Хиса-баси

Тахшагьаралъул цIияв бетIер

Мэрасда цIар чIвана

Тахшагьаралъул мэрасул хъулухъа­лъе гIоло къеркьолев вукIана 40 чи. Гьезда гьоркьоса ункъояс, рищиязул заман тIаде щвелалдего, кандидатура нахъе бахъана, кIигояс инкар гьабуна комиссиялда цебе кIалъаял гьарун хадуб ва кIигояв вачIинего вачIинчIо рищизул комиссиялде жидерго программабигун. Щивав кандидатасулгун гара-чIвариялги гьаруна комиссиялъул гIахьалчагIаз. Гьел тадбиразул хIасилалда, къецалда гIахьаллъизе ихтияр щвана лъабго кандидатасе: Салман Дадаевасеги, ГIабдулмуъмин Ибрагьимовасеги, Элмира Абиевалъеги. Ибрагьимовасги, къец тIобитIулеб заманалда, инкар гьабуна гьеб ишалъулъ гIахьаллъизе.
МахIачхъалаялъул мэр вищана тахшагьаралъул собраниялъул депутатаз: данделъиялде вачIун вукIана 41 депутат (кинавниги вуго 45). Гьезул гIемерисез гьаркьал кьуна 39 сон барав Салман Дадаевасе ва гьев вищана бетIерлъунги. Абизе ккола гьел рищиял рукIанин хIакъикъаталдаги рагьараллъун ва демократиялъул нухдасан тIоритIараллъун.
Салман Дадаев гьавуна 1979 соналъул 18 июлалда МахIачхъалаялда. ЛъугIизабуна ДГУялъул юридикияб факультет ва хIалтIизе байбихьана «Сулахъэнерго» ОООялъул юридикияб отделалда.
2004-2010 соназда вукIана Москваялъу­л Метрогородок районалъул управаялъул юрист­лъун ва 2010 соналъул маялдаса нахъе – рехсараб управаялъул бетIерасул заместительлъун.
КIиго соналдасан С. Дадаев тIамуна Сокольники районалъул управаялъул бетIерасул заместительлъун ва 2014 соналда – Хорошево-Мневники районалъул управаялъул бетIерасул тIоцевесев заместительлъун. 2017 соналъул маялдаса нахъе вукIана Басманияб районалъул управаялъул бетIерлъун.