Мадугьалгун гьуинго лъикI

Дагъистаналъул вакилзаби щвана Чачан Республикаялде

 

Данделъи байбихьулаго, кIиябго республикаялъул вакилзабаз гъолбасана парламентазул цадахъаб хIалтIул хIакъалъулъ къотIиялда. «Гьеб къотIиялъ жеги щулалъизабизе буго кIиябго парламенаталъул гьудуллъи», — ян абуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас.
«Чачаналдаги Дагъистаналдаги гьоркьор киданиги рукIинчIо цоцазда ричIчIунгутIиялъул хIужаби. Буго чIезабураб болжал ва нилъеца тIубазе буго цебелъураб масъала», — ян абуна ЧРялъул парламенталъул председатель МухIамад Даудовас.

Щуабилеб февралалда Грозныялде гьабураб дагъистаниязул сапаралъул аслияб мурад букIана Дагъистаналъулги Чачаналъулги гIорхъаби чIезариялъул масъала тIубай.
Гьенире ун рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Камил Давдиевги, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель – ДРялъул ракьулгун мулкалъул гьоркьорлъабазул министр Екатерина Толстиковаги, ДРялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул аграрияб политикаялъулгун тIабигIаталдаса пайда босиялъул рахъалъ комитета­лъул председателасул заместитель ГъазагIали Мисиевги, цо-цо районазул бутIрулги, Пачалихъияб регистрациялъулгун кадастралъул ва картографиялъул федералияб хъулухъалъул ДРялда бугеб управлениялъул вакилзабиги, ДРя­лъул коммерциязулал гурел гIуцIабазул советалъул председатель Шамил Хадулаевги. Гьезул бетIерлъуда вукIана ДРя­лъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов.
Чачан Республикаялъул парламенталъул председатель МухIамад Даудовас абуна гIорхъаби чIе­за­риялъул комиссиялъ хIаракат ба­хъизе бугин Россиялъул прези­дентас цебелъураб масъала тIу­ба­забизе.
Данделъи байбихьулаго, кIияб­го республикаялъул вакилзабаз гъолбасана парламентазул ца­дахъаб хIалтIул хIакъалъулъ къо­тIиялда. «Гьеб къотIиялъ жеги щулалъизабизе буго кIиябго парламенталъул гьудуллъи», — ян абуна Хизри ШихсагIидовас.
Гьенибго тIобитIараб данделъиялда бицана ДРялъулги ЧРялъулги гIорхъаби мухIканго кагътиде росизе ккеялъул хIакъалъулъ. «Чачаналдаги Дагъистаналдаги гьоркьор киданиги рукIинчIо цоцазда ричIчIунгутIиялъул хIужаби. Буго чIезабураб болжал ва нилъеца тIубазе буго цебелъураб масъала», — ян абуна МухIамад Даудовас.
Хизри ШихсагIидовас кIвар­бусси­набуна гIорхъода ругел районазул бутIрузул жавабчилъиялде ва абуна, тIолабго гIорхъи мухIкан гьабулебгIан заманалъ, кIиябго республикаялъул районазул бутIрул цадахърекъон хIалтIизе кколин абун.
Данделъиялъул гIахьалчагIаз хал­гьабуна гIорхъода ругел ракьазул интерактивияб картаялъул. Гьез мухIкан гьаруна цо-цо суалалги. Районазул администрациязул бутIруз абуна, мадугьалзабазулгун дандеккунгутIаби жидер гьечIилан. «Нилъеца чIезабулеб гьечIо цIияб гIорхъи – гьеб цебего чIезабун буго, 1950-абилел соназдаго. Цебе гIорхъи чIезабулаан пуланаб гохIдаса пуланаб гIурухъе щвезегIан абун. Гьанже руго цIиял къагIидаби ва гIорхъиялъул хъвай-хъвагIай гьабизе къваригIун буго. Нилъеда тIадаб буго гIицIго гьеб гIорхъи мухIкан гьабиги гьелъул мурадалда ва, гьабсагIаталда хIалтIулел законазда рекъон, цадахъаб хIалтIи гIуцIиги», — ян абуна ЧРялъул парламенталъул председателас.
Данделъиялдаса хадур дагъис­таниял къабул гьаруна ЧРя­лъул бетIер Рамзан Къадировас. Гьениб­ги бицана гIорхъабазул хIа­къалъулъ. «Дагъистаналдаги Ча­­чаналдаги гьоркьор гьечIо ни­лъе­хъа тIуран бажаруларел масъалаби. Жакъа нилъеца бицана цогояб пачалихъияб сияхIалда республикабазул гIорхъабазул хъвай-хъвагIай гьабиялъул хIакъалъулъ. Нилъеца къотIи гьабуна ракьулгун хIалтIаби гьарулаго, регионалияб даражаялда цоцазулгун щулияб бухьен гьабизе. Гьединалго тадбирал гIуцIун руго тIолабго улкаялда», — ян бицана Рамзан Къадировас.