Рищиял -2018

Улкаялъул президент вищизе хутIана 39 къо

 

ДРялъул Рищиязул комиссиялъул председатель МухIамад Дибиров дандчIвана республикаялъул журналисталгун

«Дагъистан» РИАялда букIараб дандчIваялда МухIамадица бицана республикаялда гьабулеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
«Рищиязул комиссиязги бакIалъул нухмалъиялъги жигар бахъулеб буго президентасул рищиязда хIинкъигьечIолъи чIезабизеги щивав избирателасе санагIатал шартIал гIуцIизеги. ГьабсагIаталда хIалтIулеб буго республикаялъулабги, 54 территориалиябги, 1915 участокалъулабги комиссия. Вищун вуго гьаракь кьезе ихтияр бугев 13 азаргогIанасев рищиялъул комиссиялъул членги.
РакIбацIцIадго рищиял тIоритIиялъул мурадалда, хIалтIизаризе руго цIиял технологиял. ЦIияб законалда рекъон, рищиязул участокалъул комиссиялъул щибаб протоколалъул букIине ккола QR-код: гьеб лъихъаниги хисизабун бажаруларо ва цого рищиялъул участокалдаса цIияб кодгун печаталде цIидасан бахъараб протокол компьютеразулаб сис­темаялъ къабул гьабизе гьечIо. Цо-цо рищиязул участоказда букIине буго бюллетенал рикIкIунеб комплекс (КОИБ). 2010 соналъул рищияздаса хадуб республикаялда буго 94 КОИБ. Гьел хIалтIизаризе руго МахIачхъалаялдаги Буйнакскалдаги. КОИБазе техникияб хъулухъ гьаби республикаялъул бюджеталъе хираго чIола (цоялъе хъулухъ гьабун 15 азарго гъуруш), гьединлъидал рес гьечIо гьел системаби киса-кирего лъезе. 380 бакIалъул участокалда чIезабизе буго видео-халкквейги. Гьеб гIуцIизе буго онлайн-къагIидаялда, ай гьениб лъугьа-бахъунеб жоялъухъ балагьизе бегьула Интернеталдасан.
Исана рищиязул участоказда рукIине руго ЖамгIияб палатаялдаса вакил гьарурал халкколел (наблюдатели). ХIадурулел руго гьелъие жамгIиял гIуцIабазул вакилзабиги», — ян бицана МухIамад Дибировас.
Баян кьуна гьес президентлъиялде кандидатура лъуразда банги. «Исанасел рищиязда гIахьаллъизе гъира бугин лъазабун букIана 70 чияс. ГьабсагIаталда хутIун вуго микьго. Гьезул лъабгоясул централияб комиссиялъ хъвай-хъвагIайги гьабун буго: Павел Грудининил (КПРФ), Владимир Жириновскиясул (ЛДПР) ва Владимир Путинил (живго жинцаго кандидатлъун вихьизавурав). КватIичIого ЦИКалъ халгьабизе буго жеги щуго кандидатасул: Сергей Бабуринил («Россиялъул гIаммаб халкъалъул союз»), Максим Сурайкинил («Россиялъул коммунистал»), Борис Титовасул («Партия Роста»), Ксения Собчакил («Гражданская инициатива»), Григорий Явлинскиясул («Яблоко»)», — ан абуна гьес.
Цересел рищиязда Дагъистаналъул СМИяздасан агитация гIуцIиялъулъ кинабгIаги гъалатI тIатинчIинги абун, Дибировас баркала кьуна журналистазе.
Гьединго бицана гьес исана хIалтIизабизе бугеб цIияб къагIидаялъулги. «Республикаялда хъвай-хъвагIай гьабичIев чи вуго гIемер (масала, Россиялдаса рачIарал полициялъулал ва цогидал идарабазул хIалтIухъаби). Нилъер ракьцоялги руго росулъ хъвай-хъвагIай бугел, амма гIумру шагьаразда гьабулел. Гьел, рищиязда гIахьаллъизе гIоло, магIарухъе яги хъвай-хъвагIай гьабураб бакIалде ине кколаро гьанже. Жалго ругеб бакIалда кьезе бегьула гьаракь. Гьелъул мурадалда бакIалъул рищиязул комиссиялде яги МФЦялде хитIаб гьабизе ккола. Гьединабго хитIаб гьабизе бегьула пачалихъиял хъулухъазул цогояб порталалдаги», — ян бичIчIизабуна МухIамадица.
Кавсарат Сулейманова