Пашманаб лъугьа-бахъин

Сунде хIадур рукIине ккелел?

 

Дунялалъул батIи-батIиял улкабазда гIемерлъулел руго

Дин-Авеню абураб мажгиталда чIвана 41 бусурманчи ва Линвуд абураб мажгиталда – микьгояв. Лъукъана 50-яв. ЧIвадарухъан, Австралиялда гьавурав 28 сон барав Брентон Таррант, вачIана мажгиталде ва гьабуна гьеб вахIшияб иш.

Дихъа бажаричIо ЦIияб Зеландиялъул Крайсчерч шагьаралда ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бахъараб видеоялъухъ ахиралде щвезегIан балагьун – гьедигIанги вахIшиял лъугьа-бахъинал ккана гьенир. Дин-Авеню абураб мажгиталда чIвана 41 бусурманчи ва Линвуд абураб мажгиталда – микьгояв. Лъукъана 50-яв. ЧIвадарухъан, Австралиялда гьавурав 28 сон барав Брентон Таррант, вачIана мажгиталде ва гьабуна гьеб вахIшияб ишги. Гьеб кинабго бахъулебги букIана гьес ботIрода рекIинабураб видеокамераялде. Камераялъ бахъулеб жо бихьизабулеб букIана Интернеталдасанги.

БусурманчIужуялъул бахIарчилъи

Цо-цоял гIедегIана мажгиталда как балел рукIарал бусурбабазде гIайиб гIунтIизабизеги, ай гьел хIинкъанин, жалго цIунизе рахъинчIинги абун. Бигьаяб иш буго рикIкIадасан гIакълаби кьей.
Кин бугониги, букIана гьениб бахIарчилъиялъеги бакI. Гьеб къоялъ рузманалде сакъатав рос Фарид щвезавизе мажгиталде ячIана Бангладешалдаса 45 сон барай ХIусна АхIмад. Кьвагьдейги ахIиги рагIарай гьелда ракIалде ккана мажгиталъуса бусурбаби къватIире рачине. Гьелги къватIире рачун, ХIусна тIадюссана жиндирго росасда хадуй, амма гьеб заманалда гьелдаги щвана террористасул гулла. Гьей хвана, амма гьелъул рос хвасарлъана. ЧIвадарухъанасул хIакъалъулъ дур кинаб пикру бугебилан гьесда цIехедал, Фаридица абуна: «Гьесдехун рокьукълъи гьечIо дилъ. Аллагьас къотIила гьесие хIукму…», — ян.

Лъутарав террорист –
цо чийищ яги системайищ?

Таррант кколаро живго цо­хIо хIалтIулев чи. ЧIезабун бу­го такъсирчиясул щулияб бухьен букIараблъи СШАялдаса та­къ­сирчагIазулгун. СШАялда гье­­динал гIадамазда абула «ро­кьу­­къ­­лъиялъул къокъа» абун. Трампил заманалда гьел гIемерлъана ва гьабсагIаталда Америкаялда буго 1020 гьединаб къокъа (Барак Обамал заманалда букIана 700) ва цIикIкIунеб буго гьезул рахъкколел гIадамазул къадарги. Гьезулъ букIуна хъахIаб гуреб тIомол кьер бугелщиназде рокьукълъи.
Б. Таррантги ккола расистги исламалде данде къеркьолев чиги. ВахIшияб иш гьабилалде гьес 30 адресалде битIун буго «ТIадегIанаб хиси. Ниж унел руго цIияб жамгIияталде» абураб цIаралда гъоркь хъвараб хитIаб. Гьелда бицунеб буго дунялалда хъахIаб геноцид унеб бугин абун. Жинца бусурбабаз Европаялда гьарурал терактазухъ рецIел босизе кколин. Ва, тIоцебесеб иргаялда, 2017 соналда Стокгольмалда хварай 11 сон барай Эббу Акерлундихъ. Доб мехалда ИГИЛалъулгун бухьен бугев Узбекистаналдаса мигрантас юк баччу­леб машина речIчIизабиялъул хIа­силалда хвана щугояв ва лъукъана 14 чи.
Такъсирчиясул рахъкколел ча­гIиги камулел гьечIо. Руго гьел СШАялдаги Австралиялдаги. Гьелги ккола рокьукълъиялъул къокъабазул гIахьалчагIи. СШАялъул фашистазул интернет-форумалъул («Штурмовик») бетIерав редактор Эндрю Энглиница хъвалеб буго гьесул хIакъалъулъ: «Гьав чи вуго багьадур ва гьес гIемераб хIалтIи гьабуна, нилъ гьелда разилъизе ккола – гьев вуго бахIарчи», — абун. Лъалеб букIахъе, Энглинил каранда бахъун буго чIегIераб бакъул сурат – Гитлерил ССалъул игIлан. Гьебго игIлан хIалтIизабуна Таррантицаги.

Бусурбабазде гьужумал

Рачинин Интернеталдаса цо-цо мисалал. 2016 соналъул 29 январалда 26 сон барав Александр Биссоннетт вачIана Канадаялъул Квебек-Ситиялда бу­геб мажгиталде ва кьвагьдана бусурбабазде. ЧIвана анлъгояв, захIматго лъукъана 19 чи. 2015 соналъул июналда 21 сон барав расист Дилан Руфица СШАялъу­л Чарльстон шагьаралъул килисаялда чIвана как балев вукIарав ичIго неграв, штаталъул сенатор ва пастор. 2011 соналъул 22 июлалда Норвегиялда чIвана 77 ва лъукъана 151 чи. Гьеб такъсир гьабуна исламалдеги батIияб миллаталъул вакилзабаздеги дандечIарав террорист А́ндерс Бре́йвикица.
Гьединал пикраби ругел гIадамал гIемерлъулел руго ахираб заманалда. Масала, ГIиракъалда гьабураб рагъда гIахьаллъарав Америкаялъул сержант Форрест Фогартица гьадин хъвалеб буго: «МоцIида жаниб кIицIул унаан дун рагъде. Щайгурелъул дун вуго миллатчи ва дие бокьула гIарабал чIвазе», — ян.
Гьединал пикрабазе ахир лъезе ккани, хIажалъула пачалихъиял идарабазда, ай бусурбабазде данде буссараб «терроралде данде къеркьолеб аппараталда» гIадлу гьаби. Бусурбабазда хадубин абуни буго гьоркьоса къотIулареб халкквей, гьел туснахъ гьарулел руго. Гьединаб иш билълъанхъизабулеб заманалда бетIер борхулеб буго такъсирчагIазги.