ХIалтIизе ккола хIасил ккезелъун

Игорь Баринов — Дагъистаналда

 

Миллатазул ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъул нухмалъулев Игорь Баринов гIахьаллъана «180318: Нижеца бищула къуватаб улка!» абураб ТIолгороссиялъул миллатазда гьоркьосеб зарядкаялда. Гьеб гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, Елена Исинбаевалъул цIаралда бу­геб стадионалда. Гьелда гIахьал­лъана машгьурал спортсменалги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Тадбиралъул аслияб мурад букIана 18 марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязулъ гIахьаллъеян гIадамазда лъазаби.
Зарядкаялдаса хадуб Баринов дандчIвана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул студенталгун ва балагьана ВатIаналъе гIоло гIумру кьурал батIи-батIиял миллатазул БахIарзазул суратаздаса гIуцIараб выставкаялъухъги.
Гьелдаса хадув ДРялъул бе­тIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги дандчIвана Игорь Бариновгун.
Бариновас абуна Дагъистан бугин Россиялъул Федерациялда бищунго спортивияб регион. «Дагъистан чIу­хIизе бегьула гIалимзабаздасаги гьу­нарчагIаздасаги. Дир пикруялда, спортги, гIелмуги, культураги бу­го Дагъистаналъул букIинесеб», — ан.
Владимир Васильевас абуна, гьединаб букIинеселъе гIоло цадахърекъон хIалтIизе кколин. «Цереккунги нилъ хIалтIулаан лъикIаб хIасил ккезелъун. ХIаси­лин абуни, букIине ккола улкаялъул президентас кидаго бицунеб гIадинаб: гIадамазе кумек гьаби, лъикIал шартIал гIуцIи», — ян бицана гьес.
Федералияб идараялъул нухмалъулес гара-чIвариялда тIадчIей гьабуна ритIухълъи цIуниялъул кIваралде. «Северияб Кавказ, хасго Дагъистан, ккола бищун гIемер миллатаз гIумру гьабулеб регион. Гьаниб буго халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ лъикIаб хIалбихьи. Гьанир рукIине кколаро миллатазда гьоркьосел тунка-гIусиял. Гьел рижула, бакIалъул нухмалъиялъ, республикаялъулаб власталъ тIекъал хIукмаби къабул гьарураб мехалда, хIатта ритIухълъи цIунизе ккола ракьазулги экономикаялъулги масъалабазда бан. ЦIодорлъи гьабизе ккола гьеб рахъалъ ритIухълъи чIезабиялъе. Гьединаблъун букIи­не ккола щибаб хIукмуялъул мурадги», – ян бицана Игорь Бариновас.
«Дагъистанияз тIоцебесеб иргаялда тIалаб гьабулеб буго ритIухълъи. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер хъвалеб буго – дица гьеб цIалула ва дие гьелъул хIа­къа­лъулъ бицуна. Ракь – халкъалъе! Гьеб буго кидагосеб ахIи, нилъеда тIадаб буго гьеб рахъ камилги гьабизе», — ян абуна республикаялъул нухмалъулесги.