Улкаялъул президент Дагъистаналда

13 марталда республикаялде вачIун вукIана Владимир Путин

 

Гьев дандчIвана Болъихъ ва ЦIу­мада районазул жамагIатазул вакилзабигун. ДандчIваялда бицана регионалда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.
МагIарулазулгун гара-чIвари гьабулаго, гьадинаб кIалъай гьабуна Владимир Путиница: «Дагъистаналде вачIиналъул мурад буго, кин гьеб цебетIолеб бугебали, кинал масъалаби дандчIвалел ва гьезда гьоркьоса, тIоцебесеб иргаялда, кинал тIуразаризе кколелали мухIкан гьаби.
Гьанир гIодорчIаразул гIемерисел дида лъала. Лъала дида, кинал гIадамал нуж ругелалиги. Гьанир ругезда гьоркьоса гIемерисел ккола гIадатиял, жидерго хъизанги лъималги рокьулел дагъистаниял. Гьелдаго цадахъ, нуж руго, хIажалъарабго, ватIаналъеги кIудияб улкаялъеги кумекалъе рахъине хIадурал чагIи. Гьедин рахъана нуж Дагъистанги Россияги халкъазда гьоркьосел террористалгун къеркьолеб мехалдаги. Бихьинал ярагъги босун, ватIанги инсул ракьги цIунизе рахъана. Дида бихьана, руччабазги гьезие кумек гьабулеб букIараблъи.
Дие цIакъ бокьун букIана нужехъе – Болъихъе яги ЦIумаде – вачIине. Амма, гьава-бакъ лъикIаб гьечIолъиялда бан, бажаричIо. Амма дун цIакъ вохарав вуго нужгун гьанив дандчIвазе рес щвеялдаса. Дие бокьун буго нужехъ гIенеккизе: кинаб къимат кьолеб нужеца нужерго ро­къоб, районазда ва республикаялдаго бугеб хIалалъе, щиб гьабилеб, хасго щиб жеги гьабизе кколеб.
Дагъистаналда руго гIезегIан масъалаби. Гьелдаго цадахъ буго лъи­кIаб цебетIейги. Газ бачана, медицинаялда хиса-басиял ккана, нухал къачIана ва цIиял рахъана. Амма, бизнесалъе санагIатал ресал гIуцIиялъул рахъалъ, Дагъистан буго 69-абилеб бакIалда. Щай? Гьадинал лъикIал, хIалтIизе гъира бугел, бажари цIикIкIарал гIадамалги рукIаго, щай рукIине кколел 69-абилеб бакIалда?
Араб соналъул хIасилазда рекъон, росдал магIишаталъул цебетIеялъул рахъалъ Дагъистан буго тIолабго Россиялдаса цебе – щуго проценталдаса цIикIкIун буго бачIин бакIариялъул иш (Россиялда – 2,4%). Промышленносталдаги буго 15 проценталдасаги цIикIкIараб цебетIей. Лъала, гьелъие квербакъана оборонаялъул промышленносталъ. ХутIараб промышленность кибе араб?
Бицине жо гIемер буго. Бокьилаан, районазул бутIруз жидерго пикраби загьир гьаруни», — ян.
АнвархIажи Вечедов, ЦIумада районалъул бетIер:
2012 соналда, хIурматияв президент, мун вачIун вукIана ЦIумада районалде. Гьелдаса хадуб районалда бана 110 бакI бугеб поликлиникаги, 620 бакI бугеб ункътIалаяб школаги, лъабтIалаяб гостиницаги, цIалдохъабазе общежитиеги.
В. Путин: Кинабго хIалтIулеб бугищ?
А. Вечедов: Буго.
В. Путин: Бараб гIоларо – хIалтIизеги ккола.
А. Вечедов: Мун нижехъе щвараб мехалда, абун букIана нухазул магIишаталда гIадлу гьабизе бугин. Жакъа къоялде хутIун буго хъил тIураб нухлул щуго километр райцент­ралде щвезе. Исана гьеб нух къачIай программаялдаса бахъун букIана. Амма, Владимир ГIабдугIалиевичгун дандчIвараб мехалда, нух цIидасан бюджеталда гъорлъе ккезабизе рагIи кьуна. Гьелъухъ баркала буго гьесиеги гьесие кумек гьабулев дуеги.
Абула, республикаялда хIалтIизе захIмалъулин. Дир пикруялда, хIал­тIи битIун гIуцIани – кьварун, низам цIунун, кинабгIаги захIмалъи бу­кIунаро. Советияб заманалда республикаялъ кьолеб бутIа букIана гьанибе бачIунелдаса цIикIкIараб хайир. ГьабсагIаталда нижеца хIа­ракат бахъулеб буго налогазул база камил гьабизе. ЗахIматго буго, амма иш рагIалде бахъинабизе жигар бахъила.
Районалдаса цогидал бакIазде нух гьечIо. ГьабсагIаталда бахъулеб буго ЦIунтIа районалде нух. Гьеб лъугIидал, районалдасан хьвадулеб транспорт гIемерлъила ва гьелдасаги пайда щвела районалъе.
Масъалаби гIемер руго районалда цере. Масала, лъабго школа тIубан биххун инеб буго. Лъимал цIализарулел руго фельдшеразулгун акушеразул пункталда. Кумек гьабизе рагIи кьуна Владимир Васильевас.
2011 соналдаса нахъе районалъе кьечIо инвестициял. Киса росилел налогал? Гьел ракIарулелго рукIинчIо. ГьабсагIаталда балеб буго цо школа. Сентябралде гьеб хIалтIизе байбихьила. Районалъул сурсатаздаса пайдаги босун, рагьана ункъо лъималазул ах. Росабалъе бачине ккола лъим. Амма буго росабазда гьоркьосеб лъел мухъ: гьелъ хьезабула ункъо росуги, школа-интернатги, ункъо лъималазул ахги. Рес бугони, бокьилаан, гьеб къачIазе кумек гьабуни.

Ришватчилъиялде
данде къеркьей

В. Путин: Ришватчилъи тIегьан буго Дагъистаналда гуребги, улкаялъул цогидал регионаздаги. РишватчагIаз гIицIго жидерго кисаби гуро цIезарулел. Гьелги цIезарула, нуж гIадинал гражданазухъаги бахъун. Гьеб буго бищунго кIудияб такъсир. Гьез Марсалдаса яги Москваялдаса гуро гIарац босулеб – гьеб бахъула жидерго мадугьалзабахъа.
Дир кIудияб хьул буго, республикаялъул цIияб нухмалъиялъ, чорокал ишазде гъорлъеги лъугьинчIого, пуланаб болжалалда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисизабиялде. Нухмалъиялда вугев щивав хIакимчиясул гIумру ине ккола гIадамазе лъикIлъи гьабулаго. Гьелъие гIоло вачIарав вуго Владимир ГIабдугIалиевичги Дагъистаналде.
Щаклъи гьечIо – Дагъистаналда руго ракIбацIцIадал, ишалъулал, яхI-намус бергьарал гIадамал. Гьединазде мугъчIвазе ккола Васильевасги. Гьединал, республикаялъул цебетIеялъе квербакъулел хIалтIухъаби ралагьизе ккола.
МухIамад ПатхIулаев, Болъихъ районалъул бетIер:
«ХIурматияв Владимир Владимирович! Районалъул сипат хисизабизе квербакъарав кIиго чиясул цIар къадруялда ракIалдещвезабула балъхъадерица: тIоцебесеб иргаялда, СССРалъул радиопромышленносталъул министр Петр Степанович Плешаковасул. Гьесул квербакъиялдалъун районалда хIалтIизе байбихьана завод. Гьений хIалтIулаан 1800 чIужугIадан, моцIрое щолаан 200 гъуруш. Доб заманалда райкомалъул секретарасе щолаан 180-200 гъуруш.
Дол соназда рана 42 гIемертIалаяб минаги, спорталъул бакIалги, культураялъул рукъзалги. Гьеб кинабго ракIалда буго районалъул жамагIаталда. Гьелъухъ гьез жакъаги кьолеб буго баркала.
Дагъистаналъе, Болъихъ районалъе захIматал къоязда, рагъулал лъугьа-бахъиназул заманалда, мун щвана Болъихъе ва, гIадамазда цеве кIалъалаго, дуца гьадин абуна: «Кинабго гьабизе буго, амма цин тIагIинаризе руго хъачагъалги террористалги», — ян. Дуца кьураб рагIи ккуна. Гьелдаса нахъе Плешаковасул цIаралда цадахъ рехсола дур цIарги. Мун вачIиналъухъ балагьун чIун рукIана районалъул халкъ – гьеб лъаларедухъ хисун буго.
Владимир Владимирович, дур бихьизабиялда рекъон, цIигьабуна районалъул больница – гьабсагIаталда гьениб лъолеб буго 215 млн гъуршил багьаяб гьанжезаманалъул технологиялъул алатал. Гьеб букIине буго МугIрузулаб Дагъистаналъул диагностияб центрлъун.
Районалде бачун буго газги. Баркала гьелъухъги дуе. КъачIана нухалги. Бана низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе гIемертIалаяб минаги.
Нижер буго кIудияб район – гьениб гIумру гьабула 60 азаргогIанасев чияс. Масъалаби камун рукIунаро, амма гIадамаз дида абуна, нечезе ккелин гьаб-доб духъа гьаризе. 270 азарго гIиялъажо хьихьула районалда. Гьелъул гьан бичула Москваялдаги, Питералдаги. Бан буго гьанал нигIматал гьарулеб цехги, гьенир хIалтIизарула Италиялъул технологиял.
Буго цебетIураб росдал магIи­шатги. ХIалтIулеб буго консервал гьа­рулеб завод. Кин бугониги, буго кIи­го гьариги. Районалда буго 14-30 сон бараб 12000 лъимер, 14 сониде ба­хараб – 10600. Бокьилаан гьезие ка­детазул яги Суворовасул школа бани. КIиабилеб гьари – завод хIалтIизабизе кумек гьабе. Гьениб хIалтIизе рес щвелаан 300-400 чиясе».

* * *
Гьеб лъугьа-бахъиналда бан ни­­жеца гара-чIвари гьабуна Бо­лъихъ районалъул бетIер МухIамад ПатхIулаевасулгун.
— МухIамад, В. Путинил тIоце­бесеб нух гуро республикаялде ва­­чIунев вугев, щун вукIана гьев Болъихъеги. Гьаб нухалда гьесул гара-чIвари букIана дургунги. Кинал суалал дуца гьесда цере лъурал?
— Владимир Путин кIигониги нухалда щун вукIана Болъихъе. Гьаб нухалдаги гьес тIоцере къабул гьаруна балъхъал. Президентас цIехана балъхъадерил жамагIаталъул ахIвал-хIал ва абуна районцоязда жиндир салам бицейиланги. Дица гьесда бицана доб заманалда СССРалъул министр Петр Плещаковас ва хасго ахирал соназда Россиялъул президентас балъхъадерие гьарурал лъикIал ишазул хIакъалъулъ. Масала, Болъи­хъе бахъараб нухлул ва бачараб газалъу­л пайда щвана мадугьалихъ ругел ГIахьвахъ, Гумбет, ЦIумада ва цогидалги районазеги. Дица гьесда цере-­лъуна гIаммаб къагIидаялда районалъе кIвар бугел суалалги:
— Радиозавод цIидасан хIалтIи­заби.
— ГIун бачIунеб гIелалъе махщел щвеялъе ва гIолилал куцаялъе районалда кадетазул корпус яги Суворовасул училище рагьи. Гьелъие хIажатаб инфраструктураги буго районалда.
— Специалистазе 52 квартираялъул мина бай.
— Аскарияз рехун тараб кьишни хIалтIизабулеб завод рукIалиде ккезаби яги гьеб районалъул балансалде кьей.
— 1999 соналъул август-сентябралъул рагъулъ гIахьаллъарал ополчениялъе статус чIезаби.
Президентас мухIканго гIин­тIамуна рорхарал суалазухъ ва ра­гIиги кьуна гьел тIуразе.
— Гьесул кIалъаялдаса бихьулеб букIана, гьава-бакъалъул шар­тIаз­да бан, районалде щвезе рес кке­чIолъиялдаса гьев дагьав пашманго гIадин вукIин. БукIанищ гьедин?
— ХIакъикъаталдаги, Владимир Пу­тиница абуна жинда ракIалда бу­кIанила Болъихъе вачIинеги, амма гьава-бакъалъул шартIал ре­къечIолъиялъ, рес ккечIила.
Бищунго захIматал къояз Болъи­хъе щварав гьесда бихьана балъхъадерил къохIехьейги, бахIарчилъиги, лебаллъиги.
Доб заманалда Путиница абуна: «Дица дагъистаниязул хIурмат гьабулаан, гьанжейин абуни гьел дие рокьула», — ян. Абиларебги кинха, доб заманалда Россиялъул БахIарчилъун вахъана 17-яв, гьезда гъорлъ Бо­лъихъ районалдаса лъабго чиги. 152 чиясе щвана БахIарчилъиялъул орден, нус-нус чи мустахIикълъана пачалихъалъул цогидал шапакъатазеги. Россиялъул цолъиялъе гIоло рухI кьуна районалдаса 16 чияс.
— Мун тIоцебесеб нух гуро гьевгун дандчIвалев. Щиб гьесулъ дуе рекIее гIураб?
— Дида гьаб нухалда Президентасул гьурмада, гьесул рагъа-рачариялъулъ бихьана унго-унгояб таваккаллъиги, гьабулеб ишалда ракIчIейги. Пикру гьабизе бачIуна гьесул кIудиял планал ругин, хасго улкаялъул экономикияб рахъ борхизабизе, оборонаялъулаб рахъ щула гьабизеги. Щивгун гьев кIалъалев вугониги, бихьулеб букIана гьесул пикраби экстремизмалъул, терроризмалъул хIужаби нилъер гIумруялдаса тIагIинариялда рухьарал рукIин.
Гьесулгун букIараб кIалъаялда дицаги абуна дагъистаниязе аслияблъун бугин пачалихъалъул мал бикъаравщинав нахъбуссинабизе тIамиян.
— Кинаб бугеб гьабсагIаталда районалда Россиялъул президент вищиялде хIадурлъи?
— Рищиязда балъхъадерица кидаго жигарчилъи бихьизабула. Арал рищияздаги ракIалда буго, районалда гьеб тIобитIана байрам киниги. Гьелъие киналниги шартIалги чIезарун руго. Районалда гьабнухалдаги хасаб календарияб планалда рекъон рищиязде гьабулеб хIалтIи рагIалде бахъун буго. Аслияб жолъу­н нижеца рикIкIуна гIадамазул жигарчилъи букIин, гьел гьаракь кьезе рачIин. Дагъистаниязда, хасго нижер районалъул гIадамазда лъала, бичIчIула, кинаб кIвар бугеб ишлъун кколеб жакъа жал гьаркьал кьезе къватIире рахъин.
Болъихъ районалъул жамагIаталъ В. Путин рикIкIуна жидерго ракьцоявлъун. Гьединлъидал, ракIчIараб буго, рищияздаги районалъул гIадамаз жигараб гIахьаллъи гьабиялда.

* * *
Владимир Путиница тIобитIараб данделъиялда абуна, жив рази хутIанин Болъихъ ва ЦIумада районазул вакилзабазулгун букIараб гара-чIвариялдаса. Хадубго бицана 2017 соналда Дагъистаналъул экономикаялдаги росдал магIишаталдаги букIараб цебетIеялъул хIакъалъулъ.
«Гьелдаго цадахъ, дагъистаниязе щолеб хайир улкаялъул гражданазе щолелдаса цIакъго дагьаб буго. Гьеб рахъ роцIцIинабизе ккола. Квешал гьечIо демографиялъул баяналги. Лъимал гьариялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда.
ГьабсагIаталда республикаялъул бюджеталъул 70 процент бараб буго федералияб бюджеталдаса кьолел субсидиязда. Нилъер аслияб масъала ккола федералияб нухмалъиялда цадахъ Дагъистан донорлъун гьаби. Федералияб бюджеталъул гIарцуда барахщун гуро – тIадегIанал технологиязул кьучIалда хIалтIулел предприятиялги рагьун, гьенир гIадамазе хIалтIизе бакIалги гьарун, дагъистаниязул гIумру цебетIезабиялъе гIоло.
Руго налъаби, гьел цIикIкIунелги руго. Пенсиялде ине заман щварал гIадамазе захIмалъулеб буго хIалтIи балагьизе. Вузал лъугIарал гIолилалги, хIалтIи гьечIолъиялда бан, республикаялдаса гочине кколел руго. Гьеб хIал хисизабизе къваригIун буго.
Республикаялъул цебетIеялъе квал­­квал гьабула рищватчилъиялъги. Гьеб буго цогидал регионаздаги. Амма дир ракIчIола, ругел ресаздаса пайдаги босун, цебетIураб республикалъун Дагъистан лъугьиналда», — ян абуна Владимир Путиница.
Республикаялъе инвесторал рачIи­наризе кколинги абуна гьес. Гьеб рахъалъ кIвар бугеблъун рехсана гIисинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъе кумек гьабиги, фермеразул ва хъизамазул магIишатал церетIезариги, социалиял масъалаби тIурайги.
Сапаралъул ахиралда Владимир Путин дандчIвана Владимир Васильевгун. «Дур пикруялда, тIоцебесеб иргаялда кинал масъалаби тIуразе кколел Дагъистаналъул цебетIеялъе гIоло?» — ян гьикъана президентас республикаялъул нухмалъулесда.
Васильевас рехсана гьадинал масъалаби: маялъул указал гIумруялде рахъинарулаго, социалиял суалал роцIинари, бакIазул нухмалъулезулгун гара-чIвариял гьари; газалъулги цIатариялъулги заправкабазул ва базаразул бетIергьабазулгун дандчIваял гьаруна – гьезул масъала тIубазе ккола; бакIал ралел хасал предприятиязулгун гьоркьорлъаби роцIинари.
kremlin.ru. сайталдаса