Анкьил хIасилал

МустахIикъазе — шапакъатал

 

Шапакъатазе мустахIикълъана росдал магIишаталъул, промыш­ленносталъул, медицинаялъу­л, гIел­муялъул, лъайкьеялъу­л, ма­да­нияталъул, жамгIияб хIаракат­чи­лъиялъул, пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъазул мах­щелчагIи.
Республикаялъул бетIерас би­­цана щуабилеб тIалаялдаса йор­тарай яс хвасар гьаюрал бихьиназул бахIарчияб ишалъул хIакъалъулъги. Яс хвасар гьаюрал Айдемир Кулдуевги ТIагьир МухIамадовги мустахIикълъана «ДРялда цере гьарурал хъулухъа­зе гIоло» орденазе.
ДРялъул бетIерас абуна хасал шапакъатазе мустахIикъал ругин ни­лъер учительзабиги ва баркала кьуна ракIбацIцIадго тIадаб иш гьабуразе.
Медицинаялъул сестрабиги кIочон течIо гьесда. «Масала, Нурипат Иман­­шапиева 40-ялдаса цIикIкIун со­­налъ хIалтIулей йиго Казбек райо­налъул больницаялда медсестралъу­н. Гьелъул лъикIаб гIа­маллъунги ккола унтараздехун гурхIалилаб бербалагьи гьаби», — ян абуна Владимир Васильевас.
Республикаялъул бетIерас баркала загьир гьабуна производствоялда хIалтIулезе, росдал магIишаталъул захIматчагIазе, промышленниял предприятиязул хIалтIухъабазе, гIадамазул гIумру хвасар гьабулезе. КIочон течIо гьунар бугел хIалтIухъабиги.
«Жакъа нилъеда гьоркьор руго маданияталъул, адабияталъул, искусствоялъул хIаракатчагIи. Дюранд Су­туев ккола Россиялъул ФСБялъул ансамблялъул солист-вокалист. Гьев концерталгун щола гIемерал улкабаздеги. Расул БахIамадов, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул вакил, Дагъистаналъул хъвадару­хъан, фольклорист ва драматург. Гье­сул асарал Россиялъул халкъазул прозаялъул антологиялде гъорлъе уна. КъурбангIали МухIамадов – Россиялъул Художниказул сою­за­­лъул Дагъистаналъу­л отде­лениялъу­л председатель — гьесул хIалтIул ку­ме­калдалъун Дагъистаналъул гIо­ло­хъанал художниказе рес щола выставкаби гIуцIизе»,- ян абуна Владимир Васильевас.
«ДРялда цере гьарурал хъу­лухъа­зе гIоло» орденал кьуна РАНалъул ДНЦялъул Этнополитикиял цIех-ре­хазул регионалияб централъул гIел­мияв хIалтIухъан Низами Казиевасе, Халкъияб Соб­раниялъул комитеталъул пред­­­седателасул заместитель ХIа­­­мидулагь МухIамадовасе, ху­дож­ник-скульптор ГIали-ХIа­жи Сайгидовасе.
«Эбелалъулаб» абураб орденалъе мустахIикълъана Дербент районалдаса гIемерал лъималазул эбел Магьизад ГIабасова. «ДРялъул социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъулъ лъураб бутIаялъухъ» медаль кьуна Буйнакск шагьаралъул «ЗАО Мущарака» ОООялъул бетIерав инженер Закир Басриевасе. «ЗахIматалъухъ» медалалъе мустахIикълъана «Нариман ГIалиевасул цIаралда бугеб» АОя­лъул тракторист, Дербент районалдаса ГIали АхIмадов ва цогидалги.
ПатIимат СултIанмухIамадова