ГIусманиязул империя цIунизе къеркьарав магIарулав

   Миякьоса ГIумархIажи

   (ГIусманиязул империя цIунизе къеркьарав магIарулав)

 

    XIX гIасруялъул ахиралда расги лъикIаб хIал букIинчIо ГIусманиязул империялъул. КIудияв вац Мурад Щуабилесухъа султан ГIабдулхIамид КIиабилесухъе щола накалде ккараб улка.

   Гьединги загIиплъараб гьелъие квалквалал гьарулаан бакътIерхьул рахъалъул пачалихъаздаса квербакъи щолел рукIарал жамгIиял хIаракатчагIазги. ТIадежоялъе, халифаталъул гIорхъаби цIунизелъун рагъалги гьаризе кколаан.

   Гьеб заманалда улкаялда ккола младотурказул инкъилаб. Гьединго къватIисел улкабаздаги байбихьула бусурбанчи-халиф хIисабалда ГIабдулхIамид ГIусманиязул империялъул нухмалъиялда вукIине кколарин абурал ахIиял гьаризе.

    Гьеле гьединаб мехалда мугьажирлъун Турциялде гочана 29 сонил ригьалде вахарав Миякьоса ГIумархIажи.

 

   ГIахъушалиса МахIамаца бицараб балъголъи

 

       Дагъистаналдасаги Турциялда цIикIкIун машгьурав вуго ГIумархIажи. Щайин абуни гьесул аслияб гIумру гьениб индал.

    Нахъзаманалда Дагъистаналда чIегIераб цIа рекIине, рагъал байбихьизе ругин абулеб букIун буго ГIумархIажица, гьесул наслуялъул чагIаз бицухъе. Гьезул цояв ккола гIезегIан мехалъ     Миякьо росдал советалъул председательлъун хIалтIарав ХIасан Беркиханов.

      Гьес бицана жиндир эбелалъ абулаанин гьесда цадахъ эменги, яц Париги, гьелъул вас ХIасанги, цогидаб гIагарлъиги, ай кинавниги 25 чи гочанин Турциялде. Хадубккун ГIумархIажица гIарабияйги ячун гьарурал анцIго-анцIила хадуб лъимерги букIун буго.

    КъватIиве инегIан ГIумархIажи вукIун вуго росдал мажгиталда дибирлъун.

    — Мунагьал чураяй дир эбелалъ абулаан ГIумархIажи жиндир инсул вацгIал кколаанин. Гьелъ бицунаан цо нухалда Салатавиялъул 12 росдал чагIиги ракIарун, ГIахъушалиса МахIамайин абурав валияс гьезда шайих вукъараб бакI бихьизабулеб букIанилан (ислам тIибитIизабизе гIарабалъа Дагъистаналде вачIарав ункъавго шайихасул цояв – Мусашайих – авт.). Гьеб мехалда цо чи кIалъан гьечIила гьенив, гIицIго 12 сон барав ГIумархIажи цеве кIанцIун вачIун вугила, гьедин батани, жидеда гьесул ссан бихьизабеянги абун. Мадрасаялда цIалулев вукIун вуго гьев доб мехалда.

     Щибниги бихьизабизе кколарин, гьединаб адаб гьечIеб жойищин букIунеб, кIудиял чагIазухъ гIенеккун гьал гIисинлъимал щиб гьабулел чагIи гьанирин абун, ГIумархIажида хадув лъугьанила гьесул имгIал Ризван (дир эбелалъул кIудияв эмен).

     Гьев вас живго теян ишан гьабунила шайихас Ризваниде. Цинги аскIовеги ахIун, ГIумархIажил гIинзунибе цо жоги щурун, гьав васасул кIудияв гIалимчи вахъине вугин абула гьес.

    Хадуб валияс бихьизабураб бакIалда ракьги бухъун ралагьидал, унго-унгоги чIагояв чиясул гIадал хIатIал раккун рачIанила къватIире. БетIер бугеб бакI бухъизе тун гьечIо гьес. ГIицIго абун буго халалъиялда анлъго метр бугин гьесул къаркъалаялда, борцинеги борцун, гьеб бакIалда тIад рукъ бани, нужер росабазе баркат щвелин», — ан бицана ХIасаница.

    Гьес бицухъе, ГIумархIажи гьавун вуго 1846 соналда. Хвана 1920 соналда.

     Филологиял гIелмабазул кандидат, ДГУялъул преподаватель Разият МухIамадовалъги (Миякьоса Муса-шайихасул яс) тIаде жубана жидер кIудияй эбел Нусайбат (гьев ХIасанил яцгIал) зама-заманалдасан къварилъахъдулаанила Турциялде гочарал жиндирго гIагарлъиги ракIалде щун. Хасго гIемер бицунаан ГIумархIажил. ГьитIинал чагIи, жидеда гьев щивали бичIчIулароанила, хасго советияб заманалда гьединал чагIазул бицине гьукъун букIун.

    Нусайбатил эмен Салимханица росдал лъималазда Къуръан малъулеб букIун буго. Цо заманалдасан ГIумархIажица кагъат бачIун буго гьесухъе гьанже ГIиракъкъагIидаялда малъизе кколинги абун.

    СССР биххун хадуб Миякьове ХIасанихъе вачIун вуго Турциялда чIарав ЦIобокьа ШугIайб абурав чи. Ресалда ругел гIадамал кулакал гьарун, колхозал гIуцIулеб мехалда, хъизанги росулъ тун, дове гочун вукIун вуго гьев. ШугIайбица ХIасанида бицун буго ГIумархIажиясул хъизан-лъималги Пари абурай яцги дора рукIин.

    Хадуб, 1996 соналда кIиябго росдал (ЦIобокь-Миякьо) гIадамалги гIахьаллъун кIудияб мавлидги гьабун буго ГIумархIажил рухIги рехсон.

    Гьебго заманалда филологиял гIелмабазул доктор Сиражудин ХIайбулаевасги гьесул аспирантка Разият Абакаровалъги биччана ГIумархIажил мавлидазул мажмугIги. Жиндир кIудияй эбел Нусайбатида гьел мавлидал рекIехъе лъалаанин, гьелъ гьел жиндагицин малъулаанин бицуна Разиятица.

    Гьелдаса хадур Турциялде щвана ГIумархIажил наслуялъул цойги чи — профессор Сахрудин Сафаров, цадахъ МухIу ГIалиевгун.

   — Росулъ гьабураб доб мавлидалъул видео бихьун буго гьез ГIумархIажил вас Юсупида. ГьедигIан кIудияб тадбир букIин лъарабани, хваниги вачIинаанин жив, амма ракIги унтун вачIине нахъе къанин абун буго гьес. Гьеб мехалда Юсуп вукIун вуго 83 сонил ригьалде вахарав чи. Гьанже гьев чIаго гьечIо», — ян бицана ХIасаница.

    Гьевги ШугIайбица бицен гьабурай яцги туркалъе гьарурал Г1умархIажил лъимал ккола. Гьес ясалда лъун буго Дагъистаналда хутIарай жиндирго эбел ПатIиматил цIар.

   ГIумархIажи хванилан Турциялдаса кагъат бачIиндал, 1925 соналда гьавурав ХIасанил вацасда ГIумархIажил цIар лъун букIана. Гьев хвана 2004 соналда.

 

        ХIафиз

 

2018 соналда Турциялдеги ун, журналист ХIажимурад Магаевас ННТ-телеканалалъе бахъана ГIумархIажил бицунеб передача. Гьенив гьев дандчIвана гIусманиязулги ингилисазулги архиваздаса къанагIатал документалги ралагьун, ГIумархIажил хIакъалъулъ тIехь бахъарай гIалимчIужу Зайнаб Эрчетингун.

    ХIажимурад Магаевас бицухъе, ГIумархIажица гьениб хъван буго гIелмияб 20 хIалтIи.

    Байбихьуда гьев цIализе лъугьуна Ая-София мажгиталда гIагарлъухъ бугеб мадрасаялде. Гьениве вачIиналде Дагъистаналда щвараб лъайги букIуна ГIумархIажил. Масала, эмен ГIабдурахIманидасанги щун буго гьесие лъай. ГIабдурахIман вукIун вуго имам Шамилица къимат гьабулев гIалимчи, гьесулгун пикруцояв. Мадрасаялда цIалун лъагIалидасан ГIумархIажица хъвала Къуръан цIалиялъул рахъалъ жиндирго тIоцебесеб тIехь.

    Рамазан моцIалъ султанасул кIалгIаялъурги кьолаан гьес дарсал. Бицуна гьев пагьму бугев чи вукIанилан. Масала, Къуръан рекIехъе лъазабун буго гьес анлъго моцIида жаниб. Гьединго рекIехъе лъалел рукIун руго 200 азарго хIадисги «СахIихIул Бухари» абураб асарги. ГIумархIажи вищун вукIун вуго ХIафизазул экспертазулаб шураялъул вакиллъунги.

   Шайих АхIмад Зиявудин Гюмушханавие бергьун кIудияб асар гьабулеб букIун буго ГIумархIажица. Гьединлъидал гьесда жиндирго цIаргицин лъун буго гьес. Гьелдалъун ГIумархIажил къадру тIадеги борхун буго.

    1879 соналда Эдирне абулеб (Турциялъе кIвар кIудияб) бакIалда гьев тIамула полкалъул муфтилъун. Гьенир гьес гIелмиял хIалтIаби хъвалаан магIарул, гIараб ва турк мацIазда.

    Дагь-дагьккун раккана ГIумархIажил пагьму-гьунаралда хIал хъублъарал чагIиги. Байбихьана гьез гьесда нахъасан султанасде мацIал гьаризе. Гьел сабаблъун ГIумархIажи хъулухъалъ гъоркьегIан вачана.

 

         Младотуркалги «МухIамадия» союзги

 

      Хадур Турциялда байбихьана султанасул ханлъи тIаса рехизе къваригIун гьарулел хIалбихьиял. Гьел нахъчIвазе хIукму ккарав ГIумархIажица султан ГIабдулхIамидихъе кагъат хъвала жив парламенталъул тIасияб палатаялде вачеян. Гьенир ругел чагIазда кIолаан улкаялда законал рахъулелъул тIадецуй гьабизе, гьениб гьоркьоб рагIи бицине. Амма султанас инкар гьабула ГIумархIажие.

    Цинги гьес гьесухъе цIидасан кагъат хъвала жив пачалихъалъул шураялде яги лъай кьеялъул ассамблеялдениги вачейин. Гьебги данде кколеб батичIони, жив императорасул кIалгIаялъув хасал хъулухъ азул чагIазе лекциял цIализениги тейилан. Амма гьелъулги хIасил кколаро, щайин абуни гьеб мехалде хун букIуна султанасул къимат, хъулухъазда толел чагIазул суалгицин тIубазе бажарулеб букIунаро гьесухъа. Младотуркал абулел чагIи рукIуна бетIер борхизе лъугьун. Гьедин гьез хIаракат бахъула жидерго улкаялъул шайхулисламлъун (муфтилъун) жидерго рахъ ккурав Муса Казим Эффенди абулев чи ккезавизе.

     1908 соналда ГIумархIажица хъвала «Инкъилабалъул матIу» ва «Султанасул ихтияразул хIакъалъулъ 40 хIадис» абурал хIалтIаби. Гьез асар гьабурав султан ГIабдулхIамидица гьесие сайгъат гьабула меседил 40 гъурущ. ГIабдулхIамидил ханлъи тIаса рехизе гIемер мех хутIун букIунаро. Гьединлъидал султанасе кумек хIисабалда гьеб мехалда ГIумархIажица хъварал гьел хIалтIабазул кIвар кIудияб букIана. Гьезул аслияб магIна кколаан халифаталъул центрлъун Стамбулги, гьелъул кверщел кодосевлъун бусурбанчи-халифги вукIине кколин абураб. Бусурбанчи-халиф хIисабалда ГIабдулхIамидилги кIудияб къадру букIана дунялалъулго бусурбабазда гьоркьоб.

    1909 соналда Турциялда раккана младотурказда дандечIарал чагIи ва гьезул ишал сурун рихьизарулел «МухIамадия» абулеб союз. Гьез кколаан шаригIаталъул рахъ. ГIумархIажиги вукIана гьезда гъорлъ. Гьединлъидал жидее шаригIат билълъанхъизабизе къваригIун бугилан, кIанцIун Турциялъул парламенталдегун, нахъе гъола гьениса младотурказул депутатал, гьединго армиялдаса гьезулго офицералги ритIула нахъе.

    Амма хадуб (апрелалда) младотурказе къватIиса кумекги щун, гьез чIван, кварида ран гъанкъун, туснахъ гьарун балагь бачIинабула жидедаго дандечIун рукIарал диниял гIадамазде. Гьединго ГIабдулхIамидил ханлъиги тIаса рехула. Аллагьас кьурал къоял ахиралде щвезегIан Грециялде, Салоники шагьаралде витIула гьез гьев.

    Гьеб мехалда гIумруялъго туснахъ гьавула ГIумархIажиги.

    1909 соналъул июлалда цIияб хIукуматалъ хIукму къотIула «МухIамадия» союзалда гъорлъ рукIарал аслиял вакилзаби гIумруялъго туснахъ гьаризе.

     ГIумархIажица гьарула жиндие туснахъ хIисабалда Мадина шагьар бихьизабеян. Гьедин 1909 соналъул 30 октябралда гьев Мадинаялде вачIуна. Гьелдаса щуго сонгун бащдаб лъагIалидасан, Мадина шагьаралъул комендантасул кагъат бачIуна Стамбулалде ГIумархIажи тIурун вукIиналъул бицун. Байбихьула гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабизе. Дагьалъ чIун лъала гьев Жиддаялдасан Египеталде ворчIун вукIин.

    Гьеб заманалда Мадинаялъул шерифлъун вукIуна ХIусен ГIали ибн Аль-Хашими. НекIогоялдасаго жидедаго тIад букIараб турказул кверщел тIаса рехизелъун, дагьалъ чIун гьес турказулгун рагъ байбихьула. Гьесулги Мадина шагьаралъул комендантасулги кутакаб дандеккунгутIи лъугьуна ГIумархIажие гIологи. Шерифасул кумекчияс квербакъанин дагъистаниясе Египеталде тIуризеян гIайибал гIунтIизаризе лъугьуна гьесде комендант.

 

   Авараг макьилъ вихьи

 

     Бицен буго доб мехалда Египеталъул бетIерлъуда вукIарав ГIаббас Пашада свалат-салам лъеяв МухIамад авараг макьилъ вихьун вугилан. Аллагьасе вокьулев Мадинаялда вугев пуланав чи цIуне дуцаян абун рагIула Аварагас гьесда. Гьедин ГIаббас Паша щола Мадинаялде, Аварагасул мажгиталде. Чода тIад гьениве вачIунев чи вихьидал, ццим бахъуна гIадамазул. Цинги цо гIалимчияс абула гьесда щай мун чода рекIухъе гьаниве вачIарав, гьанире рачIине ккола гьаб бакIалъул хIурматги гьабун, ракьалдаги къочулаго. Гьеб мехалда ГIаббас Пашаца абула: «Дур хIакъалъулъ макьу бихьана дида, вачIа аскIовегIан, дуда къвал базе бокьун буго дие», — ян.

    Гьедин ГIумархIажи Египеталде уна гьесда цадахъ. Диналъул суалазул рахъалъ гIакълучилъун ГIаббас Пашал кIалгIаялъув хIалтIулевги вукIуна.

     ТIаде щола дунялалъул тIоцебесеб рагъ байбихьараб 1914 сон. Ингилисаз нахъасан гьусун, Египеталъулал тIамулел рукIуна Германиялъулгун ва Австро-Венгриялъулгун гьоркьоблъиялда бугеб ГIусманиязул империялда данде рагъизе.

    Гьеб мехалда ГIумархIажица байбихьула газетаздасан гьезде хитIабал гьаризе, нуж бусурбаби гурелищин, ярагъ гIодоб лъеян. Ингилисаз кигIан цензура билълъанхъизабизе лъугьаниги, инкар гьабуларо гьес гьединал макъалабаздаса.

     Гьединго ГIаббас Пашацаги турказул рахъ ккола. Гьелдаса хадув ингилисаз тахида цойги чиги тун, гьев туснахъ гьавун Швейцариялде витIула. Жидеда дандечIей гьабунилан, ГIумархIажиги чIвазе къотIула. Амма ГIаббас Пашаца Великобританиялъул къираласухъе кагъат битIула ГIумархIажи эркен гьавеян гьарун. Халипаталъул муфтилъиялдаса инкар гьаби ХIажимурад Магаевас передачаялда бицунеб буго ингилисазул архивалда хъван батанила гьев Маккаялде витIизе рес бугин, гьенив улкаялъул къирал ХIусен хIадур вугин хъизангун цадахъ гьев къабул гьавизе. Амма ГIумархIажи Стамбулалде тIад вуссине кканила. Антантаялда гъорлъе унел пачалихъаз тIутIун бан, къуватаб ГIусманиязул империялъул хутIараб жого батуларо гьесда. Байбихьуда живго цIалулев вукIараб мадрасаялъе нухмалъи гьабизе лъугьуна ГIумархIажи Стамбулалда. Гьебго заманалда Даруль Хиляфат университеталда дарсал кьезеги ахIула гьев. Гьединго халифаталъул султан Мехмед Анлъабилесе бокьун букIуна ГIумархIажида тIад шейхулисламасул (муфтиясул) хъулухъ къазе. Амма оккупантазул кверщаликь бугеб улка халифат кколарилан, гьединлъидал гьес инкар гьабула гьелдаса.

   ХIажимурад Магаевас бицухъе, ГIумархIажи вукъун вуго Сулеймания хабзалалъ, жиндирго шайих АхIмад Зиявуддин Гюмушханавида аскIов, ГIусманиязул султан Сулейманида гIагарлъухъ.

   

     Зульфия ХIАЖИЕВА

 (пайда босана ХIажимурад Магаевас хIадур гьабураб передачаялдаса)