Гьалбал хириял гIадамазул ватIан

Данделъиялда бицана республикаялда туризм цебетIезабизе ва курортазул фонд цIигьабизе ккеялъул

 

Туризм цебетIезабизе рес кьолеб нух хIисабалда ДРялъул бетIер В. Васильевас рехсана бугеб инфраструктураялдаса пайда боси, хасго хасел ихалъ ва их рииялъ хисулеб заманалда. «Дагъистаналъул рес буго, гIемераб гIарац харж гьабичIого, туризм цебетIезабизе. Масала, дагьалъ цере республикаялде рачIун рукIана Пачалихъияб Думаялъулги Тверь шагьаралъулги вакилзаби. Гьел гIажаиблъизаруна нилъер тIабигIаталъул гьайбатлъиялъги берцинлъиялъги.
Дагъистаналда ракIги тун тIадруссунел руго жалин абулеб букIана гьез. Гьединлъидал нилъеда тIадаб буго гьалбадерил ракI рази­лъуледухъ гостиницабиги цогидал бакIалги хIадур гьаризе», — ян бицана республикаялъул нухмалъулес.

Туризм цебетIезабиялъул масъа­ла тIубалаго, тIоцебесеб иргаялда, кIваркьезе ккола экономика «рагIдукьа» къватIибе бачиналде. «Гьелъие квербакъизе буго банкалъу­л счеталдасанго гIарац рехулеб къагIида хIалтIизабиялъ. Гьелде тIадеги, туризм ккола гьоболлъиялъул индустрияги. КIигониги лъагIел буго дунги дагъистаниявлъун лъугьаралдаса. Гьанже жеги лъикI бичIчIана дида Дагъистан гьалбадерил къимат гьабулеб бакI букIин. Амма хIажат буго гьоболлъи гьабиялъул къагIидаби цIигьаризе, гьанжезаманалъул технологиялги хIалтIизарун», — ан бицана В. Васильевас.
Туризмалъулаб инфраструктураялъул рахъалъ гьабураб ва гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул бицана туризмалъул министр Расул Ибрагьимовас. Гьесул баяназда рекъон, 2018 соналда Дагъистаналде вачIун вуго 685 азарго турист. Гьезие санагIатал шартIал гIуцIулаго, цIикIкIараб кIвар кьезе кколел рахъаллъун министрас рехсана туризмалъулаб инфраструктураги, гостиницабазда ва цогидал объектазда рацIцIалъи цIуниги, транспорталъул масъалаги. «Гьел масъалаби тIуразе ккола туристазда гьоркьор машгьурлъарал бакIал ругел муниципалитетазул нухмалъулезда дандги бан. Гьединаллъун ккола Сулахъ къварилъи, Дербент шагьар, Сарикум салул гохI, Хъала-Къурайш ва цогидалги бакIал. Республикаялда гIемерал туристал цадахъго къабул гьарулел руго 242 объекталда: 52 турбазаялда, 25 санаториялда, 125 гостиницаялда, 40 гьалбадерил рокъоб. Хасал инвестициязул кумекалда­лъун, гъоркьиса хIалтIизе байбихьана анлъго гостиницаялъ. Гьабулеб буго туризмалъул индустриялда хIалтIулел агентствабазул федералияб реестралда хъвай-хъвагIайги. Кинабниги буго 44 агентство. Жакъа къоялде регистрация гьабун буго щуго агентствоялъул. Регионалда хIадурун буго 12 туристияб сапарги хIисабалде босун буго 150 кIвар бугеб, ай туристазда бихьизабизе лъикIабилан тIасабищараб, тадбирги», — ян бицана министрас.
Рехсарал объектазда чарагьечIого букIинабизе ккола гIадамазул гIум­руялъе хIинкъигьечIолъиян абу­на Владимир Васильевас. Гьелде тIа­деги, ДРялъул бетIерас абуна, автобусазул шоферзабазул медосмотр гьабизе ва туристал раччиялъулъ гIахьал гьаризе кколин бакIалъулал махщелчагIиги, ай хIисабалде босизе кколин дагъистаниял хIалтIудалъун хьезариялъул суал.
Туристал кванил нигIматаздалъун хьезариялъулги бицана В. Васильевас. Гьеб мурадалда мугIрузул районазда гIуцIизе ккола Гьалбадерил рукъзал. РакIалда буго 22 муниципалитеталда 40 Гьалбадерил рукъ хIадуризе. Гьезул бетIергьабазе налогазул рахъалъ бигьалъаби гьаризе ккеялъулги бицана регионалъул нухмалъулес. Республикаялъ кумек гьабизе буго Кубачи росдал халкъияб устарлъи цебетIезабизе.
Дубки поселокалда туризм це­бетIезабиялда бан, гьадинал баянал рехсана Казбек районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас. «Сулахъ къварилъиялъухъ балагьулеб хасаб майдан бан буго 2014 соналдаго. Гьеб кьун буго Туризмалъул министерствоялъул балансалде. Райо­налъ хIаракат бахъулеб буго гьениб рацIцIалъи чIезабизе. Гьениб гIагардаго буго Басрияб ЦIобокь росу. Гьелъул гьечIо административияб статус. Статус кьуни, бигьалъи­зе буго районалъул бюджеталдаса гIарцухъниги гьенибги туризм цебетIезабизе.
Районалъул ракьалда буго кIи­аби­лебги туристияб маршрут – Сулахъ къварилъиялде дандбитIараб рохьобе. Гьенибе нух къачIалеб буго ва гьалбал кваназеги рега-рахъинеги бакIал ва цогидал объектал ра­лел руго.
Лъабабилеб маршруталда буго Алмахъ росу. Федералияб прог­ра­м­­маялда рекъон, гьеб росу уна сах­лъицIуниялъул комплексалда гьоркьобе. Гьеб базе хIадурун буго 25 гектар. Росулъ буго ритIучIал хьихьулеб ферма – гьениб буго азаралда щунусго ритIучI. Исана Алмахъалда базе буго квана-гьекъолеб бакI, хIадуризе руго гьалбадерил рукъзал ва гостиницаялъул номерал.
ДРялъул хIукуматалъул тIад­къаял­да рекъон, къачIан ва лъун буго 16 туристияб гIаламат ва ритIун руго Яндекс-навигациялдаса гьел рихьизареян абун документал», — ан бицана районалъул бетIерас.
Туристияб индустриялъе хIажа­тал махщелчагIи хIадуриялъул хIа­къалъулъ бицана Россиялъул туризмалъулгун сервисалъул пачалихъияб университеталъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалъул директор Зюлмира Ханбабаевалъги.
МадихIат ХIажиева