Лъималгун дандчIвай

Пагьмуял гIолилазухъ гьоболлъи бана

Республикаялъул бетIер щвана «Кванториум» абураб лъималазул технопаркалде

ДандчIваялда рукIарал цIал-дохъабазде гьадинаб хитIаб гьабуна республикаялъул бе-тIерас: «Нуж руго гIелцоязе гурелги, чIахIиязеги мисаллъун. ГьабсагIаталда нужер цIалиялъе лъикIал шартIал гIуцIун чIахIиязухъа бажарани, гIагарал соназда Дагъистанги цебетIезе буго. ЦIалулъ икъбал гьарула дица нужее, щайгурелъул гьеб мехалъ нужер нухккун унеб жамгIиятги букIине буго ритIухъаблъун, киналго рахъаз цебетIураблъун ва гьединаб жамгIияталда гьоркьоб гIумру гьабизе гъирабазе буго киназулго.
Дагъистан буго цIакъ гьайбатаб республика ва нилъеда бараб буго гьеб цогидал регионаздаса лъикIаблъун букIинаби. Гьелъие гIоло гIемер хIалтIизе ккола, ва дир хьулги буго нужеде: нужер мисал буго нижее хириябги кIвар бугебги», – ян.
ЦIалдохъабаз гIемер суалал кьуна республикаялъул бетIерасе. Гьесги гъираялда кьолел рукIана жавабал. Владимир Васильевас гьезие бицана промышленнияб цебетIеялъул хIакъалъулъ (Гъизляралъул КЭМЗалъул ва цогидал предприятиязул мисалалги рачун).
ЛъикIал цIалдохъабазе Васильевас кьуна сайгъаталги.