ГIаймакиса Абубакар-хIажияв-гIелмудал къулгIа

    Гьавуралдаса 310 сон аниги, халкъалъул рекIелъги миллияб гIелмуялъул тарихалда жанивги абадиялъ хутIун вуго жиндир заманалъул киналго гIалимзабаз тIадегIанаб къимат кьурав гIакъил, гIалимчи, динияв хIаракатчи, шагIир, дипломат ГIаймакиса Абубакар-хIажияв (1711-1791). Гьев вукIана XVIII гIасруялда Дагъистаналъул машгьурал гIалимзабазул ва шагIирзабазул цояв, цIарги динияб хIаракатги мугIрузул улкаялдаги сверухъ ругел бусурман ракьаздаги тIибитIарав. Жиндир халатаб, бечедаб гIумру гьес къурбан гьабун букIана дин, гIелму ва лъай цIуниялъе, гьеб халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъе, мадрасаги рагьун, гIолохъанаб гIел цIализабиялъе.

    Абубакар-хIажияв гьавуна ГIаймаки росулъ. Гьесул вукIана кIиго вацги – ГIабдуллагьги МухIамадаминги. Гьезие щун букIана доб заманалда рекъараб динияб ва дунявияб лъайги. ГIемераб заманалъ гьел хIалтIана мударисаллъун. «МажмагIал-авбаш» абураб АбубакархIажиясул тIохьода хъван буго: «Абубакар-хIажиясул кIудияв вац ГIабдуллагь вукIана гIелмудул ралъдалъе вукъулев, лъаялъул гьунар битIун бичIчIулев ва гIелмудул пихъ бакIарулев чи. ГьитIинав вац МухIамадамин – гIалим, мухIканал гIелмаби (математика, механика ва цогидалги) лъалев чи», – йилан.

    Абубакар-хIажиясул умумул ккола БуцIра росулъа. Гьесул эмен МугIавия гочана БуцIраса ГIаймакиве. Гьев вукIун вуго лъикIаб гIелму бугев чи ва ГIаймакиб мадрасаялда гьес малъулаанила гIараб адабият. Росасе мукIурай, гьесда хадуй йилълъарай Абубакар-хIажиясул эбел Саратицаги хIаракат гьабулеб букIана жиндир лъималазе исламалъул кьучIалда тарбия-лъай кьезе.

   Гиничукьа ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъе, АбубакархIажиясул тухумалъ жиндир байбихьи босулеб буго гIарабазул машгьураб къурайш тухумалдаса, битIахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабун буго Сириялде, ХIалабала шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хIажиясул тухумалъул кIудияв цин рещтIун вуго БуцIра росулъ, хадув – ГIаймакив. ГъалбацIил вас, Сулейманил вас, ГIабдул-дибирил вас, БуцIраса МугIавиял вас Абубакар-хIажи. НурмухIамадил МухIамадил баяназда рекъон, гьеб насаб живго Абубакар-хIажияс кьун буго «ШархI ХIазамийа» абураб тIохьол мужалаталда.

 

   ГьитIинго лъай-цIалиялде гъираги пагьмуги загьирлъарав АбубакархIажиясе гIагараб росулъ щвана бусурман лъаялъул тIоцересел дарсал. Инсул нухмалъиялда гъоркь гьес цIалана ва рагIалде бахъинабуна хирияб Къуръан, лъазабуна гIараб грамматика ва гIараб гIелмудул цогидал рахъал.

 

    Цудунго бихьана АбубакархIажиясул инсуда жиндир васасул гьунарги лъай босизе бугеб гьесул хIасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев, хадубккун лъай камил гьабизе мурадалда, витIула ГьаракIуниве, къади ва машгьурав мударис КIаратIаса КIудияв Дибирида цеве цIализе. ГIараб гIелмудул батIи-батIиял асарал лъазарун хадуб, ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъе, Абубакар-хIажияс ячуна ГьаракIуниса ГьитIинасул яс ГIайишат ва тIад вуссуна жиндирго ГIаймаки росулъе.

   1731 соналда АбубакархIажиясе гьавула МухIамадилан (ГьаракIуниса СагIидил эмен) цIар лъурав вас. МухIамадие тарбияги лъайги кьуна гьесул инсуца. ГьитIинго бихьизабуна гьес гъираги бажариги гIараб гIелму лъазабизе, цIалун лъугIизабуна машгьурав гIалимчи, философ, шагIир, шайих ГIабдурахIман Жамил (1414- 1492) «Жами» абураб тIехь. Заманалдасан гьев лъугьана лъикIав гIалимчилъун. Амма МухIамадил гIумру батана цIакъ къокъаб, гьев хвана цудунго, 1764 соналда, СагIид гьавун цодагьаб мехалдасан. Абубакар-хIажиясул хутIула гIараб гIелмуялде гъира букIарав гьитIинав вас ГIабдурахIманги цо пуланав гIаймакисасе росасе арай яс Аминатги.

   XVIII гIасруялъул бащалъиялде ГIаймаки росу лъугьун букIана гьев машгьурав гIалимчияс гIумруги гIелмуги гьабулеб букIараб, МагIарухъго машгьаруб бакIлъун. Абубакар-хIажиясул заманалъул гIадамаз гьев рикIкIунев вукIана ракI лъикIав, сабру бугев, мухIканав ва тIабигIат рекъарав чилъун. Гьесулъ букIун буго вагIза-насихIат гьабизе кIудияб пагьму. Гьедин, цоцо мехалда жиндихъ гIинтIамурал чагIи гIодизецин гьарулел рукIун руго гьес. Бицен буго, гьев вукIанин сундуего кодоб устарлъи бугев чи, хIатта лъикIав къадахъанги яргъил устаргицин.

   Абубакар-хIажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде, хIаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукIаго, гьев щун вуго доб заманалъ ГIусманиязул империялъул вилаяталлъун рукIарал ГIиракъалдеги, Сириялдеги, цоги батIи-батIиял бакIаздеги. Гьенив гьев дандчIвала бакIалъул гIалимзабигун, лъайхъвай гьабун буго гьел бакIазул культурагун, гIелмиял централгун, гьенир рукIарал библиотекабигун.

   Баянаб буго Абубакар-хIажиясул гIумруялдаса цо гьадинаб хIужа (М.- С. Саидовас бицараб). Цо нухалда иргадулаб хIежалдаса Гуржистаналъул ракьалдасан ватIаналде тIад вуссунев вукIарав Абубакар-хIажияв ГьерекIли-ханас, жиндихъего ахIун, чанго къоялъ гьесие кIудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хIурматияб дандчIваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магIарулас гьикъун буго, гьалъул магIна щибилан. ГьерекIли-ханас гьесда абун буго, магIарулаз ЦIоралде гьарулел чабхъеназул кIудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хIажиясда, гьесул диналъ къабул гьабуладай гьединаб ишилан. Гьабуларин абун буго гIалимчияс, гьеб цIакъ какараб жо бугин ислам диналъ. Гьеб мехалъ ГьерекIли-ханас гьарун буго Абубакар-хIажиясда Дагъистаналда, магIарулазда гьоркьоб вагIза-насихIат гьабеян, гьез чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе гIоло. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове щваравго, Абубакар-хIажияс хвезегIан чабхъеназде данде чIун, гьел какун, гьезул мунагьалъул хIакъалъулъ бицун, вагIзаби гьарун, цеве вахъунев вукIун вуго МагIарухъ.

   1766-1767 соназда АбубакархIажияв жиндирго ГIаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб ГьаракIуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гIалимчи, 25 сон барав МухIамад хун хадуб гIемер заманго иналдего. Биценалда рекъон, 1763 соналда ГIаймакив гьавурав МухIамадил вас, вукIинесев кIудияв гIалимчи СагIидги каранде къан, ун вуго гьев ГьаракIуниве. ГIагараб росуги тун, цогидаб бакIалде АбубакархIажияв гочиналъе НурмухIамадил МухIамадица бачунеб буго гьадинаб гIилла: «Цо нухалъ росулъ цо пуланаб берталъ Абубакар-хIажиясул вас ГIабдурахIманил кIалъай ккун буго мехтарал бихьиналгун ва гьеб сверула гъалмагъиралде. Гьаниб абизе ккола, гьел бихьинал рукIанин Абубакар-хIажиясул гIагарал чагIи. Гьелдаса хадуб гIагарлъиялъулги гьесул хъизамалъулги гьоркьоблъи хола. Гьеб жеги хIалуцине бокьичIого, гьезда гьоркьоб дагIба ккечIого букIине гIоло, АбубакархIажияс хIукму гьабун буго хъизамгун цадахъ гIагараб росу тезе ва жиндир лъадул ГьаракIуниве росулъе гочине».

 

  ГьерекIдерица цIакъ лъикI, ракI-ракIалъ къабул гьавула АбубакархIажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хIурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хIажиясул букIана 53 сон. ГIалимчиясе гьеб ккола жеги гIолохъанлъиялъул гъира-рухI тIаса инчIеб, завалияб гIумру. Балагьараб мехалда, чорхолъ витIарав, рухIалда бугев чиги вукIун вуго гьев, гуревани кIиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда кIудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букIана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цIидасан жиндиргоги СагIидилги гIумру гIуцIизе, рес бугеб магIишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цIар рагIараб гIелмияб марказлъун гьеб лъугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагIан гIун вачIунев вукIана хадубккун кIудияв инсул бакI кквезе вугев СагIидги.

  Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго «РакIалдещвеязул тIехьалда» хъвалеб буго: «АбубакархIажияв ккола машгьурал дагъистаниял – правоведазул, Дагъистаналда бусурман маданият пропаганда гьабуразул цояв, шагIир, мадраса гIуцIарав ва гьенир грамматикаялъул, хIадис лъаялъул, пикъгьиялъул дарсал кьолев вукIарав мударрис», – илан.

    Абубакар-хIажиясул букIун буго бечедаб, къиматаб библиотека. Гьениб букIун буго квералъ хъвараб 70 хIалтIи, гьезда гьоркьор бусурман правоялъул, гIараб мацIалъул грамматикаялъул, иллагьияталъул, мантIикъалъул ва цогидалги гIелмабазул асарал. Гьединго гьениб букIун буго живго Абубакар-хIажияс цогидал хIалтIаздаса хъвараб 18 тIехьги. Масала, Пахрудин ар-Разил (1150-1210) «Анвар ат-Танзил», Абу ИсхIакъ аш-Ширазил (1003-1083) «ШархI ат-ТанбихI» ва ц.

   ГIараб мацIалда гьабураб гIалимчиясул адабияб ирс тематикаялъул рахъалъ буго батIи-батIияб. Гьев ккола тарихияб, пикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигIрияб тематикаялда тIасан хъварал асаразул авторлъун. Гьезда гьоркьоса, хъвараб заманалъухъ балагьун, бищун некIсияблъун кколеб буго, 1753 соналда ГIахъуш росулъ гьес хъвараб «Васаил ал-лабиб гIала падаил ал-хIабиб» абураб хIалтIи.

  Абубакар-хIажиясул гьунар букIана гIараб ва магIарул мацIазда шигIру сокIкIине. Гьев ккола нилъер хъвавулаб адабияталъе кьучI лъурал авторазул цояв. ГIажам алипалдаса пайдаги босун, гьес хъвана ва нахъе тана гIезегIан насихIатал асарал. МагIарул мацIалда гьес сокIкIараб 13 шигIрияб вагIза тIоцебе бахъана 1912 соналда Темир-Хан-Шураб, Мавраевасул басмаханаялда кIутIараб «ВагIзабазул тIехьалда» (данде гьабурав ЧIохъа ГIабдула-хIажияв). МагIнаялъул рахъалъ гьел ккола исламияб диналъул нух кквезе халкъ ахIарал асарал. Абубакар-хIажиясул ахIи къабул гьабуразда гьоркьор рукIана, гьесдаса лъабкъоялда анцIгогIан соналъ хадуб шаргIалъул нухдасан ине халкъ ахIарал ва гьеб нухда цебехъанлъи гьабурал кIудиял имамзабиги – ГъазимухIамад, ХIамзатбег, Шамил.

    Абубакар-хIажиясул васасул вас ГьаракIуниса СагIидица, вагIзабазда жаниб бицунебщинаб жо КъуръанхIадисалда данде кколеб букIинги бихьизабун, кIудияв инсул вагIзабазе гIараб мацIалда хъван руго гIатIидал баянал. Балагьараб мехалда, квералъ хъван, цIаларал чагIаз, мутагIилзабаз тIиритIизарулел рукIун руго гьел магIарул жамагIаталда жанир.

    ВагIзабаздаса бихьулеб буго авторас гьел хъвазе байбихьун рукIин XVIII гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда, ай гьев хIежалдаса вуссараб, гIакълу, пикру цIубараб, дин чIаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечIого ракIчIараб мехалъ. ВагIзаби цIалараб мехалда, бичIчIулеб буго гьеб заманалда, киналалиго гIиллабазе гIоло, магIарухъ дин, рухIияб дунял цIакъго загIиплъун, чучун букIараблъи. БачIунеб буго суал, щай XVIII гIасруялда, Дагъистаналъе къватIисан хIинкъи, зулмухIал гьечIеб заманалда, гьедигIан цIакъ гIамал-хасият, ахлакъияб рахъ хисун букIараб халкъалъул? Гьелъие гIиллалъун букIун батизе ккола магIарул жамагIаталъул жанисеб ахIвал-хIал. Амма ракIчIун абизе кIола, АбубакархIажиясул заманалъул гIалимзабазул рухIияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманалда квералъ хъварал тIахьазул тIанчазул рагIаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетIергьанлъун тарал хъвай-хъвагIаял данде ракIарун, гьезул хIасил гьабураб мехалда, гьелъие жавабги батизе бегьилин.

   Абубакар-хIажияс тIоцебесеб вагIза хъваралдаса нахъе унеб буго гIезегIанго сонал. Чанги заман хисана, ана гьелдаса нахъе, батIиял лъугьана гIадамалги, амма вагIзабазда жаниб бицараб жо, гьенир рорхулел ругел суалал хисичIо, жакъаги кIвар буго гьезул халкъалъе. Хасго гьаб заманалда, гIадамасул напс пасалъулеб бугеб куц бихьараб мехалда, цебечIолеб буго гьанжеги нилъер гIумруялда жанир дандчIвалел гIунгутIабазул, такъсиразул сурат ва гьелъ намус-яхI бугевщинав чи тIамулев вуго пикру гьабизе, гьелда тIад ургъизе. Жакъа гьев кIудияв гIалимчиясул вагIзабазде тIаде къулизе, гьел цIализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугIлъи гьабулеб буго гьесул баракат нилъехъе тIад буссунеб букIиналъе.

    Дагъистаналъул гIелмуялъе, адабияталъе Абубакар-хIажиясул вагIзабазул кIвар буго тарихиял документал хIисабалдаги. Гьел ккола магIарул хъвайхъвагIай камиллъиялъул нухде бахараб мехалда хъварал, динияб адабияталъул тIадегIанаб даражаялъул асарал. Гьез магIарулазул рухIияб дунялалъе, адабияталъе, халкъалъул гIакълу ва рукIарахъин цебетIезабиялъе гьабураб гучаб асар жеги лъазабун гьечIо гIелмуялъ, амма гьеб асар букIана ва гьанжеги буго гIемерго кIудияб. ВагIзаби гурони, тIокIаб щибниги батIияб жо АбубакархIажияс хъван букIинчIебаницин, гьев мустахIикъав вукIинаан магIарул хъвавулаб адабият гIуцIиялъулъ гIахьаллъи гьабурав, гьениб кIудияб бутIа лъурав гIалимчи-хъвадарухъан хIисабалда абадиялъ гIагараб халкъалъул тарихалда жанив хутIизе.

   ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго, Абубакар-хIажиясул гIемерал асарал рукIин гIараб ва магIарул мацIазда хъварал, жеги гIалимзабиги адабият бокьулелги жидеде тIаде ккечIел. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналда, ГIахъуш росдал мажгиталъул имамлъун ва мударислъун вугеб мехалъ гьес хъвараб «Аварагасул тIадегIанлъи» абураб тIехьги. Гьенир руго Египеталъул гIалимчи ва хъвадарухъан Жамалудин Суютиясул (1445-1505) тIехьалъе кьурал баянал.

   МагIарул церехъабаз, гIалимзабаз халкъ диналде, шаргIалде бачине гьабулеб букIараб хIаракатчилъи халат бахъана кIудиял имамзабазул заманалде, ГъазимухIамад-имамасул хIаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегIан. Гьеб мехалдаги тIадецуй гьечIого, бичIчIи гIун, халкъ диналде буссун букIинчIо, жамагIаталда жаниб гIамал-хасияталъулъ чороклъи, риччарихъантей букIана. ТIадехун рехсохъе, годекIабахъ букIараб тIасан рорчIи, гъалмагъир жеги тIагIун букIинчIо. ШаргIги билълъанхъизабун, имамзабазул хIаракаталъ рес кьуна Дагъистаналъул гIемерисел бакIазда бусурман дин хIалтIизабизе ва щула гьабизе.

   Гьаниб абизе бегьула АбубакархIажиясги гьесул заманалъул диниял хIаракатчагIазги кьучI лъунин XIX гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда ккарал кIудиял, лъебергогIанасеб соналъ халат рахъарал тарихиял лъугьа-бахъиназе. Дин цIунизе, шаргI билълъанхъизабизе ккеялъул хIакъалъулъ гьезул ахIи рагIана гъваридаб динияб лъай щварал, машгьурав гIалимчиясулги гьесул васасул вас СагIидилги мадрасаялда цIаларал, таваккалал, исламияб дин цIуни ватIан цIуниялда бухьинабизе лъарал ва бажарарал рукIинесел имамзабаздаги гьезда хадуб билълъараб гучаб гIолохъанаб гIелалдаги.

   Абубакар-хIажиясул кIудияб гьунарлъун рикIкIине бегьула, магIарул мацIалъул тIабигIаталда, гьелъул тIалабазда рекъон, гьелда жанибе гIараб гIелмияб терминология бачин ва гьеб хIалтIизаби. Гьелдалъун бечелъана магIарулазул калам гуребги, миллияб маданиятги, адабиятги, гIелмиял ва цогидал асарал хъваялъул хIалбихьиги.

    ГIалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цIунун руго Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Ахираб заманалда Дагъистаналъул гIалимзабаз байбихьун буго Абубакар-хIажиясул бечедаб ирс лъазабизе, гьелъие гIелмияб къимат кьезе. Хъвалел руго диссертацияби, рахъулел руго тIахьалги макъалабиги, гьеб ирсалъе сайигъат гьарурал.

   Абубакар-хIажияв хвана 1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекIдерил хабалалъ жиндирго васасул вас СагIидида аскIов. Гьесул зонода хъван буго: «Къурайши насабалъул шайих, гIарип, ХIажи Абубакар гьавуна ГIаймакив, гьижра гьабун, гIумру гьабулев вукIана ГьаракIунив, хвана 1205 с. (1791 с.)», — илан.

 

  АхIмад МУРТАЗАГIАЛИЕВ