ЦIолбохъанлъи цебетIеялъе нухал

Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана бюджеталъул гIарац харж гьабиялъул хIакъалъулъ

 

Иргадулаб данделъиялда аслиял суалазул цояблъун букIана цIолбол бачIин бакIари. Гьелъул хIакъалъулъ бицана республикаялъул росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусеновас. ЦIолбохъанлъи цебетIезабиялъе исана харж гьабизе буго 500 млн гъурущ. Жакъа къоялде пачалихъалъул кумек щун буго республикаялъул 66 магIишаталъе. Исана тIадеги 900 гаялда чIезе буго цIибил. ГIаммаб къагIидаялда босани, республикаялда 25,8 азарго гаялда гIезабулеб буго гьеб. СКФОялда цIолбол бачIин бакIариялъул рахъалъ Дагъистан буго тIоцебесеб бакIалда, Россиялда – кIиабилеб бакIалда (тIоцебесеб бакIалда – Краснодар край). Россиялдаго бакIарулеб цIолбол 30,6 процент кколеб буго Дагъистаналде. Жакъа къоялде цIибил бакIарун буго 401 гаялдаса. Гьелъул бачIин исана бахине буго 180 азарго тоннаялде. БакIариялъул рахъалъ цере руго Дербент, Сергохъала, Гъизляр районал.
Гьединго цIолбол 125 азарго тоннаялъул гьаризе руго нигI­матал: коньяк, чагъир ва шампанское. Гьелде кIудияб квар кьолеб буго пачалихъалъ. Пачалихъияб Думаялъги къабул гьабуна цIо­л­бохъанлъи цебетIезабиялъул хIа­къалъулъ проект.
— Республикаялъул гIурал ре­сал руго цIибил ва гьелъул нигI­матал кIванагIан цIикIкIун ричизе. Дагъистаналде рачIине бо­кьарал инвесторазул къадарги цIикIкIунеб буго. ЦIибил ва гьелъул нигIматал ричун щвараб гIарац кин харж гьабилебалиги ургъизе ккола. Кумек хIажатазе гьебги гьабизе буго. КIвар кьезе буго заманалда лъалъазе дагьалги ресал ратиялдеги. ЦIибил гIезабулездаги гьелъул нигIматал гьарулездаги гьоркьор рукIине ккола чIванкъотIарал къотIиялги. КватIичIого республикаялда хIал­тIизе рачIине руго Россиялъу­л Росдал магIишаталъул минис­терствоялъул хIалтIухъаби. Гьез кIвар кьезе буго республикаялда аграрияб магIишат цебетIеялде. Масала, Дагъистан тун къва­тIи­бехун гьан бичизе дагьалги шар­тIал чIезариялде, пиринчI гIе­забиялде. ПиринчI лъалъазе Те­рекалдасан бухъизе буго 400 метр халалъиялда канал. Лъалъади цебетIезабиялъе исана биччан буго 500 млн гъурущги, — ян бицана республикаялъул бетIерас.

ХIалтIулезе шартIал гIуцIизе ккола

Данделъиялда кIвар кьураб кIиабилеб суаллъун букIана исана соналъул анкьго моцIида жаниб бюджеталъул гIарац харж гьаби.
Гьелъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель ХIажимухIамад ХIусеновас. Гьес бицана республикаялъул бюджеталде рачIарал налогазул хIакъалъулъ. Гъоркьисаялде дандеккун гьеб цIикIкIун буго анлъго проценталъ. Налогал ракIари лъикI гIуцIун буго Буйнакск, Гумбет, Гъарабудагъкент, Лак, ЦIияб Лак, Сулейман-Стальск, Хасавюрт, Хунзахъ, ЦIунтIа, ЧIарада районазда ва Буйнакск, Гъизляр, Южно-Сухокумск шагьаразда.
ГьабсагIаталда республикаялда хIалтIулел руго улкаялъул регионаздаса кадастралъул специалистал. Кадастровияб учеталда лъезе руго гIемерал бакIал. Гьелъ рес кьезе буго районазул ва шагьаразул бюджеталде рачIунел налогазул къадар цIикIкIинабизе.
Налогазул гуреб гIарац бюджеталде бачIиналъул хIакъалъулъ бицана мал-мулкалъул ва ракьул ишазул рахъалъ министр Агъарагьим КъагьирхIажиевас.
Данделъиялда гьединго бицана ГУПазул хIалтIул хIакъалъулъги.
— Жакъасеб къоялъул тIадкъаял рагIа-ракьанде щун тIуразарулел гьечIо гьез. Гьезул хIалтIул къагIида гIуцIизе ккола батIияб куцалда, — йилан абулеб букIана кIалъазе рахъараз.
Жиндирго кIалъаялда Дагъистаналда бугеб Россиялъул федералияб налогалъул хъулухъалъул управлениялъул начальник Гъазинур Абсяломовас къокъго бицана налогал ракIариялъул рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ
Исана анкьго моцIалда жаниб республикаялъул бюджеталде бачIун буго 17 млрд гъурущ, араб соналде дандеккун — 2,86 млрд гъурущалъ цIикIкIун.
Гьединго гьес бицана учетал­да рукIинчIел предприниматела­зул бизнес тIатинабиялъул хIакъа­лъулъги. Масала, хъвай-хъвагIай гьа­бун батичIо 5,5 азарго бакIалъул, 2428 чиясул, хъвай-хъвагIай гьабун буго 1091 бакIалъул.
— РакIбацIцIадго хIалтIаразе чIезаризе руго шартIал, гьабизе буго кумек. ХIалтIиялда хадуб халкквезе ккола гьеб ишалъул жавабияз. ГIарцуца гуро ахIвал-хIал роцIинабулеб, гIадамазе кумек гьабизе шартIал гIуцIиялъ ва санагIалъаби ратиялъ, — илан абуна Владимир Васильевас.