Администрациялъул ишал

Шагьаралда бараб нур

МахIачхъалаялда рагьана цIигьабун къачIараб «афгъаназул» парк

15 январалда ДРя­лъу­л тахшагьаралда махIач­хъа­лаялъулазе ва гьалбазе тIобитIана цIигьабун къа­чIараб ра­гъухъаби-интер­на­цио­налистазул парк рагьиялъул тадбир.
Гьелда гIахьаллъана Ма­хIачхъала шагьаралъул бе­тIе­расул ишал тIу­ралев Мурад ГIалиевги, генерал-майор ГIу­мар МуртазагIалиевги, Ма­­хIачхъалаялъул рагъулаб комиссариаталъул началь­ник, запа­салда вугев полковник Муртуз Идрисовги, «афгъаналги», жам­­гIиял хIа­ра­катчагIи ва гIадатиял гIа­да­малги.
Данделъаразда байрамги баркун, тахшагьаралъул бетIерас бицана гIезегIан чагIазе бокьун букIанила паркалъул ракьалда тIад кверщел гьабизе. «Шагьаралъул администрациялъ паркалда кIудияб хIалтIи гьабуна. Нижехъа бажарана парк цIунизе ва къачIазе. Гьединго, «Шагьаралда рукIа-рахъиналъе санагIатал шартIал гIуцIи» абураб федералияб программаялда рекъон, администрациялъ къачIана 23 азбар ва щуго жамгIияб бакI», — ан кIалъана Мурад ГIалиев.
ЦIигьабун къачIан хадуб парк лъалаго хисана: гьениб лъуна тIад чирахъал рекъезарураб 37 хIуби, 15 хьонбакI, рищни жанибе базе къалал, воркаут-майдан, лъималазе майдан. Гьениб гIурччинлъиялъ ханлъи гьабиялъул мурадалда, Горзеленхозалъул хIалтIухъабаз чIана цIиял гъутIби, хъархъал, тIугьдул, гьаруна гIемерал хIалтIаби. Лъаларедухъ хисана паркалъул куц-мухъ, гьелъул архитектуриял формаби – тIубанго цIигьабун къачIана арт-объект, гьелда чIван руго 1979-1989 соназда Афгъаналъул рагъулъ чIварал ра­гъухъабазул суратал. Гьеб кинабго композиция къалъизабулеб буго неоналъулал чирахъаз, берцин гьабун буго аскIор ругел тIугьдузул клумбабаз.
ГIажаибаб берцинлъи кьолеб буго паркалъе архитектораз бараб иццалъ.
«Бихьулеб бугониги, дун гьаб берцинлъиялда божулев гьечIо. Хасго рокьана карусель ва качелал, гьанже лъималазе рес буго расандизе ва рекерахъдизе. Цебе парк букIана хIалкъараб, гьанже гьаниса нахъе ине бокьулеб гьечIо», — ян бицана паркалда аскIоб бугеб гIемертIалаяб минаялъуб гIумру гьабун вугев АхIмад ГIумаровас.
Халкъияб Собраниялъул депутатаз лъикIаблъун рикIкIана парка­лъул аслияб аллеялда бюстал лъезе, аскIоб бугеб къватIалда бахIарчи-афгъанасул цIар лъезе, гьединго паркалда тIад РФялъул Юстициялъул министерствоялъул Северияб Кавказалъул Россиялъул правовияб академиялъул филиалалъул кидагосеб шефасулаб жавабчилъи чIезаби.
Гьединго тахшагьаралъул администрациялъ хIадурулеб буго рагъу­хъаби-афгъаназул хIурматалда паркалда музей рагьиялъул проектги.
Паркалъул хIакъалъулъ бицунаго, гьадинаб баян кьуна МахIачхъала шагьара­лъул ЖКХялъул инженер-инспектор ТаймазхIажиев ГIа­ли­бе­гица:
— ГIаммаб къагIидаялда паркалъул гIатIилъи бахуна 15 азарго кв. мет­ралде. Гьелъул 13 азарго кв. метр буго тахшагьаралъул администрациялъул жавабчилъиялда, кIиазарго кв. метр – пуланав чияс ижараялъе босунги буго. Парк къачIалаго, харж гьабуна 19 миллион гъуруш. Гьанжеялдаса нахъе паркалъе хъулухъ гьабизе буго «Горзеленхоз» МУПалъ.
Нури Нуриев