Халкъалъ халкъалъе бараб

БокьунгутIи гуреб, бегьунгутIи гьечIебха

 

20 февралалда баянлъана, 2019 соналда ОМСалъ гIарац биччачIолъиялдалъун, МахIачхъала шагьаралъул №3 клиникияб больница къалеб букIин. ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, гIарац биччан буго гIицIго тIадегIанал технологиялъул операциял гьарулел жалго бетIергьанал чагIазул лъабго медучреждениялъе. Рехсараб больницаялъулин абуни гьечIо гьединал операциял тIоритIизе ихтияр кьолеб лицензия. Гьединлъидал больницаялъул нухмалъиялда лъазабун букIун буго, гIадамаз гIумру гьабулеб бакIалда хадув участкаялъулав тохтурги вухьинавун, медицинаялъул амбулаторияб кумек гьабулеб къагIида гIуцIейин ва гьелда рекъон ОМСалдаса гIарацги тIалаб гьабейин. Байбихьуда больницаялъ гьединаб жавабчилъи тIаде босунги букIана. Хадуб, больницаялъул гIемерисел специалистал цогидал бакIазда хIалтIулел рукIиналъ, гьезул рес букIинчIо ахIидал я унтаразухъе ине, яги диспансеризация тIобитIизе. Гьеле халкъиябин абун цIар кьураб больница къаялъе ккараб аслияб гIилла.

«Дагъистаналда гIадамазе чIобого хъулухъ гьабулеб цого-цо бугеб больница цIунизин» абун гъоркьги хъван, Change.org порталалдасан РФялъул президент В. Путинил ва ДРялъул бетIер В. Васильевасул, РФялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул ва ФОМСалъул адресалда хъвараб гIарзаялда бицунеб буго, хIукуматалъухъа гъуруш гIарацги тIалаб гьабичIого, 2017 соналда халкъалъул къуваталдалъун гьеб больница баялъул ва хIажатал алатаздалъун хьезабиялъул хIакъалъулъ.
Больницаялда буго 150 койка. 2017 соналда больница ФОМСалъул сияхIалде гьоркьобе бачунги букIана. ХIалтIизе лъугьараб тIоцебесеб соналъ, гIураб къагIидаялда кьечIониги, больницаялъул счеталде гIарацги бачIунеб букIана.
2018 соналда больницаялъ гIадамазе чIобого медицинаялъу-лаб кумек гьабизе хIукуматалъ чIезабураб тIадкъай 101,7 проценталъ тIубазабуна. Гьелда гьоркьоре уна больницаялда регизарун сахгьавурав 1485 чи, медицинаялъул кумек гьабурав 1883 чи ва сахлъи щулалъизабиялъе квербакъарав 4333 чиги. Больницаялда гьабуна 500-ялдаса цIикIкIун операция, гьездаго гьоркьор — тIадегIанал технологиязулалги. Гьениб цониги медицинаялъулаб хъулухъ гьабун гьечIо коммерциялъул мурадалда. ПалхIасил, халкъалъул гIарцудалъун тIоцебе бараб ва, чи ватIа гьавичIого, чIобого хъулухъ гьабулеб больница жакъа ОМСалъул фондалдаса гIарац биччачIолъиялдалъун къалеб букIин буго цIакъ гIажаибаб иш. Гьебгиха, шагьаралъул гьеб больница бугеб районалда медицинаялъул хъулухъ чIобого гьабулеб цониги больница яги медучреждение гьечIеб мехалда.
Больницаялда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьадин бицана ФОМСалъул эксперт-травматолог ГIабдула ХIажиевас:
— Больницаялъе кьучI лъуна республикаялъул муфтияталъ. Гьеб хIалтIизе биччаялъе гIиллаги букIана медицинаялъул кумек хIажатал мискинал чагIазе тIадегIанаб даражаялда чIобого медицинаялъулаб хъулухъ гьаби. Гьениб, мадраса букIараб бакIалда, муфтияталъ росабазул жамагIаталги рахъинарун, цIакъ гIемераб хIалтIи гьабуна. Базе, къачIазе ва алатал росизе бажарарас бажарараб гIарацги кьуна. Къокъго абуни, гьеб ккола халкъалъ бараб ва халкъалъе бараб больница. Жакъа гьениб буго гьаб заманалда рекъараб медицинаялъул оборудование, руго лъай-махщел бугел тохтурзаби-специалистал. Больницаялда гьечIо гьеб районалъул гIадамал рухьинарураб территориалияб поликлиника, буго бокьарав чи къабул гьавулеб консультативияб поликлиника. Жакъа больница хIалтIулеб буго «тIубанго къан гьечIин» абулеб къагIидаялда. Гьеб къани, хIалтIи гьечIого хутIизе вуго 110-130 чи, гьездаго гьоркьов — 60-70 медицинаялъул хIалтIухъанги.
ФОМСалъ кьуни гурони больницаялъул гьечIо гIарац щвезе цоги бакI. ФОМСалда гьабун буго больницаялъул хъвай-хъвагIайги. Жакъа гьенибе гIарац кьолел бечедал чагIи гьечIо ва, ОМСалъ гIарац кьечIони, больница къазеги ккола.
Больницаялъе гIарац биччазе бокьунгутIи гурони, ФОМСалъе гьелъул бегьунгутIи гьечIо. Иллагьги-биллагьги гIарац биччазе кколин хъвараб бакI законалдаги гьечIо, амма бокьани, кIола. Гьеб бараб буго ДРялъул ФОМСалъул ва СахлъицIуниялъул министерствоялъул нухмалъулезда. Гьез квалквал гьабулеб бугони, масъала тIубазабизе ккола республикаялъул тIалъиялъ.
ФОМСалъ абулеб буго тIадегIанал технологиязул операциял гьарулеб жалго бетIергьанаб лъабго больницаялъулгун гурони исана къотIи-къай гьабичIилан. Амма страховияб медицинаялъул хIакъалъулъ законалда гьечIо гьединал гурони больницабазулгун къотIи-къай гьабугейилан хъвараб бакI.
Масала, Москваялда насраниязул къайимлъиялда ругел больницаби ФОМСалдаса биччараб гIарацги харж гьабун хIалтIулел ругин хъвалеб буго интернеталда. Гъоркьиса МахIачхъалаялда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб исламияб форум. Гьениса кIиго автобус цIурал форумалъул делегатал рачIана больница бихьизе. Гьезда цадахъ вукIарав машгьурав гIалим ал-Алдарусица лъикIаб къимат кьуна больницаялда ругел шартIазе ва гьениб хIалтIи гIуцIун бугеб къагIидаялъе. Больницаялъе гьединабго къимат кьуна республикаялъул хIакимзабазги. Гьез рагIи кьун букIана больницаялъе бажарараб кумек гьабизеги. ТIадежоялъе, В. Путинилгун букIараб дандчIваялдаги ДРялъул
бетIер В. Васильевас гьесда бицун букIана гьеб больницаялъул хIакъалъулъ ва кьун букIана лъикIаб къимат, — ан.
Больницаялъул хIалтIи гьоркьоб къотIизабичIого букIинелъун, гьенибе гIарац биччазе кинабгIаги рес букIунарищали цIехезе ниж щвана ДРялъул ФОМСалдеги. ХIалбихьана чанго специалистасулгун гара-чIвари гьабизе. Амма, гьеб захIматаб суал бугинги абун, киназго инкар гьабуна. Ниж кинго тIаса ричIичIеб мехалда, цIарги хъулухъги газеталда хъвачIого тезе къотIиги гьабун, цо бахIарчияв хIакимас гьадин бицана: «Республикаялъул ХъахIаб рокъоса бачIараб амруялда абулеб буго пачалъихъалъул гурел медицинаялъул идарабазе ОМСалъул фондалдаса гIарац биччагейин. Халкъияб букIаниги, МахIачхъала шагьаралъул №3 больницаги уна жалго бетIергьанал чагIазулалде гьоркьобе. Цогидазе биччачIого, гьелъие ОМСалъул фондалдаса гIарац биччайги рикIкIуна коммерциялъулаб бигьалъи гьабилъун, ай закон хвезабилъун. Гьебмехалда
ФОМСалъулгун дагIба гьабизе рес буго налогалъулаб инспекциялъгун прокуратураялъ. Къокъго абуни, гьединаб амру букIаго, гьеб больницаялъе гьабун бажарулеб кумек букIунаро», — ян.
Больницаялда кверчIвазе ресго букIинародаян цIехезе ниж щвана ДРялъул СахлъицIуниялъул министрасул заместитель Мазай Рамазановасухъеги. Гьес абуна: «Больница тIубанго къазе гьечIо. Ниж ургъулел руго гье-лъие гьабизе бегьулеб кумекалда тIад. Гьелдаса пайда босизе буго гIадамазе пайдаяб къагIидаялда. Кинаб медицинаялъул идара гьениб букIине бугебали жеги лъаларо, амма больница чIобого тезе гьечIо», — ян.
ГIемераб гIетIги тIун, халкъалъ бараб ва хIажатал алатаздалъун
хьезабураб халкъияб больница къай ккола республикаялъул жамагIаталъе нагIана кьей. Амма, ракIунтун гIодани, бецаб бадисаги магIу бачIунин абухъе, ФОМСалъ гьеб больницаялъе гIарац биччани я налогалъулаб инспекциялъул, я прокуратураялъул дагIба букIинин кколаро. РакIунтун балагьани, законалдаги батизе рес буго гьедин гьабизе бегьулеб нух.
P.S. Макъала хъван лъугIилалде баянлъана ДРялъул сахлъицIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовас гьабураб хIукму. Гьелда рекъон, рехсараб больница гьабизе рагIула шагьаралъул №1 клиникияб (централияб) больницаялъул филиаллъун. Гьеб хIукмуялъул рахъккуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажицаги.
№3 клиникияб больницаялда тIадеги рагьизе ракIалда буго неврологиялъул, терапевтикияб ва паллиативияб кумек гьабиялъул отделениялги.
Нури Нуриев