Рамазан-урхъараб гьобол

 

ТалихIавлъун ккола Рамазан моцI тIаде щвелалде живго витIизавулев, мекъал гIамалаздаса живго цIунулев чи. Рамазан буго Аллагьасде вуссине бокьарав чи Гьес къабул гьавулеб моцI. Гьаб буго гIумруялъго гIемерал гъалатIал гьарулев вукIарав чиясул тавбугицин РахIманас къабул гьабулеб моцI. Муъминзабазул мунагьалги чурулеб, щайтIанги рахсида бухьун, лъикIал ишазде инсан машгъуллъулеб рамазан моцI бихьизе рес кьурав Аллагьасе рецц буго. Баркула киназдаго баракатазул цIураб, жинда жаниб Къуръан рещтIараб рамазан моцI тIаде щвей.

Исана нилъер улкаялъе захIматаб соналда нилъ киналго урхъун рукIана рахIматазул цIураб, баракатаб моцI тIаде щвеялъухъ. Нилъер щивасул рекIелъ бугеб хIинкъигун ургъел тIаса босулеблъун батаги хирияб моцI. Гьеб ккола жиндир авал рахIматлъун, бакьулъ бакI — мунагьал чурилъун, ахир — жужахIалдаса тархъилъун рикIкIунеб моцI.

Щибаб сардилъ Аллагьас ахIулеб буго: «Вугищ мунагьал чуризе бокьарав чи, Дица гьесул мунагьал чуризе руго. Вугищ дугIа гьабулев чи, Дица гьесул дугIаялъе жаваб гьабизе буго. Вугищ Диде вуссине бокьарав чи, Дун гьесде вуссине вуго», — ян. Гьалдаса кIудияб рахIматги щибха букIинеб?

Сундасаха байбихьилеб? ТIоцебесеб иргаялда, тавбу гьабила. Как балеб гьечIищ – цIидасан какал разе байбихьила. Цебегоялдаса нахъе Къуръан цIализе бокьун, амма регIичIого хутIун ругищ – Рамазан моцIалъ байбихьи лъела.

 

КIал кквеялъул адабал

 

Аллагьасул салам лъеяв Аварагасул хIадис буго: «КIал ккурав чиясул кири хвезабулеб пиша щуго буго: гьереси бицин; чиясда нахъасан кIалъай; мацI гьаби; гьереси бицун гьеди; шагьваталдалъун чияр чIужуялде балагьи», — ян.

Рамазан моцI Къуръан цIалун, Аллагь рехсон, рес букIун щуябго как жамагIат гьабун мажгиталъуб бан рукIине лъикIаб буго. Пайда гьечIел пишабазда заман гIадада хвезабунгутIиги адаблъун рикIкIуна. ТаравихIалъул каказде лъимал ва лъималазул лъимал рачинеги, гьезда какал гьуин гьаризеги лъикIаб буго.

Гьеб моцIалъ дагIба-рагIиялдасаги цIунизе ккела. Хьандолев, вагъулев чи дандчIвани, дун кIал ккун вугиланги абун нахъе ина.

Рамазан моцIалъ батIаго тIокIал, лъикIал тIагIамал чIезаризе лъугьинчIого, гIадатлъун батараб кванда гIей гьабун чIела. «Гьеб напс квегъулеб моцI бугелъул цогидал моцIаз кваналелдаса батIияб, цIикIкIун квен кванаге», — ян хъвалеб буго имам Гъазалияс.

Рамазан моцIалъ цIакъго хирияб буго цебехун как хутIарав, гьекъелалъулгун хурхен букIарав, зулму гьабурав, зина гьабурав, хъалиян бухIарав чияс тавбуги гьабун, гьездаса инкар гьаби ва гьелги гьел гурелги квешал пишабаздаса ракIбухIун тавбу гьаби.

Гьеб пикру ритIухъ гьабизе хIадисалги руго. Аварагас (с.т.гI.в.) абуна: «Рамазаналъул тIоцебесеб сордо бачIараб мехалъ алжаналъул каваби рагьула, жужахIалъул нуцIби къала, щайтIабаздаги, квешал жундуздаги гудрал рала. Аллагьасул рахъалдасан малаикзабаз ахIула: «Я, лъикIлъиялда хадув лъугьарав чи, дуца лъикIлъиялда тIадчIей гьабе. Я, квешлъиялда хадув вилълъарав чи, дуца квешлъи рехун те», — ян. «Дихъе Аллагьасул салам лъеяв ЖабрагIилги вачIун гьес абуна: «Рамазан моцIги щун мунагьал чуричIев чи Аллагьас рикIкIад гьавегиян, дицаги жаваб кьуна «Амин», — абун.

КIал биччалеб мехалъ дугIа гьабизе лъикIаб буго. Хирияб хIадисалда буго: «КIал биччан хадуб гьабураб дугIа нахъ чIваларо», — ян.

ГIага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, мискин-пакъирзаби ахIун гьезие маркIачIуда кIал биччазе квен кьейги Рамазаналъул адаб гьабилъун рикIкIуна. Хирияб хIадисалда буго: «КIал ккурав чиясе маркIачIуда квенги кьун кIал биччазабуни, мунагьал чури ва жужахIалдаса тархъи гуребги, дов кIал ккурасеги мукъсанлъичIого, гьесие щваралда бащадаб кири хъвала», — ян. ЦохIо чамасдак кьуниги, къулчIизе лъим кьуниги щола гьединабго кири».

 

Пайда

 

КIал кквеялъул руго гIемерал пайдабиги. Свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Нужеца кIал ккве, нужго сахлъизе», — ян.

Хирияб Къуръаналда буго: «Унтарав яги сапаралда вугев чиясе кIал биччазе ихтияр буго, амма сахлъараб мехалда ялъуни сапаралдаса вуссараб заманалда кIал бецIила, ай камурал кIалазул рикIкIен цогидал къояз ккун тIубазабила», — ян. КIал кквеялъ черх тIадагьлъизабула, Аллагьасе гIибадат гьабиялде жеги гъира ккезабула ва чиясул пикруги лъикIго хIалтIула.

Свалат-салам лъеяв Аварагасул хIадисалда буго: «Алжаналда цо нуцIа буго, Раян абун жинда цIар бугеб, жинда жанисан гIицIго кIал ккурал чагIи гурони алжаналде лъугьунареб. Гьеб нуцIихъан лъугьарав чиясе ТIадегIанав Аллагь вихьизе къотIиги буго», — ян.

Рамазан ккола сабру гьабиялъул моцI. Сабру гьабизе кколеб буго кванде кигIан хиял лъуниги гьелдаса инкар гьабиялдалъун. Сабруялъухъ шапакъатги алжан ккола.

 

ЩайтIаби рахсида рухьаниги, щай гIадамал гIасилъулел?

 

Рамазан бачIиндал Аварагас (с.т.гI.в.) асхIабзабазда рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеде тIаде бачIун буго баракатаб моцI, жиндилъ кIал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тIаде рахъун сордо чIаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб. Рамазан моцI бачIарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахIалъул нуцIби къала, гьеб моцIалъ щайтIабиги рухьуна», — абун.

Рамазан моцIалъ щайтIаби рахсида рухьулин абуниги, гьеб моцIалъ гIадамаз квешаб гIамал гьабулеблъиги бихьула нилъеда. Щайха гIадамаз мунагьал гьарулел, щайтIаби рахсида рухьараб моцIалъги?

Гьеб суалалъе жаваб кьезе бегьула имам Аль-КъуртIубияс «ФатхI АльБари» абураб тIехьалда рехсарал рагIабаздалъун:

«Нагагь лъица бугониги абуни: «Рамазан моцIалъ гIадамаз квешал ишал щай гьарулел? ЩайтIаби рухьун ратани, гьедин букIине кколаро», — ян, нижеца жаваб кьела, щайтIан рикIкIад гьабулин, кIал кквеялъул киналго адабал цIунарав чиясдаса. ХIакълъунго, Рамазан моцIалъ, цогидал моцIазда дандеккун, бусурбабаз мунагьал дагь гьарула. Киналго щайтIаби рухьанигицин, квешал ишал гьаричIого толаро гIадамаз, щайгурелъул, гьезие зарал гьабулел гIемерал гIамалал ругелъул. Гьеб ккола инсанасул напс, квешал гIадатал, сурукъаб гIамал ва бищунго жидедаса хIинкъи бугел гIадамал-щайтIаби».

ЩайтIаби гуребги, нилъ мунагьалде цIазе гIемерал гIиллаби рукIин бихьулеб буго. Гьезда гьоркьоб бищунго нилъее хIинкъи бугеблъун ккола нилъерго напс.

Нилъеца яхI бахъула хирияб моцIалъ хIалкIванагIан садакъаби гьаризе, гьоркьоб биччачIого кIал кквезе, какал мухIканго разе. Цо-цо рес бугел гIадамаз кIудиял ифтарал тIоритIула кIал ккурал гIадамазегIанасеб кири щвезе хьулгун. Рес рекъараз мажгитал къачIала, республикаялда тIоритIулел гур-хIел-рахIмуялъул акциязда яги цогидал тадбиразда гIахьаллъула. МуъминчагIи Рамазан моцIалъухъ урхъун ругебгIан мехалъ, тукенчагIи жидеего щолеб хайиралъухъ урхъун рукIунин абула. ТIубараб моцIалъ кIалалги ккун, таравихIаздеги хьвадун, моцIрол ахиралда жидецаго ричулел кванил нигIматазул багьабиги рахинарун, мискинчиясул «щекъер къаялъул» магIна щиб? КIал кквезе байбихьаралдасаго дагь-дагьккун рахинарула багьаби. Ахирисеб кIиго анкьида жанибин абуни, садакъаде бикьизе босулеб гьуинлъи кIиго нухалъ хира гьабун батула. Гьединго, пихъ, гьан ва цогидалги нигIматазулги багьа бахинабула. Капурзабаз нилъер ва жидерго байрамазул хIурматалдаян абун кIудиял тукабазда акциял тIоритIула, къайи ва нигIматал учузго ричула. Ни-лъер даранчагIи щай гIасилъулел? Исана улкаялъулго экономикаялъе захIматаб, киса-кирего нигIматалгун къайи бащдаб багьаялъ хиралъараб заманалдагIаги, нилъер даранчагIи гIадатияб халкъалда гурхIилин хьул буго.

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА, (пайда босана «Адабал» абураб тIехьалдаса)