14 кандидат

ХIилла-рекIкI гьабулезда кколеб рагIи абизе буго

 

ДРялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас тIобитIараб данделъиялда бицана исана марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги.

«Нилъеда тIадаб буго рищиял ракIбацIцIадго тIоритIизе. Рищиязул заманалда тIатуна рекIкI гьабиялъул гIемер хIужаби. Пачалихъиял идарабаз хIаракат бахъизе ккола гьединал хIужаби тIагIинариялъе ва ритIухъал рищиял тIоритIиялъе», — ян абуна ГIабдусамад ХIамидовас.
Рищиязде гьабулеб хIадурлъиялъул бицунаго, Дагъистаналъул Рищиязул комитеталъул председатель МухIамад Дибировас абуна, гьеб хIалтIи унеб бугин чIезабураб низамалда ре­къон. «Президентасул рищиязда гIахьал­лъулев вуго 14 кандидат. Гьезул 12-яв вихьизавун вуго батIи-батIиял пар­тиязги жамгIиял хIаракатазги. ХIадурун руго избирателазул сияхIги – гьабсагIаталда гьелда хъван буго цо млн 677 азаргоялдаса цIикIкIун чиясул цIар.
Республикаялда буго 1970 рищиязул комиссия: 55 территориалияб­ги 1915 участокалъулабги. Исана хIалтIизабизе буго гьаркьал рикIкIи­налъул цIияб къагIида. Гьелъие хIажа­тал алатал щвезарун руго рищиязул комиссиязухъе. Гьаркьал рикIкIине хIа­дурун вуго избиркомалъул членлъун кколев 13 азаргогIанасев чи.
Рищиязул участоказда гIадамазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъи букIина­бизе буго. Гьелъул мурадалда хIадурун буго 401 стационариябги 701 портативиябги металлодетектор», — ан бицана МухIамад Дибировас.