«Гьидаятги» жакъасей чIужугIаданги

 

   МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталда цебе рагьараб «Гьидаят» руччабазул гIуцIиялъул нухмалъулей Загьра ИсмагIиловалъул нух­малъиялда гъоркь гIемер тIоритIула гIолохъанал руччабазда гьоркьор исламияб къагIидаялда тарбия кьеялъул хIакъалъулъ бицарал тад­бирал. Гьенибго рагьун буго «Жакъасей чIужугIадан» абураб клубги. Клубалъулъ гIахьалчагIи ккола гьанжего-гьанже рукъалде руссаралги жеги руссинчIелги ясалги, гIолохъанал улбулги, гIумруялъул хIалбихьи щварал руччабиги. Зама-заманалдасан гьел дандеги гьарула Загьраца.

  Гьезие лекциял цIализе ахIула батIи-батIиял идарабазда хIалтIулел машгьурал руччаби.

   Иргадулаб нухалда клубалъул гIахьалчагIигун дандчIвазе ячIун йикIана республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Дагъиста­налъул туризмалъул рахъалъ мини­страсул заместитель Анна Безрукова. Гьелъ тадбиралде рачIаразе бицана нилъер гIумруялъе чара гьечIого къваригIунел социалиял гьиназулги телефоназулги хIакъалъулъ.

  — Жакъа нилъер гIумруялда щу­лияб бакI ккун буго интернеталъ­ги, телефоназги ва цогидал гадже­тазги. Амма битIараб къагIидаялда кин гьел хIалтIизаризе кколелали гIемерисезда лъалеб гьечIо. Маса­ла, жамгIияб транспорталда рекIун унаго, цо-цо руччабаз, киназдаго рагIиледухъ бицуна жидерго хъиза­малда ругел дандеккунгутIабазулги захIмалъабазулги хIакъалъулъ. Цо-цоял семизецин семула телефо­наздасан. Унго-унголъунги рекъон букIунареб куц чIужугIаданалда гье­динаб хьвада-чIвади, — ян абуна гьелъ.

  Гьединго видеороликазул кумекалдалъун гьелъ бичIчIизабуна кинаб низам, тадбир букIине кколеб рокъобги, къватIибги ва жамгIиял бакIаздаги телефонал хIалтIизарулелъул.

  — ГIадатлъун билълъун буго, бай­рамал баркулелъулги, «интернет- открыткаби» цоцазухъе ритIиги. Масала, цо байрамкъоялъ дихъе щвана цого открытка 20-30 нухал­да. Нуже-нужерги рукIунел ратила гьединал лъугьа-бахъинал. ЛъикIаб букIинародай, баркиялъул цохIо предложение хъванигицин, нилъер­го текст битIизе. Дун, масала, йохула гьединаб барки бачIани, — ян тIадеги жубана гьелъ.

  Жеги гIемерал мисалал рачана Ан­наца. Руччабазулги рукIана гьелъие гIемерал суалал. Гьединго гьезги би­цунеб букIана жидерго гIумруялда ккарал лъугьа-бахъиназулги. Тад­биралъе цо хасаб берцинлъи кьун букIана магIарул, гIурус ва гIараб мацIазда нашидал ахIулей Хадиджа­цаги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА