Инсан вуго сундуего гIайибияв

 

    Гьаб буго дунялги багIарараб, рохьазда цIаял ккеялда хIинкъиги бугеб заман. Гьединлъидал цIадудаса рохьал цIуниялъе гьабун бугеб хIадурлъиялъулги, рухIарал рохьал рукIалиде ккезариялъе гьарулел тадбиразулги бицун нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул Рохьил магIишаталъул комитеталъул председатель Вагьаб ГIабдулхIа­мидовасулгун.

 

— Вагьаб, рохьазул рахъалъ нилъер республика бечедаблъун рикIкIунищ?

 

      — Дагъистан рикIкIуна рохьал дагьаб регионлъул. ТIолабго ракьул 528 гектар гурони рохьаз ккун гьечIо. Бищун цIикIкIун рохьал руго ЦIунтIа, ЦIумада ва ЛъаратIа районазул ракьазда.

 

— Ахирал соназда республикая­лъул рохьазда ккарал цIаяз ки­гIанасеб зарал гьабураб?

 

    — 2020 соналда 192,7 гектаралда ккана 20 цIа. Аллагьасе рецц, исана рохьахъ цIа ккеялъул хIужжа ккечIо. Аслияб куцалда рохьахъ цIа ккеялъе гIайибияв вукIуна инсан. Гьес бакъвараб хер бухIи яги цIа свинабичIого тей. ГIадамал рохьоре уна хIухьбахъизе, режула шашлыкал ва, нахъе унелъул, цо-цоязда кIочон тола цIа свинабизе. Гьелъул хIасилалда ккола цIаги.

— Гьелдаго цадахъ рохьазда цIаял ккеялъе ругел аслиял гIиллабазул цояблъун рикIкIуна рохьал цIунулезул къадар дагь гьабиги. Гьеб пикру битIараб бугищ?

      — Советияб заманалде дандеккун босани, рохьихъабазул къадар саламатго дагь гьабуна. Гьанже гьеб гъалатI букIараблъи бичIчIун буго ва ахирал соназда рохьазул инспекторазул къадар дагь-дагьккун цIикIкIинабулеб буго. 2019 соналда нижеца хIалтIуде восана щуго, 2020 соналда — лъабго, исана — лъабго инспектор. Жакъа республикаялъул рохьазул хъаравуллъуда вуго лъабнусгоялдасаги цIикIкIун инспектор.

— Рохьал цIуниялъе гьаб заманалъулаб техника хIалтIизабулищ нужеца?

     — РакIалда буго исана кIиго ва хадусел соназда анлъго дрон босизе. Инспекторал, хасго техника ине бажаруларел бакIазда хадуб хал кквеялъе гьезул кIудияб кумек букIина. ЦIа ккеялда хIинкъи бугел участкабазда хIалтIизабизе буго видеомониторингги. Гьеб мурадалда сотовиял операторазул вышкабазда нижеца лъезе руго хасал камераби.

— Масала, рохьоб цIа ккеялъе гIайибияв чи ватани, гьесие щиб тамихI гьабулеб?

     — ЦIа ккеялда хIинкъи бугеб заманалда рохьоб цIаги бакун ватарав чиясда щуазарго, идараялда (юридическое лицо) — 50 азарго гъурущ гIакIа къотIула. Масала, бакъвараб хер бухIиялдалъун рохьоб цIа ккани, гIайибияв тIамула ккараб зарал бецIизе. Гьеб зарал миллион гъурщидаса тIаде ани, уголовияб тамихIалдеги цIала. Амма цIаялъ рохьалъе гьабураб зарал гIарцудалъун рикIкIун тIубаларо. ХIисабалде босизе ккола зарал ккарал хIайваналги, гъветI-хъарахъги, хварал микробалгун бактериялги, хвезабураб рохьил ракьул гIуцIиги, гьелда гьоркьор рукIунел минералиял цIамалги… Гьединго, цIа свинабулаго гьаризе ккарал харжалги. Масала, Таргъуялъул рохьоб цIа свинабизе бажаричIого, авиация ахIизе ккана. Цо сагIаталъ хIалтIаралъухъ вертолеталъухъ кьуна 180 азарго, самолеталъухъ — 440 азарго гъурущ. Гьениб цIа лъурав чи ватун вукIаравани, гьев тIамулаан гIарац бецIизе.

— Халкъалда, хасго гIолилазда ва школлъималазда, гьоркьоб гьеб рахъалъ бичIчIикьеялъулаб хIалтIи кин гьабулеб бугеб?

    — Республикаялъул киналго газетазде нижеца ритIула гьеб рахъалъ кколел ругел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ баянал. Нижер сайталдасан видео-фотоматериалаздалъун бицуна цIаяздаса рохьал цIунизе ккеялъул ва цIаяз рохьазе гьабулеб заралалъул хIакъалъулъ. Шагьранухазда чIван буго цIаяздаса рохьал цIуниялде ахIулел «Берегите лес от пожара» абурал гIадал лозунгал тIад хъвараб 70 баннер.

      Гьебго мурадалда гIатIидго пайда босула социалиял гьиназул ресаздасаги. ГIадамазда малъула рохьазда аскIоб бугеб, ай цIа ккезе бегьулел, жидерго ракьул участкабазда ва дачабазда сверухъ бугеб ракьул цогун бащдаб метралъул гIеблъи бегизе кколин. Амма къанагIатги ватуларо гьединаб хIалтIи гьабулев чи.

     МЧСалъул хIалтIухъабазда цадахъ школазда тIоритIула тIабигIат бокьиялде, цIа ккеялдаса рохьал цIуниялде лъимал ахIулел гарачIвариял. Масала, исана нижер хIалтIухъабаз республикаялъул школазда тIобитIана 270 рагьараб дарс. ГIадамазул батIи-батIиял данделъабазда ва мажгитазда гьеб темаялда тIасан гьарурал вагIзабиги рикIкIун, нижер хIалтIухъабаз исана гьабуна 500-ялдасаги цIикIкIун гара-чIвари.

— Рохьал рукIалиде ккезариялъе щиб гьабулеб бугеб?

    — Рохь бухIараб бакI бацIцIуна ва гьенир чIола гъутIби. «Экология» абураб миллияб программаялъул кьучIалда, цIаялъ бухIараб бакI гуребги, гъутIби чIейги гъутIбузул хьон бекьиги данде босани, исана республикаялда рукIалиде ккезабизе ккола рохьазул ракьазул 514 гектар. Гьеб мурадалда бюджеталдасан биччан буго 10 миллион гъурущ.

— Рохьоб ккараб цIа хехго свинабиялъе бакIазда шартIал гIуцIун ругищ?

    — Гъоркьиса ккарал цIаял хехго свинаризе бажариялъ бихьизабуна гьеб рахъалъ лъикIаб хIадурлъи букIин. Гьеб гуребги, цIаял свинаризе нижее МЧСалъул рахъалдасанги кумек щола. Хираго чIолеб авиация ахIиялъе кумек гьабула республикаялъул хIукуматалъ. «Экология» абулеб милли- яб программаялъул кумекалдалъун щвана цIа свинабулел машинаби. Цебе, газа-бел гуреб, цIагун къеркьезе нижер щибго букIинчIо. Жакъа буго анлъго цIа свинабулеб машина: кIиго МахIачхъалаялда, хутIарал — Гъуниб, ЛъаратIа, Казбек ва Къасумкент районазда.

     МЧСгун цадахъ комитеталъ тIоритIула рохьазда цIаял свинариялъе хIалтIухъаби ругьун гьариялъул учениялги.

     60 чиясдасан гIуцIун буго цIа свинабиялъул 20 мобильнияб къокъа, гьединго, жидеего бокьун цIа свинабулезул 145 дружина.

 

— ГIураб къадаралда ругищ рохьихъаби-специалистал, рохьил инспекторал?

      — КIудияб къварилъи буго специалистал гIоларого рукIиналъул. ГIолилазе бокьулеб гьечIо рохьил магIишаталъул цIалул заведениязде цIализе ине. Рохьил 1500 гектаралъул жаваб кьезе кколев инспекторасул харж буго 13 гъурущ. КъанагIатавги инспекторасул гьечIо транспорт. Араб анцIго соналда жаниб нижее щвана 20 машина. 2020 соналда абуни, районазул рохьил магIишатазе кьуна 54 «Нива» ва «УАЗик» машинаби.

— Бакъвараб хер бухIараб бакIалда чIахI лъикI бижулин абулеб жо битIараб бугищ?

     — Гьеб ккола кьучI гьечIеб хабар. ГIалимзабаз цебего чIезабуна бакъвараб хер бухIараб бакIалда лъикIаб чIахI бижулареблъи.

     Ахиралдаги абила, лъималазда малъе тIабигIат цIунизе кколеблъи.

    ТIабигIаталда, хасго рохьоб цIа бакила гьеб тIибитIиялъе рес гьечIеб бакIалда, ва, нахъе унаго, свинеги гьабила.

      ЦIияб законалда рекъон, нилъерго участкаялдацин я бакъвараб харида, я кьищниялда цIа лъезе бегьуларо.

Н. Нуриев