Пачалихъияб Совет

РагIаллъабаздаги гIуцIизе ккола шартIал

 

Татарстаналда тIобитIараб РФялъул Пачалихъияб Советалъул данделъи
нухда бачана улкаялъул президент Владимир Путиница

ДРялъул бетIер Владимир Васильевасги гIахьаллъи гьабураб гьеб тадбир тIобитIана Татарстаналъул Иннаполис шагьаралда. Гьеб ккола гIолохъанаб шагьар, ай лъабго соналъ цебе бараб. Гьебги бан буго Сингапуралъул архитектор Лиу Тай Керил проекталда рекъон. Гьениб гIумру гьабулеб буго 3200 чияс.
Данделъиялда кIалъалаго В. Путиница абуна шагьаразда­гун поселоказда гIадамаз гIум­­ру гьабиялъе санагIатал шар­­тIал гIуцIизе кколин ва ра­кIалдещвезабуна жагъаллъарал минабахъа гIадамал гочинариялъул мурадалда къабул гьабун букIараб программаги.
«Шагьаразда ралел бакIал ру­кIине ккола гIумруялъе сана­гIатал шартIал ругел ва лъималазул ахаздасаги, школаздасаги, больницабаздасагун поликлини­кабаздасаги рикIкIад гьечIел. Гьаб­сагIаталда гIадамазухъа гIа­рацги бакIарун ралел минабазул хIакъалъулъ миллионалдаса цIикIкIун къотIи буго – гьел киналго ран рахъинаризе ва гIа­дамал махсараде кквеялъе нух къазе ккола», — ян абуна В. Путиница.
Гьединго президентас бицана «Шагьаралъул санагIатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон, анлъго соналда жаниб къачIазе ва цIигьабизе бугин 30 азаргоялдаса цIикIкIун жамгIияб бакI – ахал, ралъадал яги гIурул рагIалал ва цогидабги. «Амма гьелдаго цадахъ кIочене бегьуларо шагьаразул рагIаллъабазда гIумру гьабун ругел гIадамалги. Гьенирги гIуцIизе ккола шар­тIал», — ан абуна улкаялъул президентас.