Депутатал депутатазухъ гьоболлъухъ

Дагъистаналде бачIун букIана Ленинград областалъул законодательнияб собраниялъул делегация

 

Рехсараб собраниялъул председатель Сергей Бабенил нухмалъиялда гъоркь республикаялде бачIараб делегациялда дандчIвай гьабуна парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас. Гьес гьалбадерие бицана Дагъистана­лъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ.
Сергей Бабеница кIудияб къи­мат кьуна дагъистаниязул гьо­боллъиялъеги гьудуллъия­лъе­ги. Республикаялде гьабураб гьезул сапар байбихьун бу­го Дагъистаналъул берталъ гIа­хьаллъиялдаса. Гьединго гьес би­цана жидер­го собраниялъул хIалтIул хIакъа­лъулъги.
Гьалбал щвана Дербенталъу­л На­рин-Хъалаялдеги, ЧIикIаб ГЭС­ал­деги, Сулахъ къварилъиял­деги.