«Гьадин холев вуго, хадур гIодизе я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро…»

 
Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, 
Дир гьаракь бахъани, дир лъималахъа?! 
Щай дий магIаруллъи, магIарул чагIаз 
Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?! 
 
 
Расул ХIамзатов
 
 
 

Гьале тIаде щвана Расул ХIамзатовасул 100 сонилаб юбилей. Россиялъулго нухмалъулездаса байбихьун, бищунго рикIкIада бугеб гьитIинаб росдал школалде гIунтIун, киналго руго гьеб кIодо гьабизе хIадурулел.

 

БитIараб бицани, дун, кие кIанцIилеяли лъаларого, нечон йиго. Расулидаса нечон йиго… Щибиландай абилеб букIараб мунагьал чураяс?

 

Нилъее Расул къваригIунищ вугев? Нилъее гьес хъварал асарал къваригIунищ ругел? Чан чияс Расулица хъвараб мац1алда гьел цIалулел? ГIолохъанаб гIелалъул чан чиясда гьел ричIчIулел? Нилъее къваригIун буго, Расулги х1алае ккун, нилъго рихьизаризе, Расул ХIамзатовасул ракьцоял, миллатцоял ругилан, цойгидазда цебе чIухIа-къули гьабизе.

 

Расул ХIамзатовас нахъе тараб рухIияб бечелъиялдаса пайдайищ нилъеца босулеб бугеб, гIакълуялда нахъищ рилълъунел ругел, гьесул васиятищ тIубалеб бугеб? ТIокIаб жо гьечIони, рахьдал мацI цIунизе ва хадусел гIелазухъе гьеб кьезе хIаракатищ бахъулеб бугеб? Дунялалда Дагъистанги Россияги машгьур гьабурав Расулил асарал цIализегIаги авар мацIищ нилъеца лъималазда малъулеб бугеб?

 

Гьаб тlубараб соналъго гьанире рилълъун кучIдул рикIкIун, доре рилълъун докладал цIалун, вукIарав цIакъав чи Расул ХIамзатовилан, гьесул памятниказда цере тIугьдул лъун, суратал рахъун, интернеталда тIиритIизарун, гьесул суратал дора-гьанир рекIинарун, кигIан гIемераб рагъа-рачари гьабуниги щиб, Расулица шигlрабаздалъун жиндир пикраби загьир гьабураб авар мацI, я бицунев, я лъазабулев, я гьелъул ургъел бугев чиго вукIунев гьечIони. Гьеб буго кIигьумерчилъи – кутакалда магlарул чиясда рекъечlеб гlамал!

 

Унго-унгоги Расул ХIамзатовасулги гьесул творчествоялъулги къимат бугел чагIи нилъ ратани, нилъеца бищун цебе республикаялда рахьдал мацIазул суал рукIалиде ккезабизе ккола. Исана тасдикъ гьабизе ккола мацlазул хlакъалъулъ Закон, маг1арул районазда ругел школазда байбихьул классазда дарсал авар мац1алда кьезе хlукму гьабизе ккола. Гьеб нилъее ц1ияб жо гуро – к1очон тараб, басрияб буго. ТIолго республикаялда, тlасиял классазда тIокIаб кидаго хисулареб 2 сагIат авар мацIалъе ва 2 сагIат авар адабияталъе кьезейилан х1укму гьабизе ккола. Гьел дарсал тIадегIанаб даражаялда кьезе шартIалги, махщел камилал мугIалимзабиги, гьезие хIукуматалъул харжалде тIаде гьедигIанго премияги чIезабизе ккола.

 

Расул Хlамзатовасул юбилеялда хурхун республикаялде биччараб гIарцул 3 процент кьун бук1арабани школлъималазе рахьдал мацIалъул ва адабияталъул цIалул тIахьал гIураб къадаралда рахъизе – гьелдаса цере чIарал суалалищ рукIарал нухалги, школалги, больницабиги къачIай? Расул ХIамзатов ремонтал гьарулев чи вукIиналъищ миллиардал гьеб рахъалде арал, хадур гIодилел Дагъистаналъул миллиял мацIалги тун? Гьеб кинабго буго гIицlго нилъер республикаялъул нухмалъулезда, депутатазда, тIадчагIазда бараб суал. Гьеле гьел шартIал тlурани букIинаанха унго-унгоги Расул ХIамзатовасул хIурмат гьаби, гьесул юбилей кlодо гьаби. Киданиги кIочонареб.

 

Жакъайин абуни, магIарул росулъ гIурус чIван, магIарул чIван, жидедаго лъикI бичIчIулареб мацI бицунел кIодоэбелалги, лъималазда гIурус мацI малъулел ясли-ахазул хIалтIухъабиги, рахьдал мацIазе кьолел сагIтазул даран-базаралда саламатал лъайкьеяльул идарабиги, гьезул кlалдире ралагьун директорзабиги… Гьединаб ахlвал-хlалалда, миллатги мацlги цlуниялъул кIвар бичIчIулев, гьелъие квербакъулев директор вуго «Миллаталъул чIухIи», гьединаздаса босизе ккола мисал.

 

Расул ХIамзатов кIодо гьавизе ккола. ТIолабго дунялалъ кIодо гьавизе мустахIикъавги вуго. Амма, жакъа Дагъистаналда миллиял мацIазул хабада магIил гьаракь рагIулеб бугеб мехалъ, Россиялъулги Дагъистаналъулги нухмалъулезда лъазе ккола гьез гьеб хабалъ Расул ХIамзатовасул творчествоги букъулеб букIин.

 

«Гьадин холев вуго, хадур гIодизе я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро…», – йилан хъван букIана Расулица…

 

Ватиладай гьал исана рук1ине ругел рикIкIен гIемерал тадбиразда гъорлъ цогIаги бахIарчияв чи:

 

– Лееее, гIадамал, нилъеца гьабулеб щиб, нилъеца бицунеб щиб, – илан абизе кIолев? – Дуца дурго магIарул районалда гIадамазде хитIаб кинаб мацIалъ, вац, гьабулеб, – илан районалъул нухмалъулесда гьикъизе кIолев?

 

– Дуца дурго школалда кинаб кIвар рахьдал мацIазде кьолеб, – илан директорасда цIехезе кIолев?

 

– Нуж нужерго лъималазда щиб мацIалда кIалъалел, – илан гьенир ракIараразда абизе кIолев?

 

– Нуж щиб бицинеха, РасуликьагIаги нечечIого, гьанире рилълъарал, – илан бадибе абун бажарулев? Щаклъи буго.

 

Щибниги хисичlони, гьаб соналъ нилъ рукIине руго нилъецаго чIварав чиясул хабадеги рахун дугIа-алхIам цIалулезда релълъун. Аллагь гурхIаги, кантIизареги.

 

Сурат босана гьаниса — www.culture.ru