Диналдехун битIараб бербалагьи – СМИяздаги бараб буго

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIана «Дин ва СМИ» абураб цIаралда гъоркь тIоцебесеб бахIсазулаб платформа. Гьенир рорхарал суалазул аслияб мурад букIана диналда хурхарал темаби СМИяз халкъалда рагIизари. Диналда хурхарал темаби рагьулелъул, СМИязда дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ бицунеб данделъиялда гIахьаллъана пачалихъиял, диниял ва жамгIиял гIуцIабазул, СМИязул вакилзаби. 

 

Ислам – ракълилаб дин

Данделъиялда кIалъалаго, ДРя-лъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас бицана медиа-сетазда динияб лъай кьеялъул суалал ритIун рорхиялъул, диниялгун жамгIиял гIуцIаби информациялъулал ишазулъ гIахьаллъиялъул кIудияб кIвар букIиналъул хIакъалъулъ.
Данделъиялда гIахьаллъизе ра-чIун рукIана Коми республикаялдаса гьалбалги. Комиялъул миллияб политикаялъул министр Галина Габушевалъ бицана Дагъистаналда Коми республикаялъул къоял кIодо гьаризе рукIиналъулги.
«Килиса ва СМИ» абураб докладгун кIалъарав иеромонах Иоаница бицана Дагъистаналда киналго шартIал гIуцIун ругин диниял конфессиязул вакилзабазе. Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялда диназул суалазда тIасан дандеккунгутIабиги рукIунаро.
— Нижеда гьоркьоб кинабгIаги дагIба букIунаро, гьеб букIине бегьулин абун ракIалдеги кколаро. Нижер мурад буго гьединабго къагIидаялда гIолохъанаб гIел куцайги. Пандемиялъул заманалда киназдаго бихьана Дагъистаналда дин батIиялин, миллат батIиялин абун гIадамал ратIа гьарулареблъиги, — ян абуна Иоаница.
Муфтияталда цебе бугеб медиа-холдингалъул вакил, «Ас-салам» газеталъул бетIерай редактор Наира МахIмудовалъ республикаялда ругел диниял СМИял рехсана ва гьезул хIалтIулъ дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ бицана.
— Цо-цо СМИязул вакилзабаз, исламалде гъорлъецин раккичIого, кьолеб буго къватIибе диналдехун божилъи гьечIолъи яги рокьукълъи бижизабулеб информация. Мисалалъе, ботIрода кIаз чIварай, берцинго ретIа-къарай бусурманчIужу йихьизаюлей йиго къварид яги хIакъир гьаюрай гIаданалъул сипаталда. Гьединлъидал жакъа СМИяз гIицIго терроризмалде данде къеркьей гуребги, диналда гьезего гьечIеб жо бицунелги ритIизаризе кколел руго.
Тахшагьаралда «Шагьидазул сквер» рагьулеб мехалда, цебеккунго ва чанцIулго бичIчIизабизе ккана гIадамазда шагьид абураб рагIул битIараб магIна.
Ахираб заманалда динияб тематикаялъул информация цIехолезул къадар гIемерго цIикIкIун буго.
Диниял официалиял СМИяз исламалъул хIакъалъулъ кинабго хIакъикъат бицуна. ХIакъикъияб ислам лъазабулев чиги батIи-батIиял диниял рикьалабаздеги экстремизмалдеги лъугьине ресги гьечIо, — ян бицана Н. МухIамадовалъ.

Культура бугелъуб захIмалъаби дандчIваларо

«Диназда гьоркьоб лъикIаб ахIвал-хIал букIинабиялъулъ СМИялъ кколеб бакI» абураб докладгун кIалъарав жамгIияв хIаракатчи Зубайру Зубайруевас рикIкIунеб буго республикаялда диназда яги миллатазда гьоркьор захIмалъабиго гьечIин абун. ГIадамазул батIи-батIияб культура букIиналъ раккулел ругин дандеккунгутIиялин бицана гьес.
— Нилъеда бичIчIизе ккола, маданияталъул даража борхизабиялда тIад хIалтIани, нилъеда гьоркьоса тIагIуна миллияллъун рикIкIунел гIемерисел захIмалъаби. СМИязда тIад кIудияб жавабчилъи буго Дагъистаналъул лъикIаб рахъ цебетIезабиялъулъги гьеб жамагIаталда бихьизабиялъулъги», — ян абуна З. Зубайруевас.
Журналист, политолог Ханжан Къурбановас СМИяздехун хитIаб гьабуна дин ва диниял гIадамазул къадру гIодобегIан гьарулел цо-цо рагIабаздаса инкарги гьабун, битIараб магIнаялда кьезе кколин диналда хурхараб баянилан абун. Масала, терроризмалъул бицунаго «исламизм» абичIого, исламалда нахъаги рахчун тIибитIизабулеб экстремизм абуни битIараб букIинин рикIкIунеб буго политологас.
Журналистазе диналда хурхарал рагIабазул магIна бичIчIизабулел хасал памяткаби гIуцIани лъикI букIинин абураб пикруги загьир гьабуна Х. Къурбановас.
СМИязул кумекалдалъун динияб гIумру хIакъикъияб куцалда бихьизабулеб бугони, экстремизмалъул нухде лъугьунезул къадар дагьлъизе бугин бицунеб букIана данделъи-ялде рачIарал диниял ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз.
Террористасулги экстремистасулги сипат-сурат бихьизабизе ва гьез гьабулеб ишалъе къимат законалъул бицун гуреб, Къуръаналдаса ва хIадисаздаса пайда босун бичIчIизабизе кколин абураб пикруялде рачIун ругин гьанже хIакимзабиян бицана хадубги Къурбановас.
— Рохьазде унел гIолилазда ракIалде кколеб буго жал диналъе гIоло къеркьолел ругин. Гьел нахъе ахIизе ккани, гьезда бичIчIизабизе ккола законалъ тамихI гьабизе букIин гуребги, ислам ракълилаб дин букIинги. Гьез гьабулеб пиша диналде дандекколареб букIин. Гьениб хIалтIизабизе ккола Къуръанги хIадисги, — ян кIалъана политолог.

Исламалъ чIужугIадан цIуни

Ахираб заманалда гIемераб халкъ жаниб бакIарулеб, бицунелдаги хъвалелдаги хадув чи гъолареб Интернеталда Дагъистаналъул ва исламалъул хIакъалъулъ тIиритIизарулел квешал харбазул хIакъалъулъ суалалги рорхана данделъиялда.
ЖамгIиял хIаракатчагIаз ва диниял вакилзабаз бицана федералиял СМИяздагицин Дагъистан ва ислам къватIиб чIвазабизе, гьеб квешаб рахъалъ бихьизабизе хIаракат ба-хъулеб бугин.
— Цо-цо гIадамаз яхI бахъулеб буго Дагъистаналда чIужугIадан рокъойги тIамун хIакъир гьаюлей йигеб гIадин бихьизабизе. Республикаялдеги рачIун, цо-цо гIунгутIабиги гIочIода чIван, гьеб Дагъистаналъулго халкъалъе хасиятаблъун бихьизабулеб буго СМИязул цо-цо вакилзабаз. ХIижабги чIужугIаданалда хIалихъе ретIи-забулеб бугин бицунеб буго гьез. Дагъистаналъе хасиятаб бихьинчиясдаги чIужугIаданалдаги гьоркьоб бугеб адабгицин тIагIинабизе хIаракат бахъулеб буго. Раккулел руго феминисталин абурал гIуцIаби. Исламалда чIужугIадан кидаго цIунарайлъун йикIинги гьез гIадахъ босуларо. ЛъикIал мисалалги рихьизего гьаруларо. Бокьилаан Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъги, киналниги СМИязги республика къватIиб чIвазабулел фильмал рахъизе гьукъизе, — ян абун бицана ДРялъул муфтияталъул вакил МухIамад МухIамадовас.
Ахираб заманалда социалиял гьиназда гIемер бицунеб, Дагъистаналда чIужугIадан хIакъир гьаюлей йигин абун телевидениялдасан ва социалиял гьиназдасан тIибитIизабураб фильмалъул хIакъалъулъги суал борхана жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьелда данде жаваблъун нилъер диналда ва гIадаталда рекъон чIужугIаданалъул бугеб къадру бихьизабизе кколин рикIкIунеб буго «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил, блогер ПатIимат ГIабдурахIмановалъ. Цогидал халкъазда дандеккун ни-лъер республикаялда чIужугIадан цIунарайлъун ва къадруяйлъун йигин рикIкIунеб буго жамгIияй хIаракатчIужуялъ.