIикIкIарасеб бутIа бакIарун буго РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул Квералъ хъварал къанагIатал тIахьазул фондалда. Гьеб фонд рикIкIуна Северияб Кавказалда бищунго бечедаблъун, Россиялда — бищун кIудиязул цояблъун. Гьенир цIунун руго гIарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацIазда церего басмаялда рахъарал тIахьал ва архивазул документал.

Нижергун ккараб гара-чIвариялда Бакъбаккул хъвавул памятниказул хIакъалъулъ бицана Фондалъул квералъ хъварал асаразул отделалъул заведующий МухIамад ШехмухIамадовас.

— МухIамад, гIаммаб куцалда, кин гIуцIараб гIараб мацIалъ квералъ хъварал тIахьазул фонд?

— ГIараб мацIалъ квералъ хъварал тIахьазул фонд гIуцIана 1945 соналда, Миллияб маданияталъул институталъул квералъ хъварал баяназул ва Дагъистаналъул краеведениялъул музеялъул кьучIалда. Амма цIикIкIараб къадаралда фонд бечед гьабуна ХХ гIасруялъул 50-70 соназ­да щибаб соналъ тIоритIарал археографикиял экспедицияз ракIарарал материалаз. СССРалъул АНалъул Президиумалъул буюрухъалда ре­къон, 1963 соналда гIуцIана гIараб мацIалъ квералъ хъварал тIахьазул отдел, хадуб гьеб сверизабуна востоковедениялъул отделалде, заманалдасан гьелъие кьуна «Востоковедениялъул центр» абураб статус. Централъул аслиял масъалабилъун рихьизаруна бакъбаккул мацIазда Дагъистаналъул хъвавул культураялъул памятникал тIиритIизари, гьезул суратал рахъи, хъвай-хъвагIаял гьари ва басмаялда рахъин.

— Гьеб заманалда жаниб щиб гьабун бажарараб нужехъа?

— Централъ кIудияб хIалтIи гьабуна Дагъистаналда бакIарараб квералъ хъвараб цебесеб заманалъул ирс тIибитIизабиялъе, хIисабалде босиялъе ва цIех-рех гьабиялъе. Гьеб ккола Гьоркьохъеб Азиялдаса, ГIагараб ва Гьоркьохъеб Востокалдаса Дагъистаналде росун рачIарал тIахьазул культуриял памятникал, гьединго гIарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацIазда хъварал бакIалъул авторазул асарал. Жакъа къоялда Фондалда цIунун буго батIи-батIияб заманалда Бакъбаккул бусурбабазул улкабазда (Сириялда, Египеталда, Ираналда, Турциялда, Гьоркьохъеб Азиялъул областазда, Закавказьеялда), копиял хIисабалда, квералъ тIаса хъвараб лъабазаргоялдаса цIикIкIараб тIехь, гьединго азаралда щунусгоялдаса цIикIкIун Дагъистаналъул халкъазул ва Стамбулалда, Къагьиралда, Казаналда, Темир-Хан-Шураялда, Порт-Петровскиялда, Тегераналда гIараб мацIазда басмаялда бахъараб тIехь, къватIисел улкабазул ва Россиялъул библиотекабаздаса данде гьабураб анлъазарго кагъат ва лъабнусгоялдасаги цIикIкIун микрофильм, ксерокопия ва фотосурат. Гьоркьохъел гIасрабазул авторазул гIемерисел асарал ккола цереккун Дагъистаналда тIиритIун рукIарал асаразда тIасан хъварал. Гьеб гуребги, автографал гIадин, Фондалда цIунун руго XVIII-XX гIасрабазул Дагъистаналъул гIалимзабазул асарал.

— Кинаб кIвар бугеб Дагъистаналъул хъвавул памятниказул цIех-рех гьабиялъул?

— Фондалда данде гьарун ругел хъвавул тIахьаз ва документаз заманалъул тартибалда жанибе бачуна гIага-шагарго азарго сон – 1009-абилелдаса 1930-абилелде щвезегIан. Гьезул буго цохIого-цо тематикияб батIалъи: гIараб мацIалъул грамматика, лексикография, художествияб гьунар, «Къуръаналъул гIелмаби», бусурбабазул юриспруденция, тарих, мантIикъ, этика, астрономия, медицина, гIараб хIарпаздалъун дагъистаниязул мацIазда хъварал асарал. Гьездаса бищунго некIсиял ккола XIV-XV гIасрабазда хъварал. Фондалда руго Дагъистан областалъул хIакимзабаз цоцазухъе хъварал, росабазул рахъалдасан хъварал ва гIадатиял гIадамаз хъварал кагътал, гьединго дармил актал…

— Фондалда цIунун ругел квералъ хъварал асаразул каталогал рахъулищ?

— Нижеца басмаялде бахъана Дагъистаналъул гIалимчи М.-С. СагIидовасул цIаралда бугеб хъвавул хIалтIабазул фондалъул квералъ хъварал асаразул къокъабго каталог, гьединго перс мацIалда хъварал тIахьазул каталог. Рахъизе хIадурун руго бусурбан низамалъул ва гIараб мацIалъул грамматикаялъул кIиго кIудияб тематикияб каталог, гьединго Дагъистаналъул халкъазул мацIазда ругел хъвавул асаразул каталог. ХIадурулеб буго аварагасул хIадисазул, бусурбабазул диниял пикрабазул (догматика) ва Къуръаналъул гIелмабазул каталог.

— Бокьилаан Фондалда ругел ва къанагIатал квералъ хъварал асарал рехсани.

— Фондалда цIунун руго Гьоркьохъеб Азиялъул, ГIагараб ва Гьоркьохъеб Востокалъул улкабаздаса щварал, тарихчагIаз гуребги, филологаз ва искусствоведаз пайда босизе бегьулел хъвавул баянал. Мисалалъе, гьенир руго цIакъго къанагIатал хъвавул асарал: гIараб-тюрк словарь; Хунзахъа Дибир-къадица гьабураб гIараб-перс-тюрк словарь; 704 соналда Самаркъандалдаса Мудаффарас ва Ат-Тавдих фи шарх ал-Хавияс цоцазухъе хъварал кагътал ва гь. ц. Фондалда цIунун буго гьединго батIи-батIияб куц-мухъалъул 57 Къуръан, гьезда гьоркьоса бищунго некIсияблъун рикIкIуна куфи хатIалъ МухIаммад ибн ХIусан 11 Раби ас-Саница 400-абилел соназда хъвараб, гьеб данде ккола, нилъер къагIидаялда абуни, 1009 соналде.

— Россиялъул ва къватIисел улкабазул Бакъбаккул улкаби лъазариялъул гIелмиял центразулгун Институталъул бухьенал ругищ?

— Институталъ гьоркьор къотIизе толаро Россиялъул бакъбаккул улкаби лъазариялъул гIелмиял центразулгун (Москва, С.-Петербург, Казань) ва къватIисел улкабазулгун (Тель-Авивалъул, Бохумалъул, Принстоналъул университетазулгун) ругел гьоркьорлъаби ва бухьенал.

Дунялалъул политикаялда ва экономикаялда гIарабазул улкабазул кIвар цIикIкIунеб букIиналда бан, ахираб заманалда кIвар кьолеб буго бакъбаккул улкаби лъазариялъул гIелмуялъул тематикаялде ва культурияб ирсалде. Гьелъул баракаталъ 2007 соналъул декабралда Институталъул дирекциялъ нижер цо хIалтIухъан витIана Санкт-Петербургалъул гIарабазул хъвавул асаразул институталда моцIрол стажировкаялде. 2008 соналъул февралалда институталъул ГIелмияб советалъ хIукму гьабуна цIияб, ай бакъбаккул хъвавул асаразул отдел рагьизе.

— Кинаб хIал бугеб Дагъистаналъул тIахьазул культуриял памятникал цIуниялъул ва гьезул бициналъул хIалтIул?

— РГНФалъул (Россиялъул гуманитариял гIелмабазул фонд) ва ИНТАСалъул (СССРалда гьоркьоса арал улкабазул гIалимзабазе квербакъи гьабулеб гIуцIи) грантазул кумекалдалъун Институталъул гIалимзабазе рес щвана Дагъистаналъул халкъазул тIахьазул культуриял памятникал цо бакIалде ракIаризе ва, гьезул хIакъалъулъ хъваялъулги бицина­лъулги мурадалда, археографикиял экспедициязда санайил гIахьаллъизе. Республикаялъул гIемерисел районазда гьез тIатинаруна жалго бетIергьанал чагIазул ва мажгитазул гIемерал китабханаби. Цереккунисел баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда буго щунусгоялдаса цIикIкIун гьединаб китабхана. Планалде босун буго гьенир ругел тIахьазул каталог гIуцIизе.

— Бакъбаккул хъвавул асаразул гьаб заманалъул электроннияб къагIида гIуцIулеб бугищ?

— ГIагараб заманалда ракIалда буго Фондалъул киналго хъвавул асарал цIуниялъе гьезул микрофильмал рахъизе ва цифровиял копиял гьаризе. Гьединаб хIалтIи гьабула гIемерал квералъ хъварал жал ругел киналго бакIазда. Нилъер республикаялда гьечIо гьелъие махщелчагIи хIадурулел централ, гьечIо басралъарал тIахьал цIи гьариялъул ва ругеб куцалда гьел чIезариялъул рахъалъ хIалбихьи. Аслияб жо – кIудияб квал­квал буго гьеб масъа­ла тIубазабиялъе къваригIунеб ма­териалиябгун техникияб база гье­чIо­лъиялъул.

Нури Нуриев