ЖамгIияталда — мустахIикъаб бакI

ДРялъул Журналистазул союзалъ кIодо гьабуна Печаталъул къо

 

РакIрагьараб накъит 
ДРялъул бетIер дандчIвана республикаялъул СМИязул журналисталгун

— Республикаяъул ункъо газеталъ нахъа тана гIасруялъул нух. Россиялда 100 сон тIубарал газетазул юбилеял тIоритIана кIудияб къадруялда. Нилъер республикаялда абуни гьеб тарихияб лъугьа-бахъин, гIарац гьечIин багьанаги батун, тIаса бихьизабуна. Жеги кватIун гьечIо нахъеги гьеб суалалде тIадруссине. Миллиял газетазул дагьал гьечIо кIвар кьезе ккарал суалал. Гьел киналго руго республикаялъул ва газетазул нухмалъулелги данде­лъун тIуразе кIолел. Бокьилаан гьеб киналъулго бицун гара-чIвари гьабизе рес батани.
В.Васильев:
— Дун хIадур вуго нужее кумек гьабизе ва гьел суалазул бицун мунгун дандчIвазе.

Гьелда гIахьаллъана «ХIакъи­къат» газеталъул бетIерав редактор, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камалов, республикаялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибов, Дагъистаналъул бе­тIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул информациялъул управлениялъул нухмалъулев Зу­байру Зубайруев, ДРялъул информатизациялъул, бу­хьена­лъул ва коммуникациязул министр Сер­гей Снегирев, Россиялъул по­ча­лъул управлениялъул Дагъис­таналда бугеб филиалалъул нухмалъулев МахIач МухIамадов, газетазул редакторзаби ва ветеранал.
Данделъи рагьулаго, ГIали Камаловас абуна: «Дагъистаналъул журналистикаялда руго гIемерал гIунгутIаби, гьезул нилъеца жакъа бицинаро. Гьезул гIемерисел руго регионалъул нухмалъиялда рухьарал, цадахъ рекъон хIалтIани, тIагIинарун бажарулел. Гьал къоязда букIана ДРялъул бетIерасулги республикаялъул печаталъул вакилзабазулги дандчIвай. Гьенире цо-цоял ахIун рукIинчIо. Хадубккун ракIалде ккола нилъеца гIолелги гIоларелги рахъазулги цогида­лъулги цадахъ гIодорги чIун бицине батилин. Нилъер адаб гьабуларебани, гьанире хIукуматалъул вакилзабиги рачIине рукIинчIо. РачIа цадахъ хIалтIизе», — ян.
КIалъазе вахъарав Анатолий Карибовас абуна: «ГIали Камалов ккола цевегоялдаса журналистикаялда гъорлъ вугев, хIалбихьи бугев, гьеб рахъалъул гIадамазда гьоркьов Россиялдаго хIурмат гьабулев, жиндирго пикруялъе хилиплъуларев инсан. Гьединлъидал гьес бицаралъухъ нижецаги гIинтIамула. Кинабго рагIа-ракьанде щвезабун бажаруларо, амма ругел гIунгутIаби нилъеца тIагIинарила. Баркула киназдаго профессионалияб байрам», — ян.
ДРялъул информатизациялъул, бухьеналъул ва коммуникациязул министр Сергей Снегиревасги баркана журналистазда байрам: «РФялъул Журналистазул сою­залъул председатель Владимир Соловьевасги баркулеб буго Дагъистаналъул журналистазда байрам. ГIицIго нилъер регионалде битIун бачIун буго гьес баркиялъул телги. Гьес лъикIаб къимат кьолеб буго нужер махщалиеги. Аслияб жо буго, республикаялъул бетIерас, киназдаго рагIизабун, хIукму гьабуна киналго – пачалихъиялги жалго бетIергьаналги – басмабазул подписка гьабизе. РакIбохизабула, печаталъу­л СМИязул къадру ва гьез жам­гIия­талда мустахIикъаб бакI кко­леб букIиналъги. Гьелде тIа­деги, регионалъул бетIерасул ру­го журналалги газеталги це­ретIезариялъул хIакъалъулъ хасал пикраби», — ян абуна гьес.
«Интернеталъул заманалд­а цIикIкIунеб буго печаталъу­л гу­­рел, электрониял сурсата­зул гьурмазде ралагьулел гIа­да­­мазул къадар. Абиларо, гьениб ритIухълъиги букIунин, ма­­цIалъул бацIцIалъиги цIунулин абун, амма киназдаго лъала, гIо­леб гIелалъе гьез кIудияб асар гьабулеблъи. Хехал тадбирал гьарун нижехъа бажарулеб батичIониги, нилъеца хIаракат бахъизе ккола, Интернеталъул сурсатазулгун къец гьабун бажарулеб хIалалда ру­кIине», — ян абуна Зубайру Зубайруевас.