Данделъи

Миллияб политикаялъул масъалаби

 

ДРялъул хIукуматалъул пред­­се­дателас тIобитIараб дан­делъиялда бицана, пачали­хъияб миллияб политика гIум­руялде бахъинабулаго гьа­­рулел ругел хIалтIабазул хIа­­къа­лъулъ.
Гьеб рахъалъ гьабулеб хIал­­тIул хIакъалъулъ бицана ДРя­лъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министр Татьяна Гамалейица. Гье­лъул бая­назда рекъон, 2013-2014 со­назда министерствоялъ муниципалитетазулгун къотIаби гьаруна миллиял бухьенал щулалъизариялъул хIакъалъулъ. Гьезда рекъон, 29 муниципалияб гIуцIиялдаги шагьаразул округаздаги хIа­ду­­рун руго муниципалия­л прог­раммаби ва 23-ялда – ми­лла­­тазда гьоркьосеб рекъел цIу­ниялъул хIакъалъулъ планал.
Гамалейил баяназул хIасил гьабулаго, Артем Здуновас абу­на, цIикIкIараб кIвар бусси­набизе кколин хIалуцарал лъугьа-бахъинал кколел ба­кIаз­деян.
Миллатазул гьудуллъи щулалъизабиялъул мурадалда гIу­­цIун рукIарал тадбиразул хIа­къалъулъ бицана ДРялъул информатизациялъулгун бухьеналъул ва коммуникациязул министр Сергей Снегиревасги ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги.
Данделъиялда Пачалихъи­ял закупкабазул комитета­лъу­л председателасул ишал тIу­­ра­лев Жапар ХIажибеговас би­цана пачалихъиял закупка­ба­зул ра­хъалъ гьабураб хIал­­тIулги. Гьес абуна, гьеб хIал­­тIи гьабулаго, республикая­лъе тIокI­лъизабунин 795,4 млн гъуруш.