Дагъистаниялгойищ ратичIел?

Улкаялдаго рагIарал рекъечIел лъугьа-бахъинал ккана гьал къоязда

Дагъистаналда: туснахъ гьаруна республикаялъул хIукуматалъул нух­малъулел. Гьедин ккеялда щаклъи букIинчIо республикаялъул бе­тIерасул ишал тIуралевлъун В. Васильев тIамуралдаса.
Кинха нилъ гьединаб хIалалде ккарал? Нухмалъиялъул идарабазда цебего гIадлу гьабизе щай бегьулеб букIинчIеб, гьелъул бицун, ахIи балел рукIанин жамгIиятчагIиги инсанасул ихтиярал цIунулелги? Гьеб кIвар бугеб ва дагъистаниялъулазул къадру гIодобе ккезабулеб сурараб ишалъул ва цогидал регионаздаса рачIарал «варягазул» жидерго пашманаб тарих буго. Гьеб байбихьана гIага-шагарго 1990-абилел соназдаго, жеги гъваридго тарихалде раккани, 1970-абилел соназдаго. Гьелъул хIакъалъулъ дица хъван букIана 2017 соналъул ноябралда «Дагъистаналъул нухмалъулезул кьеразулъ кризис» абураб макъалаялда. РакIалде ккезе бегьула, кинабго бараб бугин республикаялъул хIакимзабаздайин, амма гьебго заманалда лъазе ккола федералияб ва республикаялъул властазул гьоркьорлъабазул «балъголъабиги».
Балагьеха нужго. Жакъа гьаб хIалалдаса нилъ цудунго цIунизе бегьулел хIужаби гIемер рукIана. Гьезул цо-цоял рехселин:
1. Дагъистаналда бугеб хIа­ттал­­даса араб коррупциялъул хIа­къалъулъ ХIисабалъулаб палатая­лъул ва ДРялъул прокурор И. Яра­лиевасул докладал — 1997 сон;
2. Дагъистаналда бугеб РФялъул ХIисабалъулаб палатаялъул доклад (щибго хIасил кьечIеб);
3. Республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицун 2005 соналда Д. Козакица хъвараб доклад. Дир хIисабалда, гьелъ, дагьабго бугониги, хIасил кьуна (докладал цIалулаго, квешаб асар лъугьуна рекIее);
4. Дагъистаналъул президентлъун вугеб заманалда, ЮФОялъул данделъиялда МухIу ГIалиевас гьабураб кIалъай. Гьениб «РагIдукь бахчараб экономика ва коррупциялда данде рагъ» абураб темаялда гьабураб кIалъаялда республикаялъул президентас гIайибчIвалеб буго федералиял управлениязул идарабазда (ГIурхъицIунулезул ва Таможниялъул хъулухъаздегун РФялъул МВДялда ва прокуратураялда) лъугьа-бахъунелде берал къанщулел ругин (хIатта бахчулебцин бугин), экономикиял такъсиразде щибго кIвар кьолеб гьечIин.
5. РФялъул (Дагъистаналъул) ракь, Самур гIурул рагIаллъи Азербай­жаналъе кьей релълъуна коммерция­лъулаб къотIи-къаялда. Гьеб мехалъ Дагъистаналъул президент М. ГIалиевас гIайиб гIунтIизабуна къва­тIисел ишазул министр С. Лавровасде «Мун лъил министр: Азербайжаналъулищ ялъуни Россиялъулищ?»- анги гьикъун. М. ГIалиевас инкар гьабуна Д. Медведевас (доб заманалда Россиялъул президент) кьолеб шапакъат босизеги.
Дагъистаналда гьединаб ахIвал-хIал ккезе биччаларин лъугьаразеги зарал тун батIияб жо ккечIо: чIвана ХIажи ГIабашилов, ГIабдулмалик АхIмадилов, ХIажимурад Камалов ва цогидалги. КIалъазе лъугьанщинасда «вагьабиял» ругин, ялъуни «вагьабиязе кумек гьабулелин» абун бугьтанал лъезе гIедегIана. ЦIогьорасул гIадатIа цIаян абухъего, террористазулгун жидерго бухьенал ругез кIал цебе ккезабуна, битIараб бицине бахIарчилъи гIуразда такъ­сирчагIиян цIарал чIвана. Жа­ма­гIатчагIи ва журналистал вагьа­бия­зул рахъкколездаса ялъуни ди­ниял фанатизмалдаса рикIкIад ругел гIадамал ккола.
Гьелъги батила республикаялда гIадамазул божилъи хвана федералияб власталдаса (гьезги дагьаб бикъулеб гьечIин — гьеб битIараб пик­рулъун рикIкIуна дицаги).
Республикаялдайин абуни, гьеб заманалда нухмалъиялде рачIарал цо-цо гIадамазда ракIалде ккана, кинабго тIаса инабилин, гьанжеги, 90-абилел соназдаго гIадин, «ругьунабго рахънисан» инин кинабго. ХIасил? ХIасил – киназдаго бихьана.
Цо-цо мехалда ракIалде ккола, бакIалъулал нухмалъулезда хадубги «бер бугин», цо къоялъ (гIадат буго рищиязда цебе) байбихьилин гьел туснахъ гьаризеги абун. Гьанжесала иш дагьаб батIайиса ккана. Жеги киданиги гьадин республикаялъул нухмалъи «хисун» букIинчIо, гьебги, гьезул бакIалде цогидал регионаздаса гIадамалги рачун. Гьеб ахIвал-хIалалъ пикраби гьаризе тIамулел руго.
Киналго, тIадегIанал хъулухъазда ругел хIакимзабиги батIалъи гьечIо, хIадурго рукIине ккола жидер гIумру, бегуниса бахъун, хисизе бегьулеблъиялде. Жеги суд гьабичIо, гIайиб чIезабичIо, амма «маски-шоу» гьабулеб буго Россиялъул избирателазе. Дагъистаналда данде магIнагун, рищиязда цебе гьабулеб унго-унгояб «пиар-акция» буго гьеб, дир хIисабалда
Татарстаналдаса вачIарав Да­гъистан Республикаялъул хIуку­маталъул председателасул бицунаго, абичIого гIоларо, гьев тIамулелъул, республикаялда ругел кадрабазул ресазул хIисабго гьабун гьечIин. Нижеда, Дагъистаналъул экспертазул гIуцIиялда, кIола нухмалъиялде мустахIикъал, «чорокал бухьенал ругезул» мухъилъ гьечIел, Дагъистанги дагъистаниялги лъикI лъалел, премьер-министрасул хIалтIиги гьабун бажарулел гIадамазул цIарал рехсезе.
ГIадамазда гьоркьоб жидер адабги бугел, рагIиги билълъарал дагъистаниял руго республикаялда, Россиялъул цогидал регионазда, Белоруссиялда, бизнесалда ва цогидал регионазул нухмалъиялда. Гьединав цо-кIиго гурев, анцI-анцI чи вуго. Щай бегьулереб гьел ахIизе гьанире? Татаразул нилъеца хIурмат гьабула, амма… суалал хутIулел руго.
РакIалде ккола, Дагъистаналъул ВРИО гьеб суалалде тIадвуссине ккелин. Гьарула цIияв премьерасе хIалтIулъ тавпикъ. Заманалъ бихьизабила кинабго.
Киналго дагъистаниял, рес ккарабго, «бахъизе», бикъизе хIадур ругин аби мекъаб пикрулъун рикIкIуна дица. Гьеб ккола Дагъистан ва дагъистаниял гъваридго лъангутIи. Гьеб лъачIого гIолароха «захIматаб» республикаялда нухмалъи (лъикIаб хIасил кьоледухъ) гьабизе рачIараздаги. БитIун гьечIо, хIалцин бихьичIого, нилъер гIадамазул хIакъалъулъ «варягал» гьечIого тIураларел «аборигенал» ругин гьалин абураб пикру букIин.
Гьеб буго киналго дагъистаниял хIакъир гьарулеб политикияб бербалагьи. Аллагьас хъван батани, нилъеца нилъерго хIакъалъулъ гьединаб пикру хисизабизе буго. Сабруялда, гIодоре риччан, бугеб ахIвал-хIалалда тIад ургъун, гьабизе ккела хIалтIи. Гьалдасаги квешаб заманги букIана нилъер.
Денга Халидов,
Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул член, ДГУялда бугеб геополитикиял ва тарихиялгун политикиял цIех-рехазул гIелмияб институталъул директор