АхIи-хIуралъ лъикIалде рачунаро

Москваялдагун Санкт-Петербургалда митингал ва МахIачхъалаялда пикет

 

Ахирисеб нухалда Москваялда митинг букIана 20 июлалда: Сахаровасул цIаралда бугеб проспекталде вачIун вукIана 20 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Абулеб буго, Сахаровасул проспекталде рачIарал гIадамал рази гьечIин Москва шагьаралъул думаялде кандидатал рищиялъул мурадалда тадбирал хIадурулаго, кандидатлъиялъе документал кьурал гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабунгутIиялдаса. Бицунеб буго, рищиязул комиссиялъ рищиязда гIахьаллъизе ихтияр кьечIел кандидатазул рахъкколел гIадамал гьел рукIаниланги. Инкар гьабиялъе гIиллалъунги рехсолеб буго кандидатазул сияхIалде пуланал гIадамал росунгутIиялъе сабаблъун кканин, гьезул рахъкколез гьересиял гъулбасал гьарун рати. Митингалда цересел къояздаги Москваялъул Трубная абураб майданалда щибаб къоялъ тIоритIулел рукIана дандечIеялъул митингал. Кколаан полициялъулазулгун тунка-гIусиялги. Гьебго заманалда, щибго квалквалги ккечIого, Мосгордумаялъул депутатлъиялде кандидатазул сияхI кIодолъулеб букIана, лъидаго рачIелин абулел, амма хIакъикъаталда «Цогояб Россиялъул» вакилзабилъун кколел гIадамазул хъвай-хъвагIайги гьабун. Бокьулеб гьечIо гьел кандидатал «Цогояб Россиялъул» вакилзаби кколеблъи загьир гьабизе, рехсараб партиялде халкъалъул бербалагьи лъалелъулха. Бицунеб гьечIо гьелъул хIакъалъулъ «зомбоящикалдасанги», амма социалиял гьиназдаса ахIи-хIурго лъугIуларо.

ДандечIеялъул нухмалъулезул цояв ва рищватчилъиялде данде къеркьеялъул фондалъул (ФБК) нухмалъулев Алексей Навальнияс лъазабуна: 27 июлалде щвезегIан Москваялъул нухмалъиялъ лъидаго рачIел кандидатазул хъвай-хъвагIай гьабичIони, киналго ракIаризе ругин Москваялъул мэриялда цере ва, гьел кандидатазул хъвай-хъвагIай гьабизегIан, гьениса нахъе инеги гьечIин абун. Гьебин абуни ккола федералияб власталъе гьабураб кIудияб бадибчIвайги ва митингалде халкъ ахIиги.
Гьебго заманалда МахIачхъала­ялдаги рукIана пикетал. ПикетчагIаз тIалаб гьабулеб букIана вацал ХIасунхIусеновазул чIвадарухъабазе тамихI гьабиги, вацал ГIашикъовазул рахъалъ ритIухълъи цIуниги, Ак-Гёл хIорил масъалаби тIуразариги… Шукру Аллагьасе, гьабсагIаталда республикаялда буго парахалъи. Амма гьеб буго нилъ махсараде кколеб парахалъи. Киса-кибего рагIулеб буго разигьечIолъиги къулкъудиги: налогазул тIадецуялдасаги бизнесалъул цебетIеялъе квалквал кколеблъиялдаса гIисинал предпринимателазул рахъалдаса; жалго бетIергьанал медицинаялъул центразул рахъалдаса – щолеб букIараб гIарцудаса махIрумлъиялда бан (монополиялде данде къеркьолеб хъулухъалъул управлениялъ гьедин гьабугеян лъазабун букIаниги); хасал предпринимателал – маршрутниказул рахъалдаса; школазулги, колледжалгун лицеязулги, вузазулги преподавателазул рахъалдаса – мукъсаналго харжал щвеялда бан; хIалтIи гьечIого хутIаразул (республикаялъул халкъалъул 15 процент буго гьединазул) рахъалдаса. Киназего гIолеб гьечIо гIарац, абулеб буго кIиго соналда жаниб Дагъистаналъул цIияб хIукуматалъ гьабураб жо цIакъго мукъсанаб бугин абун.
Щиб букIине бегьулеб хадубккун Дагъистаналда? Гьеб суалалъе жаваб кьелалде цебе хIисаб гьабизе ккола, митингазул хIасилалда, кинал хиса-басиял ккезе бегьулел Россиялдагоян абураб пикруялъул.

Тарихиял дандекквеязул пайда

Москваялда митингалде рахъаразул пикру гьабураб мехалда, дида ракIалде щвана 1980-1991 сонал. Гьеб мехалда балъгояб рохел букIана нижерги, «ЦIигьабунгIуцIи» абураб клубалъул церехъабазул. Гьеб клуб гIуцIун букIана 1988 соналда МахIачхъалаялда, Ленинградалъулгун Москваялъул гьединабго цIаралда букIараб клубалъул филиал хIисабалда.
Доб мехалдаги бичIчIулеб букIана гьел дандеруссиназ улкаялъеги Дагъистаналъеги лъикIлъи гьабизе гьечIеблъи. «Биччанте цо партиялъ (КПССалъ) нухмалъи гьабизе улкаялда. Гьелда сверухъ ракIарарал батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабаз («ЦIигьабунгIуцIи» гIадинал клубаз ва гь.ц.) пайдаяб критика гьабизеги бегьила нухмалъиялда бугеб партиялъе. Риччанте академик Абалкинил малъа-хъваялда рекъон улкаялда тIоритIизе экономикиял реформаби, ай гIицIго гIисинабги гьоркьохъебги предпринимательствоялда букIине жалго бетIергьанаб мулк. ЧIванкъотIун абуни, Китаялда гIадин, социализмалъул хиса-басиял гьарулел руго, амма гьелдаса тIубанго инкар гьабулеб гьечIо», — ян пикраби гьарулаан 1999 соналда гьаб макъалаялъул авторасги. Гьеб буго эволюциялъулаб, гIелмуялъулги гIа­къилаб пикруялъулги кьучIалда гIуцIараб хIинцал реформабазул нух.
Амма Москваялдаги Ленинградалдаги доб заманалда раккана цIигьабун гIуцIиялъул прорабал (Гавриил Попов, Анатолий Собчак, Юрий Афанасьев, Галина Старовойтова ва гь.ц.), ва нижецаги, «ЦIигьабунгIуцIи» клубалъул церехъабаз (дица, Аркадий Ганиевас ва Эдуард Уразаевас) гьеб кинабго кверхьвагIун тана. «ГIелмиял цIаралги щварал, ишцоязда гьоркьоб (экономикаялдаги политологиялдаги) къадруги цIикIкIарал доздаса ниж – сонисел аспиранталги гIелмабазул кандидаталги – гIакълу тIокIалищ ругел» — абун пикру гьабуна нижеца, доздаги божун. Дозин абуни, «гвангъараб букIинеселъе», ай демократиялъегун капиталистияб базаралъе гIоло, киналго ахIулел рукIана радикалиял реформабаздеги революциялдеги. Балъгоял мурадал рукIун руго гьел малгIуназул. ЦIигьабун гIуцIиялъул церехъабаз жал махсараде ккунин къварилъахъдулел рукIана дие Ломоносовасул цIаралда бугеб МГУялъул профессоралги. Гьеб ккола гуманитарияб советияб интеллигенциялъего хасиятаб гIаммаб балагь. Гьелда гIемераб жо лъалароан, щайгурелъул унго-унгояб гIелмугицин букIана гьукъун. Нилъеда кколаан бакътIерхьул улкабазда бугин мисалияб жамгIияб гIуцIиян ва социализмги басралъараблъун бугин абун. Амма риччалъе ккарал ниж хехго ригьана 1993 соналда.
Гьеле гьел цIигьабун гIуцIиялъул «прорабазда» релълъун рихьула дида Москваялдагун Питералда рищватчилъиялде данде къеркьолезул жакъасел церехъабиги: Алексей Навальный, Сергей Удальцов («КвегIаб фронталъул» цевехъан), Илья Яшин (Москва шагьаралъул Красносельский округалъул депутатазул советалъул председатель, «Красносельский» МОялъул бетIер) ва цогидалги. Москваялъулазул гIемерисел асир гьарун руго рехсарал церехъабазул ахIиязги гьезул кIалъаязги: «Эркенлъиялъулги демократиялъулги бергьенлъиялъе гIоло церехун!» — щибго цIияб жо гьечIо гьениб. Баккун буго гIицIго «гIемерав чиясде цадахъго тIадецуй гьабизе рес кьолеб» алат – социалиял гьинал. Рищватчилъи къватIибчIвазабулел Навальниясул видеороликаз яги журналист Иван Голуновасул макъалабаз («Медуза» информалаталда хIалтIулев вугев; гьелъие квербакъула М. Ходорковскияс ва гьесиеги … нужго ургъеха) чIара-хьараб тартибалда рекъон чIванлъолеб буго Кремлялъулги улкаялда нухмалъи гьабулеб бугеб «Цогояб Россия» партиялъулги жамгIияталда бугеб къадруялъул хутIелал, хасго гIолилазда гьоркьоб. Провинциязде гьеб «унти» жеги тIубанго бахун гьечIо, амма революциял Россиялда гьарула провинциязда гуреб, тахшагьаразда. ТIасан борчIараб централизация бугеб пачалихъалда кидаго гьедин букIуна.

Революция яги реформаби?

Гьал мухъазул автор гIолохъанав ва политикаялъулгун геополитикаялъул рахъаз лъавукъав чи вукIаравани, гьесги рахъкквелаан ахираб заманалда тIибитIараб дандечIеялъул. ГIицIго рекIел асаралги кьочIое росунха. Руго гьелъие гIиллабиги.
Алексей Навальниясго гIадин, дицаги рикIкIуна «Цогояб Россия» партиялда ругин цIогьалги хIалихьатал чагIигиян. Гьединго гьел ккола гьерсихъабиги бадиб къехь бухьарал вахьнабиги. Гьез гIемер бицуна ватIан бокьиялъул, амма кепкил багьаялде данде гьабуларо гIагараб халкъ. Сундуего роценлъун гьезие буго гIарац (гъуршал-кепкал гуро – капитал). Властьги гьезие хIажат буго гIицIго жидерго капитал цIикIкIинабиялъе. Гьез гьанибго гIуцIун буго жидеего алжан ва хутIараб халкъ тун буго бокьухъе бетIербахъи гьабейиланги абун. Гьез жидерго лъимал цIализарула къватIисел улкабазул университетазда ва гьаниб бикъараб гIарац бахчула дозул банказда. Дица гьаниб тIаде жубалаан федералаз Дагъистаналда гьарурал бахъикъосарал ишалги. Жидее рекъонкколарезул рахъалъ «заказал» тIуразарулаго, цоял жанир тIамун, цогидал, судгун цIех-рехго гьабичIого, тIагIинарун, хIаракат бахъулеб буго киналго, хIатта судьябигун прокуроралгицин, хIинкъизаризе. Гьеб кинабго бихьулеб мехалда, дудагоцин лъачIого, рекIелъ гьалаглъула власталдехун ццим. «КидалъизегIан хIакъир гьаризеги махсараде кквезеги ругел?! КигIан жеги бикъизе кколеб улка ва хъамал гьабизе бегьулеб халкъ, гIорцIигодай лъалареб?!» — абурал суалаз балъаргъуна пикру гIадлу гьечIолъи бихьараб мехалда. Ва гьебмехалдаха бачIунеб гьадинаб пикруги: «Ккараб ккун букIинин! Шамилица гурищ абураб, хадуб ккезе бугеб жоялъул пикру гьабулев чи бахIарчи гурин абун».
Амма политикаялдаги жамгIиял ишаздаги гьоркьоб рекIел асар, гьеб хIакъикъияб батанигиха, гIакълучилъун тезе бегьуларо. Гьединалго пикрабигун ва гъира-шавкъгун политикияб рагъул корониве кIанцIун вукIана дун 1980 соназул ахиралдаги, амма кинаб хIасил гьелъул щвараб 1990 соназда? ГIицIго камиялги, социалияб рахъалъ ритIухълъи цIунунгутIиги, бандитазулгун олигархазул капитализмги. Нилъеда ракIалде ккола, амма хIукму къотIула Аллагьас. Доб мехалдаги гIемераб жо лъалароан нижеда ва божана цогидазда.
Жакъа бугелдаса квеш ккеларин рагIи лъица кьелеб? Гьеб буго аслияб суал. Гьелъие кьучIаб жавабги гьечIо. Россиялъул СМИяздаги гIелмиял мажмугIаздаги дица бахъана чамалиго макъала «щиб букIинеб» абураб темаялда (балагьа: «Бухгалтерия смуты. Противоречия во внутренней и внешней политике грозят стране возвратом в 90-е г.» – 05 марта 2019 https://www.vpk-news.ru/articles/48778; «Проект «Россия – СССР-II». По «следам» интервью генерал-полковника, президента Академии геополитических проблем Л. Ивашова главному редактору «Советской России» В. Чикину» («СР», 12.02.2019) – http://www.sovross.ru/articles/1819/43369). Такрарлъиларо, амма гьел макъалабазда загьир гьарун рукIарал цо-цо аслиял пикраби рехсела гьанирги.

Политикаялда хадургъей, геополитика ва «балъгояб къотIи»?!

1970-абилел соназдаго, студентлъун вукIаго, дун къацандулаан курсцоялгун политикаялъул суалал сабаблъун. Дица абулаан, бачIине бугин заман (анцI-анцI соназдасан), власталъ тамихIалде цIазе кколеллъун рикIкIунел диссидентал – хъвадарухъан Александр Солженицынги академик Андрей Сахаровги – рикIкIине ругин халкъиял бахIарзаллъунин абун.
Халкъалдехун, рухIияб рахъ мукъсанал рухIчIаголъабаздехун – пикру гьабун бажарулел хIайваназдехун – гIадинаб бербалагьи букIана Системаялъул. Аслияб жо – чедги, ихтилат-кепги, жанир рукIине рукъги, чIобогояб лъайкьейгун медицинаги, хутIараб щинаб – нилъер иш гуро (гьайгьай, буго кIудияб кIвар рехсарал рахъазулги). Дуе гIоло цебе­ккунго хIукму гьабун буго партиялъул хIакимзабаз. Гьукъун букIана пикру гьабизеги ва цоцазда ургъел бикьизегицин. Гьукъун букIана гIемерисел хъвадарухъабазулги гIалимзабазулги асарал цIализе гуребги гьезул цIарал рехсезецин. БукIана кьварараб цензура искусствоялъул рахъалъги.
Гьелеха, политикияб цIодорлъи­ялъ махсараде кквечIо дун. 1987 соналда дида бичIчIана, 10-15 соналъ цебе дицаго бицунеб букIараб заман тIаде щвараблъиги, бюрократияб социализм кIалагъоркье унеб бугеблъиги ва жидерго пикру бугезул заман тIаде гIунтIулеб бугеблъи.
Власталъ хIаракат гьабулеб буго рищватчилъиялде данде бахъинабулеб ахIи жидерго цIар-реццалъе гIоло хIалтIизабизе ва гьужумал гьарулел руо регионазде. Гьеле гьеб бихьулеб буго нилъеда Дагъистаналда. Амма гьеб буго гIиси-бикъинаб жо. Бищунго кутакал цIогьал руго Москваялда, власталда гIагарлъухъ. Халкъ божизе буго власталде, гьеле гьездаса гIадлу гьабизе байбихьараб мехалда. Гурони гьез гьабулеб щинаб хIалтIи ккола рищватчилъигун рагъбаялъул ххвел.
Власталъ жигар бахъулеб буго нилъее БакътIерхьудаса (СШАялдаса) хIинкъи бугеблъиялдеги нилъее кIудияб кIваралъул рахъаллъун Сириягун Украина ругеблъиялдеги халкъ божизабизе. Гьоркьоса къотIичIого, гьел геополитикиял темабазул бицунеб буго телевидениялдасан, мех-мехалда тIаде жубалеб буго Гуржияги. Божула – гьелги руго кIвар бугел масъалаби, амма, хутIарал киналго тIуразарун рахъу­нищ ругел? ХIасил кьолеб гьечIо «Крым нилъер!» абураб ахIиялъги. Халкъалъул гIемерисел руго кин лъимал хьихьилел, киса чед-хинкI балагьилеб ва гьелда релълъарал цогидалги суалазул ургъалида. Кин рорчIилел гьеб хIалалдаса? Лъала, кин рорчIилелалиги. Ххвелал гьаричIого, хIакъикъияб куцалда рагъбала рищватчилъиялде данде. Байбихьила аскIор ругездасан, «чидар чи хIинкъизе, нилъералго рухе» абиялда рекъон. Кин рорчIизе ругел гьеб политикияб къорикьа? Ахираб заманалда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володинихъа чанцIулго абун борчIана, «РФялъул Конституция хисизабизе заман щванин». Якъинаб жо – Конституция хисизабизехъин буго Путиние рекъонкколедухъ. Гьаниб буго кIиго вариант. ТIоцебесеб: гьев вукIине вуго Союзияб пачалихъалъул бетIерлъун (Россия ва Белоруссия), ва Лукашенко – яги РФялъул президентлъун, ялъуни Союзияб пачалихъалъул хIукуматалъул председательлъун. КIиабилеб вариант – РФялъул Конституциялда тIаде жубазе буго Пачалихъияб Советалъул хIакъалъулъ статья ва гьелъие кьезе буго улкаялъул исполнительнияб власталъул халкквезе ихтияр.
Улкаялъул нухмалъиялъул идарабазда хIалтIулев щивав хIакимчияс гуребха Путинил рахъкколеб бугеб гьеб рахъалъ. Гучаб ва нахъегIанаб олигархияги СМИяздегун власталъул идарабазде тIадецуй гьабизе рес бугел гьезул агенталги (гьел киналго гIадин, руссун руго БакътIерхьудехун) церего гьоркьоре лъугьун руго улкаялъул нухмалъиялъул хиса-басиял гьариялъулъе. БичIчIулеб букIахъе, гьезин Путин къватIивчIвазавулевги вугев, Навальниясулги гьесда релълъарал цогидазулги кумекалдалъун. Масала, Навальнияс ракIчIун абулеб буго, Гьоркьохъеб Азиялъулги, Закавказиялъулги (мисалалъе, Армения – Евразиялъул экономикияб союзалъул член) улкабазде хьвадиялъул рахъалъ визабазул режим гьабизе кколин. Гьес тIалаб гьабулеб буго Евразиялъул экономикияб союз биххизабеян. Гьебин абуни ккола БакътIерхьул улкабазулги СШАялъул гьудулзабилъун кколел нилъер олигархазулги анищ. ГIолилаз сан гьабуларо гьел геополитикиял хIужабазул. Гьезие «бокьун гьечIо» Гьоркьохъеб Азиялъулазул «гьурмал» Москваялда рихьизе. Гьелде тIадчIей гьабулеб буго политикиял хIаязе нухмалъулез.

ХадурагIиялъул бакIалда

Дида ракIалде ккола, Кремлялъул гьумер нечезабиялъул мурадалда, ахIвал-хIал ургъунго гьалдезабизе хIаракат гьабулеб бугин. Революциялъул ахIи-хIуралда гъоркь балъгоял ва «чIегIерал» ишал гьаризе бигьалъула. Улка тIубанго биххизабизеги бегьула.
Северияб Кавказалда (Ингушетиялъулги, Чачаналъулги, Дагъистаналъулги) гIорхъаби сабаблъун, халкъ дагIбаялде цIалеб къуватги буго. Лъаларо, Москваялда лъие гьеб хIажат бугебали. БичIчIулеб буго жидеего хIажатаб заманалда, питнаялъул яги рагъул цIадулъе Кавказ ккезабизе къачIан чIараб къуват букIин. РакIалда буго сундаса байбихьарабали СССР биххизаби: Карабахалда букIараб питнаялдаса. Хадур ккана миллатазда гьоркьосел тунка-гIусиял ва биял гIодор тIуна Ферганаялда.
Дунял лъугьун буго парахалъи гьечIеблъун. Рималъул Папа Францискица абуна, 2013 соналъул ахиралда – 2014 соналъул авалалда байбихьанин дунялалъул лъабабилеб рагъилан (Украинаялъул лъугьа-бахъинал). Гьеб рагъул цIаялъул хIенхIал кенчIолел рихьула нилъеда Кавказалдаги, масала, Гуржиялда – гьенир дандчIвалелъул Россиялъулгун Ираналъулги СШАялъулгун Британиялъул ва НАТОялъул интересал.
Нилъехъа бажаруларо тIолабго Россиялъул хIал хисизабун. Амма рес буго Дагъистаналда лъугьа-бахъунелде тIадецуй гьабизе. Кинабго гьабизе ккола, революциялъулал ахIиязе жаваб кьезе рахъун гуреб, гIакъилго, гIелмуялде мугъчIван, цадахърекъон. Киналъулго батизе кIола гьоркьохъеб, «меседилаб» гьоркьохъеб бакI ва гьеб балагьизеги ккола.
XX гIасруялда Дагъистан кIицIул ккана граждан рагъулъе: тIоцебесеб нухалда 1918-1921 соназдаги ва кIиабилеб – 1992-2000 соназдаги. КIиабилеб граждан рагъ ккараблъиялъе киналго гуро мукIурлъулел. Амма халкъалъухъа мулк бахъулаго (захIматалъул коллективазухъа, колхозазулгун совхозазул боцIи хъамал гьабулагоги), ккана чанги чIвай-хъвеялъул хIужаби.
Нилъеда цебечIараб аслияб масъала буго Дагъистаналъул тарихалда ккарал гьел пашманал лъугьа-бахъиназул дарсаздаса пайдаги босун, республикаялда лъабабилебги граждан рагъ ккезе биччангутIи.
Денга Халидов,
ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член, Кавказалъул халкъазул
Россиялъул конгрессалъул председателасул заместитель