Рагьараб гара-чIвари

Критикаялъеги бакI камуларо

 

ДРялъул бетIерасул ХитIабалда тIасан пикраби загьир гьаруна республикаялъул СМИязул журналистаз

Гьелда бан, данделъи гIуцIана ДРялъул Журналистазул союзалъ. Гьеб нухда бачана ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас. Гьенире рачIун рукIана ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъулги, ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министерствоялъулги, муниципалитетазулги, батIи-батIиял газетазулгун электрониял СМИязулги вакилзаби.
«Кинавго чи разияб иш букIунаро. Гьединлъидал жакъа бокьилаан, ДРялъул бетIерасул ХитIабалъул хIакъалъулъ бицунаго, щивас загьир гьабизе гьелъул кинал рахъал лъикIаллъун рихьарал ва киназ рази гьаричIелали бицани. Критикаги букIине ккела – нилъеда лъала, пайдаяб критикаялъул зарал букIунареблъи», — ян абуна ГIали Камаловас данделъи рагьулаго. БахIс гIуцIун букIана эркенаб гара-чIвари хIисабалда. Щивасул ихтиярги букIана жиндирго пикру загьир гьабизе. Гьанир кьолел руго данделъиялъул гIахьалчагIаз загьир гьарурал пикраби.
Зубайру Зубайруев, ДРялъул бе­тIерасулги ДРя­лъул хIукуматалъулги Информациялъул политикаялъул управлениялъул нухмалъулев: «Исана тIасабищана хитIаб гьабиялъул цIияб формат. Тадбирги тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьениве ахIун вукIана 800-ялдаса цIикIкIун чи – жамгIиял гIуцIабазулги, коммерциялъулал гурел жамгIиятазулги, батIи-батIиял муниципалитетазулги вакилзаби, ай гьенир ракIарун рукIана жамгIияб пикру куцаялъе квербакъулел гIуцIабазул вакилзаби.
ХутIана цо-цо кIваркьечIого тарал суалалги. Щайгурелъул хитIабалда рехсезе ккола бищунго кIвар цIикIкIарал ва тIоцебесеб иргаялда тIуразе кколел масъалаби.
Цо гIакъилас гьадин абуна: «МагIна букIунаро пикру гьабизе тIамулареб лъаялъул. Амма кIудияб зарал букIуна лъайго гьечIого гьарулел пикрабазул», — ан. Гьединлъидал дие бокьилаан ДРялъул бетIерасул ХитIабалъул хIакъалъулъ загьир гьарулел пикрабазул кьочIоеги лъай босани».
ГIабаш ГIабашилов, «ХIакъикъаталъул» мухбир: «Дие цIакъ бокьана ХитIаб гьа­бураб къагIида. ХитIабалда гIе­мер кIваркьуна росдал магIишата­лъул цебетIеялде. Рехсана гьабураб хIалтIуе нугIлъи гьабулел гIемер тарихал, хIужаби, мисалал. Дагьабго ракIалъе къабуллъичIо данделъиялде пресса ахIунгутIи, ай идеологиялъул сан гьабичIолъи. ЦIакъго гIемер рехсолел рукIана къуваталъулал идарабиги – жамгIият хIинкъизабулеб бугеб гIадаб хIал лъугьинабулаан гьелъ».
З.З.: «ХитIабалъул тIоцебесеб варианталда рехсон букIана чанго суал. Амма республикаялъул нухмалъулес гьел нахъе рахъизаруна ва цIикIкIараб кIварбуссинабуна министерствабазгун ведомствабаз кьурал хIужабазде. Хабар букIана гьадинаб: 2018 соналда щиб гьабураб ва 2019 соналда щиб гьабун бажарилеб? Гьеб суалалъе жаваб кьезе кколаан щибаб министерствоялъ. Владимир Васильевас лъазабуна: «Нужеца дихъе кье мухIканал, ай чIванкъотIарал ишал гьариялъул яги гьарун бажариялъул хIакъалъулъ хIужабиги тарихалги. Дица дидего тIаде босила гьел халкъалда рагIизариялъул иш. Ва нужеда кIочонге, щибаб тарихалъулгун хIужаялъул хадубккун жаваб кьезе кколеблъиги», — ян».
МухIамад Му­хIамадов, «Дагъистан» РИАялъул директор: «Гьудуллъиялъул минаялде ахIаразда гьоркьов вукIана дунги. Дие бокьана гьениве ахIиялъул къагIида. «ХIурматияв…, дица мун ахIулев вуго…», ай хъван букIана, буюрухъ хIисабалда гуреб, гIелцоясухъе, гьудуласухъе гIадин. Гьеб дие бокьана. Рокьана гьенире ахIун ратарал гIадамал – гIицIго хIакимзаби гурел, школазул учительзабиги, вузазул преподавателалги, ай халкъалъул унго-унгоял вакилзабиги. БичIчIулеб букIана, республикаялъул бетIерас хIаракат гьабулеб бугеблъи щивасул рекIел кIул батизе.
ХитIаб гIуцIун букIана, РФялъул президентас Федералияб Собраниялде гьабураб хитIабалде мугъги чIван. ГIадамазул хьул букIана ХитIабалдалъун кьварараб политика загьир гьабиялде. Амма гьедин ккечIо. Дун чанцIулго дандчIвана В. Васильевгун. Дида гьев вихьана хIеренаб ракIалъул инсанлъун. Цо нухалда гьес гьадин абуна: «Цо машгьурав чияс абуна, щибаб масъалаялъул буго гьеб тIубаялъе батулеб цIакъ бигьаяб, амма гьебго заманалда мекъи ккезарулеб нух», — ан. Дун ургъизе тIамуна гьел рагIабаз. Дида бичIчIана гьев гIадатияб гуреб пикруялъул инсан вукIин.
ХитIабалда бетIерасул рагIабазе хъат­чIвалеб букIана, социалиял масъалаби тIуразариялъе ратарал нухазул хIакъалъулъ бицунеб мехалда. Бокьана дие бизнесалъул хIакъалъулъ гьес абураб рагIиги: гьеб буго нилъеца бечIчIулеб гIака – гьелдаса махIрумлъани, ракъун-къечон хутIизе рес буго, гьединлъидал, нилъеца гьеб цIунизеги, хьихьизеги, берцинаб мацI бицун, беэдизеги кколаян.
ХитIаб буго тIубанго цIияб къагIидаялда гIуцIараб ва гIемерал масъалаби гъорлъе рачараб. Бокьилаан гьенир загьир гьарурал пикраби тIуразариялъе хIаракат гьабуни министерствабазгун ведомствабазги бакIалъул нухмалъиялъги».
ХIамид МухIамадов, ДГУялъул филологияб факультеталъул Печатниял СМИязул кафедраялъул нухмалъулев, доцент: «ХитIабалъухъ гIенекка­раб мехалда, ра­кIалде кколеб бу­­кIана гьеб кIиго батIияв чияс хIадурун бугилан абун: батIи-батIияб стилалда ­х­ъ­ван бугоан гьеб. ЛъикIаблъун бихьана, кIиабилеб, ай тарихал ва хIужаби рехсараб бутIа хадубккун бицин. Стратегияб ра­хъалъ ритIухъаб иш гьабуна гьес.
ХIалтIизе бугищ прессаялъулгун рагьараб гара-чIвариялъул хIакъалъулъ тезис? Гьеб буго кIудияб кIваралъул суал, щайгурелъул хIукуматалъ кидаго жигар бахъула масъа­лабазул хIакъалъулъ пикраби балъго тезе. Бихьана, республикаялъул бетIерасухъа бажарулеблъи халкъалъулгун накъит гьабун».
МухIамад Му­хIамадов, «Черновик» газета­лъул мухбир: «Да­гъистаналда буго статистикаялъул лъабго тайпа. Гьезул киналда божилеб? БичIчIичIо дида, кинаб пикру бугеб ДРялъул бетIерасул нилъер ФОМСалъул рахъалъги. Гьес хитIабалда рехсарал моцIрол харжал щоларо тохтурзабазеги медсестрабазеги.
Цоги абуни, кIиго сагIаталъ халалъана хитIаб гьаби. Гьеб буго цIакъ гIемераб заман. Залалда гIодорчIарал гIадамазул цоял гьакIкIадилел рукIана, бихьулеб букIана, хабар халалъулеб ва чIамучIлъулеб букIин. Прессаялъул вакилзаби ругьунлъун ругелъул, гьезухъа хIехьон бажараниги, гIадамазухъа гьеб хIехьон бажарулеб букIинчIо. Формат лъикIаб тIасабищана, амма халалъизе тезе бегьулароан. Бегьилаан, гIиси-бикъинал, пуланаб департаменталъ тIуразе кколел ишазде кIваркьечIониги. Масала, школа, лъималазул ах рагьи советияб заманалда букIана райкомалъул лъабабилев секретарасул кверщаликь бугеб иш.
ХитIабалъул аслияб мурад ккола цебетIей, перспектива. Амма гьеб бихьуларо. Республикаялъул щивав нухмалъулес бицуна гьадин-додин гьабизе бугин ва гьеб бугин цебетIеялъе квербакъулеб нухан абун. Амма цониги ХитIаб гIумруялде бахъинабуларо. Нилъер система хIисабалде босараб мехалда, ракIалде ккола, ХитIабги гьелда рехсарал масъалабиги кагътидаго хутIизе ругин, ай гьел гIумру лъикIлъизабиялъе хьулаллъун хутIилин абун. ЛъикIал хьулаз жужахIалде рачунин абулаха».
ХIажихIусен ХIа­жиев, ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIуку­маталъулги администрациялъул Контролияб управлениялъул нухмалъулесул заместитель: «Дие бокьун буго хIалтIи гьабиялъе нугIлъи гьабулел хIужаби рехсезе. РакIчIун абила: ХитIабалда рехсараб щибаб тарихгун хIужа буго мухIканаб ва жинде божизе бегьулеб. Масала, сакъатлъиялъул пенсия щолел гIадамазул цIидасан халгьабураб мехалда, комиссиялде вачIинчIо 6000 инвалид. Гьелдалъун бичIчIана, гьел гьереси-инвалидал рукIараб­лъи ва бюджеталъе тIокIлъана 700 миллион гъуруш.
ДРялъул бетIерасул ХитIабги гьелда рехсарал масъалабиги тIуразе руго 90 проценталъ. Лъималазул пособие цIикIкIине буго кIицIул, ай кьезе буго щибаб лъимадухъ 300 гъуруш моцIрое. ЦIикIкIинаризе руго ресукъал хъизамазе кьолел пособиялги, 5-6 нухалъ цIикIкIине руго бигьалъигун щолел рукIарал гIадамазе кьолел дарабазде биччалеб гIарац.
ГIемерал соназ тIубачIого хутIун букIана цIалул тIахьазул масъала. Исана тIолалго школазе кьуна гьел, ай цIалул тIахьаздалъун хьезаруна 100 проценталъ. Гьебги гьабуна, муниципалитеталъ кьурал кагътаз­да рекъон.
Гьекъолеб лъедалъун гIадамал хьезариялде биччазе буго цо миллиардгун 700 млн гъуруш. Гьелда бан, хIалтIи гьабизе буго 18 муниципалитеталъул 30 объекталда. Гьезда гьоркьоса 25 хIалтIизе буго исанаго.
Нилъер руго гIемерал соназ ран рахъинчIого хутIарал гIемер объектал. ХIисабалде босун буго гьезул 60-ялда хIалтIи байбихьизе ва исана бан бахъинабизе буго 40 бакI».
М.М., «Черновик»: «Ираналъ нилъехъа гIиял гьан босулин абун, чIухIизе кколаро нилъ. Гьеб сабаблъун, нилъерго базаралда бичулеб гьанал багьа зодобе бахинабуна. Нилъецаги квинчIого, чидае гьанги бичунищ рукIинел? Килоялъухъ 500 гъурушги кьун, гьан босизе рес бугел гIадамал ругищ нилъер? Бугищ гьеб хIужаялъ нилъер халкъалъул гIумру лъикIлъизабулеб? Гьеб суал букIине ккола аслияблъун. Цин гьан бичила къватIисел улкабазе, хадуб – квас, цIул, цогидал пихъалгун овощал. Нилъеего щиб хутIилеб? Дир хIисабалда рекъон, букIине ккола республикаялъул халкъалъул гIумру цебетIезабиялъе квербакъулеб экономика».
Байрам ГIабдулаев, цахуразул «Нур» газеталъул бетIерав редактор: «Рутул районалда дагьалъ цебеги щолароан боцIи хьихьизе вехь. ГIолилал разилъулароан гьеб хIалтIи гьабизе – харж дагьаб бугилан абун. Гьанже, Ираналде гьан бичиялъул хIасилалда гIиял гьан хиралъидал, боцIи хьихьизе гъира цIикIкIун буго халкъалъул. Гьеб лъикIаб хIужалъун рикIкIуна дица.
ДРялъул бетIерасул ХитIабалдаги цIикIкIун кIваркьолеб буго росдал магIишаталъул цебетIеялде. Масала, лъалъалел ракьазул магIишаталъе кьун буго 700 млн гъуруш. Кида гьедин букIараб? Росдал магIишаталъул гьеб рахъ кидаго хутIулаан берзукьа бикъун: гьелъие гIарац кьолаан, нагагь тIокIлъани. Дида ракIалде ккола, ХитIабалъул ва гьаризесел пайдаял ишазул хIакъалъулъ нилъеца халкъалда бицине кколин абун».
Бурлият Токболатова, «Дагъистана­лъул правда» газеталъул бетIерай редактор: «Республикаялъул бетIерасул ХитIаб кколаро Къуръан яги Инжилгун Таврат. Гьездего гIадинаб бербалагьиги букIине кколаро гьелде. Нижеца редакциялда мухI­канго бицана гьелъул хIакъалъулъ. Нижеца ХитIаб рикIкIуна журналистазе хIадурараб медиа-планлъун. Гьелда рицунел гIумруялъул рахъазул хIакъалъулъ, хасго социалиязул, макъалаби хIадуреян тIадкъан буго журналистазул къокъабазда.
Гьелда бан, масала: сахлъицIуниялъул хIакъалъулъ бицунаго, В. Васильевас абуна, «Бережливая поликлиника» абураб проекталда рекъон, лъималазул поликлиникаялда тохтурасухъе иргаялда кIиго минуталъ гурони чIоларин унтаравин абун. БукIине рес гьечIо гьедин! Нижер журналистал щвана гьес рехсараб поликлиникаялде. ХIалтIулеб батичIо электронияб иргаги хъвай-хъвагIай гьабиги, иргаялдаги бала гIураб заман. Лъица гьел хIужабиги тарихалги хIадурарал ХитIабалда лъезе? Гьединал, ай ХитIабалда рецц-бакъгун рехсарал, амма хIакъикъат батIиял хIужаби халлъулел руго нижер журналистазда».
М.М., «Черновик»: «ХитIабалда бицана, тохтурзабазул харжал 100 азарго гъуршиде рахунин абун. Нижехъе тохтурас хъвалеб буго 12 азаргоялдаса тIаде щоларин абун. Лъида божилел? Гьединлъидалха ракIалдещолел статистикаялъул батIи-батIиял тайпаби рукIинги. Кинаб тайпаялдаса пайда босараб, ХитIаб хIадурулаго, нижеда лъаларо».
ХIажи Султанов, ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министрасул тIоцевесев заместитель: «БитIараб буго, статистикиял баянал кидаго гуро рекъонкколел. Амма нижеца хIаракат гьабулеб буго баянал хIакъикъаталде гIагарлъизаризе. Гьелъул хIасилалда гьоркьохъеб моцIрол хайир бахана 24 азарго гъуршиде ва рухI рикIкIун щолеб гьоркьохъеб хайир – 27 азарго гъуршиде. Гьел баянал рукIана цIакъго цIикIкIинарураллъун. Руго цо-цо махщелчагIи-тохтурзаби, моцIрое 100 азаргоялдасаги цIикIкIун гъуруш щолел. 26 азаргоялдаса тIаде харж щола цо-цо участоказул тохтурзабазеги медсестрабазеги».
З.З.: «Республикаялъул нухмалъиялъул хIаракат кидаго гуро битIун бичIчIулеб бугеб халкъалда. Масала, батIи-батIиял харбал рицунел рукIана, шагьранухазда видеокамераби лъолеб заманалда. Дица рехсела цо КамАЗалъул шоферас социалияб гьиналда хъвараб мисал. Гьес къайи баччула МахIачхъалаялдаса Хасавюрталде. Гьес хъвалеб буго: «Дун гьеб шагьранухдасан хьвадула анцIгогIан соналъ. Чанги ккана, авариялъул хIасилалда, хваралги лъукъа-къотIаралги къварилъиялдаса рорчIизаризе. Ахираб заманалда ботIролъе бачIана гьадинаб пикру: вахI, моцIгIан заманалъ цониги авария бихьичIогури дида нухда?!» — ян. Гьеле хIалтIул хIасил. Видеокамераби лъеялъул хIасил гьабиялъул данделъиялда цо хIакимас гьадин абуна: «ГIажаибал чагIи руго дагъистаниял – хваликьа хIинкъуларо, гIакIа бахъиялъукьа хIинкъула», — ян».
Малик ПатахIов, Гъизилюрт шагьаралъул бетIер: «Муниципалитетал рохун руго, гIемерал соназ щибго гьабизе рес щвечIого хутIарал бакIазда хIалтIи гIуцIизе кьураб ресалдаса. 2019 соналъул ахиралде, республикаялъул бюджеталъул кумекалдалъун, къачIазе буго шагьаралъул 10 къватI. КъачIазе руго лъел мухъалги. ЛъикIаб даражаялъул гьекъолеб лъедалъун хьезаризе руго Басрияб Бавтугъай ва ЦIияб Сулахъ росабиги.
Шагьаралъул сверухълъи берцин гьабиги нухазда хIинкъигьечIолъи чIезабиги – гьеб кIиго программаялдаги гIахьаллъула Гъизилюрт шагьар. КьучIдасанго цIигьабуна 10 минаялъул азбарги жамгIияб хIухьбахъиялъул лъабго бакIги. Исана къачIазе буго жеги лъабго азбар ва ункъо жамгIияб бакI».
Бияхъай МухIамадов, ДРялъул Журналистазул союзалъул юрист: «Хасавюрт районалъул Сивухъ, ЦIияб Сасикь ва ЦIияб ИчичIали росабазул жамагIатаз, жидерго гIарацги харж гьа­бун, къачIана нухал, берцин гьабуна сверухълъи, ралел руго хIухьбахъиялъул ахал. Масала, Сивухъа пенсионерка ПатIиматица гьел ишазе кьуна 300 азарго гъуруш. Гьезул хIакъалъулъ бицине кколаан ва бегьулаан, гьезухъеги ун, республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдаса баркаланиги кьезе. Цониги хIаким щвечIо гьел росабалъе».
ПатIимат Расулова, «Россия жакъа» абураб Халкъазда гьор­кьосеб информациялъул агентство: «Дун микьгониги соналъ хIалтIулей йиго Москваялда. Дагъистаналдаса лъикIаб хабар рагIараб мехалда, цIакъ йохула дун. Масала, бицунеб букIана къватIал чурулел машинаби росанилан абун. Щвана МахIачхъалаялде – руго долго махIцарал къватIал. Киреха арал дол машинаби? Дир рекIелъ хIинкъи буго ХитIабалъ церелъурал масъалаби гьанжеги тIурангутIиялъул».
Шамил Хаду­лаев, жамгIияв хIаракатчи: «Республикаялъул гьанжесев нухмалъулес гьабураб ХитIаб лъикIаб­лъун рикIкIунеб буго социалиял гьи­назул гIахьалчагIазги экспертазги. Политологаз абулеб буго, жакъасел масъалабазде гурони, букIинеселде кIварго кьун гьечIилан абун. Амма жакъасел масъалабазул бицунагоги, гьор­кьор риччан руго жамгIият хIалуцинабурал ишал. Масала, маршруткабазда рекIаралъухъ босулеб гIарцул, федералиял идарабаз бизнесалде гьабулеб тIадецуялъул, гIолилазулги, миллиябги, миграциялъулабги политикаялъул хIакъалъулъ. Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан ккола, рухI рикIкIун, бищун дагьаб гIарцул бутIа щолеб бакI – гьелда бан кинабгIаги пикру загьир гьабичIо. БицинчIо налогазул бакIлъи цIикIкIиналъул хIасилалда бизнес къазе кколеб букIиналъул хIакъалъулъги – гьеб сабаблъун цо-цояз къатIинабизе кколеб буго жидерго хIаракат».
ХIадурана
Кавсарат Сулеймановалъ.