Анкьил хIасилал

ТIамуна таваккалаб гали

 

Дагъистаналде ячIун йикIана РФялъул сахлъицIуниялъул
министр Вероника Скворцова

Гьей щвана «ПатIимат-эбел» абураб цIар кьураб республикаялъулаб перинаталияб централде. Гьелда цадахъ рукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовги, рехсараб централъул нухмалъулев Низам ГIусмановги.
МахIачхъалаялда перинаталияб центр рагьана 2017 соналда. ЛъагIалида жаниб гьениб микь­азаргоялдаса цIикIкIун гIаданалъ гьабула лъимер. Центр рикIкIуна Северияб Кавказалда бищунго кIудияблъунги.
Вероника Скворцова щвана республикаялъул медицинаялъул цогидал идарабаздеги. Сапаралъул хIасил гьабулаго, федералияй министралъ гьадин абуна: «Дагъистаналъул сахлъицIуниялъ лъикIал галаби тIамун руго церехун. 2017 соналда рагьараб Перинаталияб централда жакъа къоялде гьабун буго кIиазаргоялдаса цIикIкIун лъимер. Гьеб буго тIа­дегIанал технологиял хIалтIи­зарулеб центр. Нижеда гьенир рихьана Россиялъул цогидал регионазда гьечIелги цIиял технологиял. Бихьана лъимадулги эбелалъулги реанимация гьабулеб отделениеги. Гьабулаго, лъимер хвеялъул хIужаби дагьлъун руго», — ян.
Вероника Скворцова гIажаиб­лъи­­заюна Дагъистаналъул бу­хIия­лъул (ожога­зулаб) централда гIу­цIун ругел шартIазги. «Лъималазеги чIа­хIия­зеги кумекалъе гьенир ругел аппаратазухъ балагьун, аби­зе бегьула, гьеб центр аслияб бу­гин Югалъулабги Севериябги Кавказалъул федералиял округазул центразда гьоркьоб. Гьенир хIалтIулел тохтурзабазул бу­го тIадегIанаб махщелги жидерго хасал хIалбихьиялгун цIигьа­риялги, хасго черхалъул 60-70 процент бухIун бугониги, инсанасул сахлъицIуниялъе квербакъулел», — ан бицана министралъ.
ЛъикIаб пикру буго гьелъул травматологиялъулги ортопедиялъулги, бидурихьазул регионалияб централъулги хIакъалъулъ. РекIелъ хасаб чIухIигун бицана гьелъ ветераназул госпиталалъул хIакъалъулъги. «Аслияб куцалда рекIее асар гьабула госпиталалъул тохтурзабаз – гIелмабазул кандидатал, гIолохъанал, цебетIеялде кIваркьолел, ракI-ракIалъ унтаразул тIалаб-агъаз гьабулел», — ан къимат кьуна Скворцовалъ.
Бихьаралдаса чIухIизе бачIунин абуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги. РакIбохизабулеб хIужалъун гьес рехсана Россиялъул чIахIиял шагьа­разда хIалбихьи щварал тохтурзаби-дагъистаниял, ватIа­налдеги рачIун, цIиял технологиязда рекъон хIалтIулел рати.