Азербайжаналде сапар

Дагъистаналъул парламенталъул вакилзаби ун рукIана Бакуялде

 

Парламенталъул вакилзабазда гьоркьор рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, вице-спикер Камил Давдиев, лъайкьеялъул, гIелмуялъул, маданияталъул, гIолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул комитеталъул председатель Мурад Пайзулаев ва цогидалги.
Гьеб сапар гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялда ва Азербайжан республикаялъул Милли-Мажлисалда гьоркьоб цадахъ рекъон хIалтIиялъул рахъалъ гьабураб къотIиялда бан.
Дагъистаналъул делегациялъ тIугьдул лъуна ГIазиз ГIалие­васул, ХIайдар ГIалиевасул па­мят­никалда цере ва Шагьид­за­базул аллеялда. Хадуб Азер­­­байжаналъул Милли-Маж­ли­салъул председатель Октай Асадовгун дандчIвана ва би­цана гьадинал дандчIваяз квер­бакъулин Дагъистаналъулги Азер­­байжаналъулги халкъазда гьор­­кьоб гьудуллъи щула гьабия­лъе.