ХIаракаталъул хIасил

Росреестралъул нухмалъулелъулги дандчIвай тIобитIана 29 январалда

страсул заместительлъунги Па­ча­ли­хъияб регистрациялъулги, кадастралъулги, картографиялъул­ги федералияб хъулухъалъул (Рос­реест­ралъул) нухмалъулейги.

«МахIа­ч­хъалаялда ралел руго гIе­м­рал минаби. Гьанир жигаралда хIал­тIулел руго МФЦялги. Регионалъул камилаб хIалтIиялда бараб букIуна нижерги хIаракат», – ан абуна Викторияца дандчIваялда.
Владимир Васильевас бицана гьабсагIаталдаги республикаялда хIал­тIу­лел ругел генералияб прокуратураялъул прокурораз тIатинабунила разе бегьуларел бакIазда минаби ралел рукIиналъул хIужаби.
«Гьединал суалазде хасаб кIварбу­сси­набула Росреестралъ. Ахираб лъаб­го моцIида жаниб закон хвезабиялъул хIужаби дагьлъана. Дагьлъана цебеккун бараб мина судалъул хIукмуялдалъун ритIухъ гьабиялъул хIужабиги. Гьединал хIукмабиги гьарун, судалъ пуланав чи махIрум гьавулев вуго, разего бегьуларел бакIазда рарал минабаздаса инкар гьабизе бугеб ихтияралдасаги», — ян бицана Виктория Абрамченкоца.

 

Сессия

ДРялъул цIияв прокурор

ТIоцебесеб февралалда тIобитIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул 17-абилеб ахIиялъул иргадулаб гуреб сессия. Гьениб гьоркьоб лъураб аслияб суал букIана республикаялъул прокурор тасдикъ гьави.
Гьеб суалалда тIасан кIалъана РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Иван Сыдорук. Гьес бицана прокурорасул хъулухъалде тIамизе республикаялде витIун вугин Хакасиялъул прокурорлъун вукIарав Денис Попов. Гьесдаса республикаялъе пайда букIиналде жиндир хьулги бугин абуна гьес.
ПалхIасил, депутатаз Д. Поповасул кандидатура къабул гьабуна.