Администрациялъул ишал

Якутскиялъул мэралъул бажари

РакIбухIун гIодани, беццаб бадисаги магIу бачIуна

Якутск шагьаралъул мэр Сардана Авксентьевалъ хIалтIи гIуцIулеб бугеб къагIидаялъул хIакъалъулъ ахираб заманалда, гIемер бицунеб ва хъвалеб буго. Щибха гьелъ гьабулеб бугеб? Гъоркьиса сентябралда Якутск шагьаралъул мэрлъун йищарай гьелъул тIоцебесеб галилъун букIана жамгIияб транспорталда рекIаралъухъ босулеб багьа дагь гьаби. Хадубго цун, аукционги лъазабун, мэриялъул хириял машинаби (Toyota Land Cruiser, Nissan Patrol) ричана ва шагьаралъул бюджеталъе щвараб анкьго миллион гъуруш социалияб такси гIуцIиялъул мурадалда хIалтIизабуна. Гьединго муниципалиял хIакимзабаздаги тIадаблъун гьабуна чIухIарал машинаби ричи ва гьезда лъазабуна мэриялъул балансалда ругел «УАЗиказда» рекIайилан. Дагьаб цебе цIияб соналъулаб корпоративалъул бакIалда, мэриялъул хIалтIухъабаз гурхIел-рахIмуялъулаб акция тIобитIиги ккола гьелъул хIаракат.

Октябралъул авалалда Интернеталда лъун букIана гIаздал цIураб шагьранухде хъил тIолеб видео. Гьелдаса хадуб Авксентьевалъ подрядчикасулгун гьабураб къотIи-къай хвезабуна ва гьесие гIарац кьечIо. ЦIияй мэралъ гIадлу-низам гьабизе байбихьана шагьаралъул цогидал рахъаздаги. Масала, гьелъ инкар гьабуна бюджеталъул гIарацги хвезабун, «Хасел бачIуна Якутиялдаса» абулеб фестивалалде модельер Ирина Крутикова ахIиялдаса. Цересел соназда гьеб тадбир тIобитIулаго, мэриялъ Крутиковалъе кьолаан 800 азарго гъуруш. Авксентьевалъ гьеб гIарцухъ росана школазда лъезе гьава бацIцIад гьабулел алатал. Мэралъ инкар гьабуна Якутскиялда «Корсар» абураб балет бихьизабиялдасаги. Гьелда тIадги харж гьабулаан 1,5 миллион гъуруш. Гьелъ лъазабуна шагьар бакIаризе унеб 40 миллион гъуруш кин харж гьабулебали. Гьеб гIарцуде муниципалитеталъ хIалтIуде восизе кколаан 100-ялдаса дагь гьечIев
къватI-къоно бакIарулев чи. Гьедин бугониги, гIадамазул гIарз букIана къватIал ракIарулел гьечIин абун. Шагьаралъул бетIералъ цIех-рех гьабидал баянлъана, масала, цо округалъул управаялда 15-ясул бакIалда кIиго гурони чи хIалтIулев гьечIевлъи, гьелги, гIемерисеб мехалда, ратана мехтун. Управаялъул бетIер хъулухъалдаса вахъана. Азбар бакIарулел чагIи жакъа якутскиялъулал разияб къагIидаялъ хIалтIулел руго.
Авксентьевалъ тIад хIучч цIана шагьаралъул МКУялъул ишазул управлениялда цIияб сонил банкет тIобитIизе къачIалеб букIараб тендералда. Гьеб тадбиралъул комиссиялъул председатель Максим Артемьев «жиндиего бокьун» хIалтIудаса ине ккана. Банкеталда хвезабизе бихьизабун букIараб 795 азарго гъуруш тIокI гьабуна.
Жакъа Сардана Авксентьева лъугьун йиго Россиялдаго машгьурай мэрлъун. Хадуб щиб ккелебали лъаларо, амма жакъа бихьулеб буго гьелъ хIалтIул низам тIубанго хисизабулеб букIин.
РачIаха Якутскиялъул мэралъул хIалтIи дандекквезе нилъер шагьаразул мэразул «хIалтIуда». БатIаго дандеккунги щиб гьабилеб, нилъеразул хIалтIи берда цебе бугеб мехалда. Нечезе ккараб хIужаго гьечIищ лъабго соналда жаниб республикаялъул тахшагьаралъул ункъо мэр туснахъ гьави. МахIачхъалаялъул мэраз жидеего ракьалда алжан гIуцIулеб букIин бихьулел цогидал шагьаразул ва районазул бутIрулги хIанчIи гурелъул, гьезги мисал босана тахшагьаралъул мэраздаса.
Гьаб макъала хъваялъул аслияб мурад ккола жеги рекIелъ иман ва яхI-намус хутIарал шагьаразул, районазул ва росабазул бутIруз Якутскиялъул мэралъ гьабулеб хIалтIудаса мисал босилин абураб хьул загьир гьаби. ХIалтIи гьабизе гIарац гьечIин абун, лъугIиго гьечIеб гIарз букIуна районазул ва росабазул цо-цо бегавулзабазул. «РакIбухIун гIодани, беццаб бадисаги магIу бачIуна», — ян абула магIарулаз. Амма Якутск шагьаралъул мэралъе гIадин, лъиего бокьулеб гьечIо «гIодизе».
Цебе заманалда ГьентIа росдал бегавуллъун вукIун вуго КIудияв ГIалибег абулев чи. ЖамагIаталда гьес лъазабун буго, мегъ къайдал хIайванал магъилъе риччани, гIадлу гьабизе бугилан. Амма хIайванал магъилъа камулел рукIун гьечIо. Цо пуланаб къоялъ бегавулас, речIчIун таманчагун, кварида бухьараб жиндирго хIама чIван буго. «Кварида бухьараб хIама щай чIвараб?» — абун гIадамаз цIехедал, гьес абун буго: «Кваридаса борчIарабго ролъул хурибе ине хьулалда букIанин гьеб хъурумсахъ», — илан. Гьелдаса нахъе, ГIалибегица чIвалин хIинкъун, гIадамаз цониги хIайван хурзабахъеги биччан гьечIо.
Гьандихъ росдал бегавуллъун хIалтIулев МутагIилов ГIабдурахIманхIажияс жиндирго харж жамагIаталъе пайдаял ишазда тIад хвезабула. Гьелда рекъон, гьес росдае гьарулел хIалтIабазул бицен республикаялдаго тIибитIунги буго. Гьал мисалал рукIине ккела халкъалъе хъулухъ гьабизе ният бугел бегавулзабазе пайдаял дарсаллъун.
Нури Нуриев