Закон ва инсан

2017 соналда ЦIех-рехалъул управлениялде бачIана 5,5 азарго такъсир гьабиялъул хIакъалъулъ баян

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гIахьаллъана РФялъул ЦIех-рехалъул управлениялъул Дагъистаналда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталъул данделъиялда.

Рехсараб комитеталъ гъоркьиса гьабураб хIалтIулги 2018 соналда церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ данделъиялда бицана комитеталъул нухмалъулев Сергей Дубровиница. «Следователаз халгьабулеб букIана 2,2 азаргоялдаса цIикIкIун уголови­яб делоялъул. Гьезда гьоркьоса ахиралде щвезегIан цIех-рех гьабуна 1489 делоялъул ва судалде битIана 1303 дело. КIицIул дагьлъана низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазул рахъалъ гьарурал такъсиразул къадар. Гъоркьиса гьабун букIана 69 гьединаб такъсир, исана – 30. Щибаб такъсир рагьана ва такъсирчагIазе тамихIги гьабуна.
Терроризмалдагун экстремизмалда бухьараб такъсир гьабиялда бан рагьана 70-ялдаса цIикIкIун уголови­яб дело. Гьезул цIех-рех гьабуна ва судалде битIана 36 дело.
Ришватчилъиялде данде къеркьеялъул мурадалда рагьун буго 338 дело (гъоркьиса букIана 298), жавабчилъиялде цIана 25 хIакимчи. Гьелги ккола шагьаразулги, районазулги, росабазулги бутIрул, руго муниципалитетазул депутаталги», — ян бицана гьес.
Владимир Васильевас абуна, Дагъистан рищватчагIаздаса эркен гьа­биялъул хIалтIи гьоркьоб къотIизе гьечIин, амма такъсирчагIазулгун рагъ гьабулаго, киналго рахъал хIисабалде росизе кколин. «Жакъа нилъеца гьабулеб хIалтIи законалда рекъон­кко­леблъун букIине ккола. ГIадамазда бихьизе ккола, закон хвезабурав чи тамихIалдаса ворчIизе гьечIеблъи, кигIан кIудияб хъулухъалда гьев ватаниги», — ян бицана республикаялъул нухмалъулес.