Анкьил хIасилал

РФялъул хIукуматалъул комиссиялъул данделъи

 

Данделъи тIобитIана 26 февралалда Грозныялда. Гьеб нухда бачана улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.
Комиссиялъул гIахьалчагIаз бицана вузал лъугIизарурал гIолохъанал махщелчагIи хIалтIи гьечIого хутIулел рукIиналъул хIакъалъулъ. «Улкаялъул выпускниказул хIисаб гьабураб мехалда, гьезул лъабил бутIа хутIулеб буго хIалтIи щвечIого. Гьеб ккола пачалихъияб масъала», — ян абуна Дмитрий Медведевас.
Северияб Кавказалда хIалтIул ба­кIаз­даса гIемер руго махщелчагIи. Гье­дин­лъидал гIолилал хIалтIудалъун хье­зариялъе хIалтIизаризе ккола туристиябги медицинаялъулабги кластерал гIуцIиялъул программабиян бицана премьер-министрас. Гьесул пикруялда, вузазда ругел бюджетиял бакIал рекъонккезаризе бегьула гьел программабигун. Гьелде тIадеги, Кавказалда хIадуризе бегьула цогидал регионазе хIажатал хIалтIухъабиянги абуна гьес.
Кавказалъе хасиятаблъун рехсана хIакъикъаталда хIалтIулел, амма кибниги хъвай-хъвагIай гьабичIел гIадамазул къадар цIикIкIараб букIинги. Гьелъие квербакъулеблъун Медведевасда бихьула хъизамалъулаб бизнес цебетIей. «Гьединаб бизнес рагIдукьа бахъиналъе квербакъизе ккола», – ян абуна премьер-министрас.
Гьелго масъалаби хасияталлъун руго Дагъистаналъегиян бицана Владимир Васильевас. «Амма Дагъистаналда хIалтIул бакIал цIикIкIунел руго ахирал соназда. Гьелъие кумек ккана оборонаялъул промышленносталъухъе пачалихъалъул заказал кьеялъулги. Республикаялда руго улкаялъего пайдаялъе хIалтIизаризе бегьулел гIолилал. Гьезухъа бажарула, гугариялъул ургуялда гуребги, цогидал рахъаздаги лъикIал хIасилалгун хIалтIизе. Программаялда дида бихьана улкаялъул батIи-батIиял регионазул цогояб къагIида гIуцIизе букIин. Нижеца хIадуризе руго махщелчагIи»,– ян абуна гьес.