Масъалаби гIемер руго

13 августалда Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъи тIобитIана

 

ДРялъул бетIерас ДРялъул Халкъияб Собраниялде гьабураб хитIабалъул хIасилалда республикаялъ хIадурун букIана хасаб план. Гьелъул 105-абилеб пункталда бицунеб буго регионалъул нухмалъулес кьун рукIарал тIадкъаял ва гьел тIуразаризелъун тIадал тадбиразул хIакъалъулъ. Гьеб планалда рекъон гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана 13 августаалда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артём Здуновасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда.
Артём Здуновас гьениб абуна, аслияб масъала бугин республикаялъул нухмалъулесул тIадкъаял заманалда тIуразари ва гьелъул мурадалда кинабго къуват хIалтIизаби.
ДРялъул Ралел бакIазул министерствоялъул баяназда рекъон, социалиял объекталги инженерияб инфраструктураги баялъул рахъалъ нахъекколел руго аукционазул документал хIадуриялдаги ракьал ралагьиялдаги бан. Амма гьел объектал раялъул рахъалъ жавабчилъи тIадал хIакимзабаз абулеб буго лъагIалил ахиралде киналго объектал, ай планалъул пунктал, гIумруялде рахъинарун бажарилин.
Нухазул магIишаталъул рахъалъ ралел бакIазул хIалтIи унеб буго графикалда рекъон. ГьабсагIаталда жигаралда къачIалелги ралелги руго шагьранухал: «Р-217 «Кавказ» М-4 «Дон» — Владикавказ – Грозный – МахIачхъала – Азербайжаналъул гIорхъоде щвезегIан; Нугъай, Буйнакск, Сулейман-Стальск, Табасаран, Хунзахъ, ЦIумада, ЦIунтIа, Болъихъ, Догъузпара ва цогидал районазул нухал. Гьабун бахъараб хIалтIул сияхIалда буго кIиго поезда­лъул мухъ хIалтIизе байбихьи: МахIачхъала — Хасавюрт ва Дербент — Азербайжаналъул гIорхъи.
Артём Здуновас кIвар кьуна нухал туристазе санагIатал рукIине ккеялде. «Туризмалъул тIолго объекталги рукIине ккола Транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министерствоялъул бербалагьиял­да гъоркь. Сентябралда байбихьи­зе ккола Астраханалдаса МахIач­хъалаялде ва гьенисанги Дербенталде щвезегIан туристазул гама хьвадизе», — ян абуна гьес.
Данделъиялда хасаб кIвар буссинабуна гIадамазул хитIаба­зулги СМИяздаса кьолеб информациялъулги халгьабиялде. «Жаваб кьезе ккола хехаб заманалда, хIажалъи ккани, валагьизе ккола хитIаб гьабурав чи, цоги нухалда гьабизе ккола гьесулгун гара-чIвари. Масъалаби рукIине бегьула гьебсагIатго тIуразарун бажаруларелги. Гьеб кинабго бичIчIизабизе ккола, ва щивав министрасул рукIине ккола кIвар бугел ва жиндир берзукь ругел масъалабазул хIакъалъулъ баянал», — ан лъазабуна премьер-министрас.
Регионалъул нухмалъулесул тIадкъаязда гьоркьор руго учи­тельзабазул, школалда цебе­себ лъайкьеялъул педагогазул ва цогидалги бюджетиял хIал­тIухъабазул моцIрол харжал цIикIкIинариялъул масъалаби. Вице-премьер ХIажимухIамад ХIу­сеновас баян кьуна, рехсарал хIалтIухъабазул моцIрол хар­жазул индексация гьабуни­лан. «ХутIун буго школалда це­бесеб лъайкьеялъул педагогазул харжазул индексация гьабизе. Республикаялда бугеб гьоркьохъеб харжалде гьел рахинариялъе хIажалъула 200 млн гъурущ. Гьелда бан гьаризесел хиса-басиязул проект хIадурулеб буго нижеца ва гьеб цебелъезе буго хасалихъе «Бюджеталъул хIакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьарулеб мехалда», — ян бицана вице-премьерас.
ХIадурун ва Финансазул министерствоялде битIун буго лъималазе кьолеб пособиялъул хIакъалъулъ законалъул проектги. ГьабсагIаталда республикаялда лъималазул пособие щола 450 азаргоялдаса цIикIкIун чиясе.
Данделъиялда бицана «Земский доктор» ва «Земский учитель» абурал проектазулги, ме­дицинаялъул идарабазегун шко­лазе хасаб транспорт босиялъулги, налогал ракIариялъулги ва цогидал масъалабазулги хIа­къа­лъулъ.
Данделъиялъул хIасил гьабу­лаго, Артём Здуновас абуна, масъа­лаби гIемер ругин ва гьел тIуразариялъул мурадалда гIа­рац балагьизеги гьеб пайдаялъе хIалтIизабизеги кколин.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ