Къункърабаз» рагьухъе тун буго каву

Жакъа тIолабго дунялалъулго ас­лияб масъалалъун лъугьун буго ин­санасул сахлъи цIуни. Гьеб мурадал­да гьабулеб буго гIемераб хIалтIи, тIоритIулел руго батIи-батIиял тад­бирал. Масала, МахIачхъалаялда бугеб «Къункъраби» абураб гIелмиябгун сах гьариялъулаб комплек­салдаги гIемер тIоритIула гьеди­нал тадбирал. Гьезул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталдасан» цебеги бицун букIана.

 

Дагьал церегIан къояздайин абу­ни комплексалда тIобитIана жур­налистазул гIахьаллъигун пресс-конференция. Гьениб бицана 26 январалда тIобитIизе бугеб «Меж­конфессиональное согласие — за­лог постковидной реабилитации и духовного возрождения России» абураб ТIолгороссиялъулаб гIелмиябгун практикияб конференци­ялъул хIакъалъулъ. Гьеб бухьина­бун буго «Цолъи» абураб цIаралда гъоркь гIуцIулеб бугеб рухIиябгун лъай кьеялъулаб центр рагьиялда бан.

 

«Къункъраби» комплексалъул ге­нералияв директор, МГУялъул про­фессор МухIамад МухIамадовасул хIаракаталдалъун тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ди­назул рахъалъ гIадамазе кумек гьа­бизе бегьулел ресазулги. Масала, М. МухIамадовас абуна Дагъистаналъул муфтиясул, архиепископасул ва жугьутIазул динияв цевехъанасул пикруги къабул гьабун, комплексал­да бан лъугIанин мажгитги, килиса­ги, синагогагиян.

— ЦIияб унтуде данде гьабулеб хIалтIулъ цIакъго кIудияб кIвар батана диниял идарабазул. Щайгу­релъул мажгиталде, килисаялде, синагогаялде рачIунезда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе цIикIкIараб рес букIуна. Гьединго лъабабго диналъул рукъзал рай — гьеб буго нилъер халкъазул цолъи бихьизабулеб мисалги.

 

«Къункъраби» комплексалда гIадамал сах гьариялъе хIисабалде босула инсанасул рекIел хIал, тIабигIаталдаса, хасго ралъдадаса що­леб пайда. Жакъа вирусалъул ун­тиялде данде гьарулел дарабазул абизегIанасеб пайда гьечIеб зама­налда, гьединал рахъаздаса пайда боси буго лъикIаб иш. Гьелъ киналго разияб хIасилги кьолеб буго. Гьел­даго цадахъ гьеб хIалбихьиялъ рес кьола республикаялъул больница­базда гIадамал регизе бакIал эркен гьариялъеги. Гьединлъидал гьеб хIалбихьи халкъазда гьоркьосеб­лъун лъугьинеги рес буго, — ян бица­на М. МухIамадовас.

МухIамадица ва гьес нухмалъи гьабулеб коллективалъ гьаб ну­халдаги сах гьаризе жидехъего ахIулел руго коронавирусалъ унтун рукIарал ригьалде рахаралги ва ми­скинал хъизамаздасаги гIадамал.

 

2000 соналде дандеккун Россиял­да 10 азарго больница къайги тох­турзабазул къадар 12 проценталъ дагьлъун букIинги хIисабалде бо­сани, М. МухIамадовасул нухмалъ­иялда гъоркь гьабулеб хIалтIи буго цIакъго кIвар цIикIкIараблъун.

Комплексалда тIобитIараб пресс-конференциялда журналистазул су­алазе жавабалги кьуна гьелъул гене­ралияв директор М. МухIамадовас.