Лъималазе – бищун лъикIал шартIал

Дагъистаналъул бетIерас тIобитIана данделъи

 

Власталъул щибаб идараялъ хIаракат гьабизе ккола роол каникулазул заманалда лъималаз хIухьбахъиялъе лъикIал шартIал гIуцIиялъулъ. Гьедин лъазабуна данделъиялда Владимир Васильевас.

«Аслиял шартIал ккола лъималазул гIумруялъе зарал ккунгутIиги, пайдаялъе заман батиги, санагIатал шартIал рукIинги. Каникулазул заманалда хIухьбахъулаго, лъималазда рихьизе ккола республикаялъул берцинал ва тарихиял бакIал. Гьелда тIадги ургъизе ккела. Риидал хIухьбахъиялъе лъималазе шартIал гIуцIи букIине ккола щибаб муниципалитеталъул нухмалъулесул берзукь. Лагеразул сияхIги мухIкан гьабун, халгьабизе ккола кинал шартIал гьенир гIуцIун ругелали», — ян абуна ДРялъул нухмалъулес данделъиялда.
Гьес лъазабуна, лъимал лагералдеги нахъеги щвезарулаго, нухазда къварилъи ккезе биччангутIиялдеги лагералъул хIалтIухъабазул махщелчилъиялдеги кIварбуссинабеян.
Роол каникулазде гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ данделъиялда бицана ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ. «БачIун буго шагьар тун къватIибехун бугеб 29 лагералъул хитIаб. Гьезул гIемериселги руго Буйнакск ва Гъарабудагъкент районазул ракьалда. Жеги букIине буго школалдаго гIуцIараб 56 лагерь. Цо сменаялда хIухьбахъизе рес щолеб буго шагьар тун къватIир ругел лагеразда – 8130 лъимадуе ва школаздаго – 5830 лъимадуе. 15 маялда байбихьизе буго лагеразде путевкаби кьезе. Гьел кьезеги руго бакIазул МФЦяздасан. ТIоцебесеб смена рагьизе буго тIоцебесеб июналда», — ян бицана министралъ.
Каникулазул заманалда лъималаз хIухьбахъизеги гьезул сахлъи щулалъизабизеги республикаялъул бюджеталдаса кьун буго 227 млн гъуруш. Гьеб гIарцухъ рес буго 17 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер лагералде битIизе. Жеги 400 лъимералъ хIухьбахъизе буго лъималазул федералиял центразда: Крымалда бугеб «Артекалдаги» Краснодар краялъул «Орленокалдаги» ва «Сменаялдаги» — гьелъие гIарац кьолеб буго федералияб бюджеталдаса.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ