ГIарзалги, гIузрабиги, букIинеселде хьулалги

27 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда кIвар буссинабизе бегьулел суалазул цояб букIана ДРялъул омбудсмен Жамал ГIалиевасул кIалъай. 
 

Гьединго сессиялда гIахьаллъи гьабичIо республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасги. 
Сессия рагьана ва бачана тIоцевесев вице-спикер Сайгид­ахI­мад АхIмадовас. 2019 соналда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ Дагъистаналда гьабураб хIалтIул бицине рагIи кьуна омбудсмен Жамал ГIалиевасе.
Гьесул кIалъай букIана мухI­канаб, тарихаздалъун ва хIу­жа­баздалъун бечедаб.
ГIадамаз исана гIемерал гIарзал рачIун ругоан гьезул идараялде. Амма цо рохизе ккараб жо бугин, 2018 соналде дандеккун, гьел дагьал рукIинилан бицана ГIалиевас. 
 
«2019 соналда бачIана 1500 гIарза. Гьезул 57 процент буго социалияб рахъалда бараб. Амма дагьлъана жанир чIезе бакIал гьечIолъиялда бан ихтиярал хвезарулел ругилан гIадамаз рачIунел гIарзаби. 2018 соналда гьезул къадар 570 букIун батани, гъоркьиса букIана лъабнусгогIанасеб гIарза. Гьелъие квербакъун батила сакъатал ва хIалтIизе бажаруларел гIадамазе рукъзал щвезелъун В. Васильевасул хIаракаталдалъун кьураб субсидиялъул гIарцуца», — йилан бицана омбудсменас.
Халкъалъул социалиял суалал тIураялъе, мисалалъе, цIиял школалгун ясли-ахал разеги, унтарал дарабаздалъун хьезаризеги, больницабигун поликлиникаби хIажатаб къайи-цIаялдалъун хьезаризеги тIаса камичIеб бюджет къваригIун бугин абуна Ж. ГIалиевас.
Гьес кIвар буссинабуна гIадамазе гьекъезе бацIцIадаб лъим чIезабизе ккеялдеги. 
 
Чанго соналъ хиси гьечIеб гIун­гутIилъун хутIулеб буго сахлъи цIу­ниялда ва лъай кьеялда тIасан гIадамаз рачIунел гIарзалги. Аслияб куцалда халкъалъ гIарз бахъулеб буго чIорого кьезе кколел дараби щвезарулел квал-квалазда, больницаялда регизе бакI щунгутIиялда, лъималазул поликлиникаялда лъи­кIал педиатрал гьечIолъиялда, гьединго тохтурзабазда тIасанги.
ХIасил-калам, инсанасул ихтиярал цIунулев официалияв вакиласда божилъи букIиналъ гIемерлъун руго гьесухъе рачIунел гIадамалги гIарзалги. 
Гьезул цонигиязул кIвар гьа­бичIого жидеца толариланги абуна ГIалиевас. Цинги баркала кьуна республикаялъул нухмалъиялъе ва гьездаго цадахъ анцIго идараги рехсана жидее кумекалъе квербакъараб. 
Депутатазги хехго нахъе виччачIо Ж. ГIалиев. БакIалъул муниципалитетазул рищиял тIоритIулеб къагIидаялда рази гьечIоан сахлъи цIуниялъул ва социалияб политикаялъул рахъалъ Халкъияб Собраниялъул комитеталъул нухмалъулев Авезов Мурзадин. 
Омбудсмен хIисабалда гьелъие кинаб къиматин дуца кьолебилан гьикъана гьес Ж. ГIалиевасда. Муниципалиял депутатал росдал депутатаз рищулеб къагIида къабул гьабурал чагIи нужго депутатал ругин, гьелда рази ратичIони, нужецаго хисизеги гьабеян жаваб кьуна омбудсменас. 
Гьелда данде рагIи абизе бокьарав М. Авезовасул микрофон свинабуна. РукIана цогидал депутатазулги суалал. 
 
Хадуб байбихьана законалъул проектал гьоркьор лъезе ва гьел къабул гьаруна. 
Сессиялда гьединго кIалъана ДРялъул информатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегиревги. 2015-2020 соназда республикаялда СМИял церетIеялъе хIадур гьабураб пачалихъалъул программаялъул хIасил кинаб ккарабали бицана гьес.
Гьеб программа тIубазабизе би­ччан буго 2 млрд 54 млн гъурущ. 2020 соналде официалияб куцалъ хъвай-хъвагIай гьабун буго 354 халкъияб информация тIибитIизабулеб алаталъул. Гьезда гьоркьоса 287 ккола печаталъул ва электрониял СМИял, хутIарал – сайтал.  
Министрас бицухъе, жакъа къоялда пачалихъиял газеталгун журналазда хIалтIулев вуго 889 чи.  2020 соналде гьел киназулго гьоркьо­хъеб харж цIикIкIинабизе кIун буго 17, 5 азаргоялдаса 21 000 гъурщиде щвезегIан. Северияб Кавказалъул регионазда гьоркьоб гьеб кколила бищун лъикIаб мисал.
 
Гьелдаго цадахъ гIунгутIабиги рехсана С. Снегиревас — соналдаса соналде гIодобе кколеб бугила къватIире кьолел радиопередачабазул къадарги халкъалъ газетазе гьабулеб подпискаги. Хасго гьеб гIунгутIи цIакъго загьирлъулеб буго миллиял мацIазда рахъулел газетаздагун журналазда. 
«Печаталда рахъулел газетазул тираж гIодобе кколеб буго тIубараб улкаялдаго. Масала, нилъер республикаялда гьел дагьлъун руго 13,7 проценталъ, цогидал регионазда абуни – 39 проценталъ. Киналго соцсетазде ва телефоназде руссиналъ буго гьеб нахъе ккезабулеб», — илан абуна Сергей Снегиревас.
Гьесул пикруялда рекъон, хIажат буго СМИязда хурхун цIияб пачалихъалъул программа хIадур гьабизе. Министрас гьелъие заманги ч1езабуна – исана 1 октябралдехун. 
Депутатаз Снегиревасда гьикъа­на газетал гIадамазухъе щвезариялъул хIалтIи роцIцIинабиялъул иш кин бугебилан. Гьел ричулел киосказул къадар дагьаб бугин бицана министрас, 7000 букIине кколила нилъер республикаялда. 
Гьединго Россиялъул почтагун щулияб къотIи-къай ккун, газетал гIадамазухъе ригьда щвезариялъе ва гьединго подписка гьабиялъул тадбир лъикI гIуцIулеб букIиналъулги бицана Снегиревас. 
Сессия нухда бачунев СайгидахIмад АхIмадовас абуна лъикIаб букIинаанин печаталъул рахъалъ хасаб комитет гIуцIани. Гьелъ рес кьезе буго республикаялъул газетаздагун журналазда дандчIвалел гIунгутIаби лъугIизариялъе.