Гьабураб батула, гIуцIараб хутIула

РФялъул регионазда гьоркьоб ДРялъ цересел бакIал ккола гIиял, чIегIербоцIул къадаралъул ва гIезарулел овощазулгун пихъил рахъалъ

 

Ахираб заманалда нилъер республикаялде гIезегIан рачIана ва рачIунелги руго Москваялдасаги улкаялъул цогидал регионаздасаги хIакимзабигун хъулухъчагIи. 14 июналдаги МахIачхъалаялде рачIана РФялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель, финансазул министр Антон Силуановасул бетIерлъуда гъоркь федералиял министразул (экономикияб цебетIеялъул министр Максим Орешкин ва Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботарев) ва батIи-батIиял идарабазул жавабиял хIалтIухъабазул, СКФОялъул вакилзабазул кIудияб къокъа. Гьел нилъехъе рачIиналъе аслияб мурадги буго экономикияб рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIал мухIкан гьаби ва РФялъул президент Владимир Путиница загьир гьарурал «Миллиял проектал» (гьел тIураялъе СКФОялъе биччан буго 74 млрд гъуруш, хадусел соназда гьеб къадар дагьабги цIикIкIине ккола) цере иналъе квербакъулел ресал дандрай. Гьалбадерида цадахъ РФялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместитель Жамбулат Хатуовги ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдул­муслимовги гIахьаллъун, Халкъияб магIишаталъул универси­теталда тIобитIана «Развитие сельскохозяйственной кооперации» абу­раб темаялда данделъи. Гьениб Силуановас абуна: «Дагьаб цебеги ни­лъер аслияб масъала букIун ба­тани Россия жибго жинцаго ква­нил нигIматаздалъун хьезаби, гьаб­сагIаталда тIоцебесеб бакIалде ба­чIана жиндирго тIалабалги тIуран нигIматал къватIисел пачалихъаз­де ричиялъул суал. 2018 соналда Россиялъ къватIисел пачалихъазе ричарал кванил нигIматазул багьа цIикIкIана бичулеб яргъил багьаялдасаги. Гьеб буго экономикаялъул нилъеца жеги киналго ресалгун сурсатал хIалтIизабичIеб, хадубккун хасаб кIвар кьезе кколеб, кьезе бугеб бутIа», — ян. Росдал магIишаталъул кIварги, гьеб хIалтIулъ дандчIвалел захIматал шартIалги хIисабалде росун, гьес абуна хадубккунги магIишат цебетIезабиялъе гIемераб хIалтIи гьабизе бугин.

ХIалтIуда рекъарал хIасилал

Гьелда цебесеб къоялъ, росдал магIишаталда бугеб ахIвал-хIа­ла­лъулги церечIарал асли­ял масъа­ла­базулги бицана «Гьудул­лъиялъул минаялъуб» тIобитIараб данделъи­ялдаги. Гьениб гIахьаллъи гьабу­на Жамбулат Хатуовас, ДРялъу­л хIу­куматалъул председатель Артем Зду­новас, ГIабдулмуслим ГIаб­дул­мус­лимовас, районазул ва гьезул рос­дал магIишаталъул управлениязул, магIишатазул бутIруз, фермераз. Данделъи рагьана Артем Здуновас ва гьеб нухда бачине рагIи кьуна Жамбулат Хатуовасе. Гьес абуна: «Росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIай буго экономикаялъул цIакъ­­го кIвар бугеб ва цебетIеялъе гIатIидал ресал ругеб бутIа. Ахирал соназда Россиялъ байбихьана гье­лъул нигIматал къватIисел пачалихъазе ричизеги. БачIунеб щуго лъагIалида жаниб нилъеца кIиго нухалда цIи­кIкIинабизе ккола къватIире ричулел нигIматазул гIаммаб къадар. ГIор­­хъода, ралъдал рагIаллъуда бу­­кIиналъги, кинабго рахъалъан ре­къарал шартIал рукIиналъги гьеб масъала тIубаялъулъ Дагъистаналъ кквезе ккола щулияб бакI. Гьелъие руго киналго ресалги, хIалбихьигун махщел бугел хIалтIухъабиги. Нижер рахъалъан букIина хIажатаб кумекги», — ян.
Хатуовас лъикIаб къимат кьу­на Дагъистаналъул росдал магIиша­тал­да рилълъанхъизарулел ругел цIи­ял къагIидабазе, рихьизарурал хIа­силазе ва министрасул хIалтIуе. Гьес киналго гIахьалчагIи ахIана рагьараб, чIванкъотIараб, чIагояб гара-чIвариялде.
Нилъер республикаялъ Россиялда тIоцебесеб бакI ккола гIиял къадаралъул рахъалъ (4,6 млн бетIер, тIолабго Россиялдаго – 21,5 процент), гьебго буго гIезарулел овощазул рахъалъги (1438,5 азарго тонна, 8,3 процент), кIиабилеб бакI — гIезабураб цIолбол рахъалъ (178,3 азарго тонна, 33 процент), лъабабилеб бакI — чIегIербоцIул къадаралъул рахъалъ (5,3 процент), ункъабилеб бакI — пихъ гIезабиялъул рахъалъ (161,1 азарго тонна, 4,9 процент).

Мелиорация, пиринчI, гIияхъанлъи

ГIагараб заманалда хасаб кIвар кьезе хIажатал бутIабилъун рихьизарун руго мелиорация, пиринчI гIезаби ва гIияхъанлъи цебетIезаби. Дагъистаналда гьабсагIаталда буго лъалъалеб ракьул 400 азарго гектар, (нилъер магIишатияб ракьул 90 процент буго тIабигIияб лъим, риччел дагьаб), амма гьелдаса 280 азаргогIанасеб гурони хIакъикъаталдаги лъалъаларо. Гьебго заманалда нилъер республикаялда гIезарулел нигIматазул 70 процент буго лъалъалел ракьаздаса щвараб. ЦохIо гьеб хIужаялъцин цIакъго мухIканго бицуна лъалъалел ракьазул бугеб пайдаялъул. Гьединлъидал чара гьечIого хIажатаб иш буго мелиоративияб хIалтIуе туркIи кьей. Гьелда хурхарал киналго тадбирал (басриял каналал къачIай, рацIцIад гьари ва цIиял рахъи, шлюзал ва цогидал техникиял объектал хIалтIизе риччай ва гь.ц.) тIураялъе республикаялъул бюджеталдаса исана биччана 500 млн гъуруш. Гьелъ рес кьезе буго тIадеги 1 млрд гъуршил багьаялъул нигIматал щвезе. Исана нилъеца бакIарана 82 азарго тонна пиринчIалъул, советияб заманалда гурони нилъеца бакIарулароан гьединаб къадар (2025 соналда бакIаризе хIисабалде босун буго 150-160 азарго тонна). Нилъедаса цIикIкIун гьеб бакIарула Краснодар краялда, амма нилъералъул даража рикIкIуна тIадегIанаблъун, гьединлъидал гьелъул тIалабги буго цIикIкIараб. Къадар цIикIкIараб гьечIониги, гьеб уна къватIисел пачалихъаздеги (Азербайжан, Гьоркьохъеб Азиялъул республикаби).
Дагьаб цебегIанги гIияхъанлъи­ялда сверухъ ругел баянал рукIана да­гьал понцIозарурал. Ахираб кIи­го соналда жаниб гьезулъги мухI­канлъи гьабуна. Гьелда цадахъ ккана гIиял даражаялъул рахъалъги ре­къараб къадаралъул хиса-свери, ай селекциялъулаб хIалтIулъ дагьабго багъа-бачари, нигIматал къачIаялъул суалал тIуразе байбихьи, квасул масъалабиги рукIалиде ккезари. ГIиял гьан къватIисел пачалихъазде бичиялъул суалалъги босана лъиданиги ракIалда букIинчIеб борхалъи: гъоркьиса Ираналъе бичана 4,2 азарго тонна гьанал. Ираналдасаго гIадин заказал руго Турциялдасаги. Гьелъул хIакъалъулъ бицана ГIабдулмуслим ГIаб­дулмуслимовасги. Гъоркьиса гIе­зегIан захIматаб (халатккун рачIел цIадал, цебеккунго гарцIаз гьарурал гьужумал ва гь.ц.) заман букIаниги, росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз рихьизаруна лъи­кIал хIасилалинги абуна гьес. ГIеза­рурал нигIматазул гIаммаб багьа бахана 124 млрд гъуршиде. Росдал магIишаталъе кумек хIисабалда федералияб бюджеталъ биччан букIана 2,7 млрд гъуруш, исана биччазе буго 3 млрд гъуруш. Ахираб лъабго соналда жаниб бекьулеб ракьалъул гIатIилъи цIикIкIана 23 азарго гектаралъ, ва гьеб бащалъана 367 азарго гектаралда. Гъоркьиса босана 230 техника, гьелъул багьа ккола 316 млн гъуруш (кIиго соналъ цебе босаралдаса 3,6 нухалъ цIикIкIун).
2025 соналде щвезегIан тIубазе республикаялъ кьун букIана 21 мелиоративияб объект къачIазе заявка (гIаммаб багьа 9 млрд гъуруш). Гьел киналго ккола федералиял объектал, амма федералияб программаялде гьоркьобе босана гIицIго ункъо объект (гIаммаб багьа 3 млрд гъуруш). Министрас гьарана хутIараб 17 объектги программаялде гьоркьобе босизе ва хIалтIи тIубаялъе гIарац биччазе кумек гьабейилан. КIиабилеб, гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб Да­гъистаналда цIакъго кIудияб масъа­лъун буго хасалил хIаримазда риидалги гIемераб гIи-боцIи хутIиялъул хIасилалда гьезде тIаде цIикIкIараб хIал кколеб букIин. Цо гектаралъ хIехьолеб норма 0,7 шартIияб бетIер гIиял батани, нилъер гьаниб гьеб бахунеб буго 2,5-3 бетIералде. Гь­е­лъул хIасилалда холеб буго ракьул даража. Гьединаб ракь цIуни, гьеб къачIай буго захIматаб, цIикIкIараб харж тIад унеб хIалтIи. Мисалалъе, Гъизляралъул зонаялда гьединаб хIалтIи гьабизе хIажат буго 600 азарго гектаралда, гьеб хIалтIул гIаммаб багьа бащалъула 9 млрд гъуршида. Гьебги буго федералияб бюджета­лъул кумек гьечIого тIубазе кIолареб масъала.
ГIабаш ГIабашилов